МагъчIваялъе рес

ЦIунтIа мухъалда хун вуго чанго чи


4 июналъул радал ЦIунтIа мухъалъул Сагьада росдада аскIоб кIкIалахъе бортун буго I6 чи жанив рекIараб автомобиль. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда мухIканал гурел баяназда рекъон 10 гIан чи хун вуго. БакIалъул гIадамаз лъазабулеб буго гьеб автомобиль бортиялъе гIиллалъун бугила ЦIунтIа мухъалда цIакъго квешал нухал рукIин.

АрбагI къоялъул радал ЦIунтIа ва ЦIумада мухъалъул гIорхъода бугеб I50 гIан метр борхалъи бугеб кIкIалахъе бортун буго I6 чи рекIараб автомобиль, гьезул 8 рукIун руго лъимал. Дагъистаналъул жанисел ишазул министрелъиялъул пресс-хъулухъалъул баяназда рекъон гьезул 6 яв чIаго хутIун вуго, гьел руго руччаби ва лъимал. Дагъистаналъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъул хIалтIухъаби ун руго гьенире гIадамал хвасар гьаризе, амма гьеб идараялъ жеги киналгIаги баянал кьолел гьечIо. Гьезул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъан МухIамадова Написатица «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна кинабго хIакъикъат лъачIого жидеца кинал рукIаниги баянал кьун бажаруларила.

Гьаб сагIат гьеб авария ккараб бакIалда хIалтIулел ругила жидер хасал хIалтIухъаби, тохтурзаби, хвасар гьарурал гIадамазе медицинаялъулаб кумек къваригIани гьел МахIачхъалаялде рачине хасаб вертолетги анила гьебине боржунилан. Написатица бицана арбагI къоялъул къад 3 тIубараб мехалда жидер хIалтIухъабаз кьурал баяназда рекъон авариялде ккаразул цо лъимер батун буго гьезда, хутIарал ралагьулелги руго. Гьеб автомобиль гъваридаб кIкIалахъан унеб гIурулъе бортун букIиналъ бортараб автомобилалъур рукIарал гIадамал ралагьизе захIмалъулеб буго гьел хвасар гьаризе аразеги.

ЦIунтIа мухъалдаса МухIамадов МухIамадица «Эркенлъи» радиоялъе бицухъе кIкIалалъе бортараб гьев автомобиль ЦIунтIа мухъалъул Шаикь росулъа Гъизилюрталде ине букIун буго. Гьеб мухъалда гIурхъи цIунун ругезда бихьун буго автомобиль кIкIалахъе бортун инеб, гьел кумекалъе рекерун руго, гьедин тIаде хасал идарабазул хIалтIухъаби щвелалде гIурхъи цIунулез чIаго ратарал гIадамазе кумек гьабун буго. Гьеб автомобиль бортараб бакI нухлул кутакалда квешаб кесек букIиналъ, гьеб бакI тезегIан автомобилалъур рекIарал къватIире рахъун рукIун руго, гъоркье бортулелъуб гьеб бачунев вукIарав чиги кIанцIун вуго къватIиве. Гьел лъабалго чIаго хутIун ругин абулеб буго МухIамадов МухIамадица, амма хасал идарабаз гьеб информациялда хурхун кинабгIаги баян кьолеб гьечIо.

Дагъистаналъул нухазул полициялъул лъазабиялда рекъон ЦIунтIа мухъалда авария ккелалъе гIиллалъун букIун буго цIцIадаца тамахлъизабураб, чурун инабураб чабххил нух, гьелдасан хъущтIун бортун буго гьеб автомобильги. Амма МухIамадов МухIамадица лъазабулеб буго гьеб нух гьанже цIадал раялъ хвараб жо гурила, гьеб чанги саназ тIасан квербосун тараб, хвараб, кутакалда санагIалъи бахъараб нух бугилан.

МухIамадов МухIамад: «Гьеб авария ккеялъе гIиллалъун буго квешаб нух букIин, гьеб буго советияб заманалъго гьабулеб букIараб, гьанже тIасан квер босун тараб нух. Щибаб санайил къачIазейин, цIидасан гьабизейилан абун харбалги рицун, цо-кIиго километр нухлулги къачIан тIокIаб хIалтIи гьабуларо гьениб. Гьеб къачIа-кIатIазе I-2 миллион гъурущ гIарацги биччан лъугIула гьелъул иш. БакIалъул гIадамаз жидеца квераз къачIала гьеб. Гьеб буго коррупциялъулаб нух, гьелъ чанги чагIи «кваназарула». Гьеб буго тIолабго мухъалъул гIадамал хьвадулеб нух. КигIан квешаб нух букIаниги гIадамал гьенисан хьвадула, щай гурелъул гьенисан унелъул МахIачхъалаяде нух нижее I00 километрагIан къокълъулелъул. ХIакимзабиги гьезул лъималги хьвадуларо гьенисан, гьединлъидал гьезие гьеб нух лъугIаниги лъугIичIониги ургъелги гьечIо. Гьелъул тIалабги лъицаго гьабулеб гьечIо.

Дагъистаналъул нухазул полициялъул баяназда рекъон исана соналъ Дагъистаналда ккун буго кинабниги 280гIан авария, гьезул хIасилалда хун вуго I00 ялдаса цIикIкIун чи, сакъатлъи ккун буго 200 гIан чиясе.
XS
SM
MD
LG