МагъчIваялъе рес

ХIижаб ретIиналда «дандечIараб» Каспийск


Каспийскалъул 8-билеб школалъул цlалдохъаби, 18Aпр2014
Каспийскалъул 8-билеб школалъул цlалдохъаби, 18Aпр2014

Дагъистаналъул Каспийск шагьаралъул школазда ясазе исламияб ретIел ретIизе гьукъулеб букIиналъул хабар баккун букIана гьал къоязда. Абулеб букIана шагьаралъул нухмалъиялъ хасаб коммиссияги гIуцIун лъазабун бугин киналго школазда букIине кколин цо чIезабураб ретIел ва хIижаб чIварал ясал рукIине бегьуларин цIалдохъабазда гьоркьорин. Амма гьеб хабар битIараб гьечIолъи баянлъулеб буго гьаб макъалаялдасан.

Каспийск шагьаралъул нухмалъиялъ хIукму гьабун буго хасаб коммисияги гIуцIун щагьаралхул школзад ясаз исламияб ретIел ретIине бегьуларилан вагIзаби гьаризе. Гьеб баян хамиз къоялъ къватIибе кьуна Wordyou.ru агентлъиялъ.

Пачалихъиял къануназда рекъон хIалтIулеб школазда букIине кколин цо чIезабураб ратIлил формаян лъазабун бугин гьез школалъул нухмалъулезда. Шагьаралъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев Сунгуров Иосифгун цадахъ гьел ун руго Каспийскалъул лъабабилеб, микьабилеб ва ичIабилел школазде. Бищун гIемерал хIижаб чIварал ясал жидеда ратанин микьабилеб школалда, гьезул директорасулгун гара-чIвари гьабунин жиндицаян баян кьун буго лъай кьеялъул нухмалъулес.

«Эркенлъи» радиоялъул хIалтIухъан щвана бицен гьабулеб Каспийскалъул микьабилеб школалде. Школалъул нухмалъулев гьенив ватичIо, амма гьев хисулей Гъазиева Кисиханумица бицана жидер гьанибе кинабниги коммисияги бачIун букIинчIин, хIижаб чIварал ясаздехунги жидер гьаниб кинабниги дагIба букIунарин. ХIакъикъаталда жидер гьанир хIижаб чIварал ясазул гIаммаб куцалъ къогониги чи вугиланги абун гьелъ. Гьел батIи-батIиял классазда цIалулелги ругилан.

Гъазиева Кисиханум: «Гьединаб тIадкъай нижее кьун букIинчIо лъицаниги, нижер нухмалъулевги бугеб ахIвал-хIал бичIчIулев чи вуго, хIижаб ретIинеги гьес гьукъуларо лъималазе. ГIицIго нижеца ясазда абула чIегIераб кьералъул ретIинчIого дагьаб хъахIаб кьералъул гIадаб кIаз чIвайилан. Шагьаралъул нухмалъиялъул рахъалдаса школазда хIижаб чIвазе бегьуларилан абураб комиссия гIуцIун букIиналъулги жакъа тIоцебе рагIулеб буго дида, нагагь гьединаб хIукму тIасанхун бачIани гьелда нахърилълъине ккола ниж узухъда, амма гьединаб хIукму жеги букIинчIоха. ХIижаб чIварал ясалги нижер гьанир бокьараб классалда ратизе бегьула, гьале гьабсагIатги руго гьел дарсида».

Каспийскаялъул 8-билеб школалда
Каспийскаялъул 8-билеб школалда
Нижеца гара-чIвари гьабуна анлъабилеб ва щуабилеб классалда цIалулел ругел, исламияб ретIел ретIарал ясалгунги. ХIижаб чIван хьвадулелдаса гьезул гIураб заман буго. лъабабилеб классалдаса нахъе ретIунин жидеца хIижабилан бицаан щуабилеб классалда цIалулей Нагьиматица. АскIоб бугеб классалда цIалулей Хамисилги чанго сон буго исламияб ретIел ретIине байбихьаралдаса Лъицаниги, хIижаб ретIун хьвадизе бегьуларилан, я школалда, я къватIиб жинда абичIиланги бицана гьелъ.

Ниж гьединго щвана цогидал школаздеги. Шагьаралъул гимназиялдаги «Эркенлъи» радиоялъе абуна жидехъе кинабниги комиссия бачIун букIинчIилан, амма хIижаб ретIарал ясалги жидер гьанир гьечIилан тIадежубана гимназиялъул нухмалъулей хисулелъ. Гьелъул рагIабазда рекъон гимназиялда киналго цIалдохъабазул буго цо ретIунеб ратIлил цо ккураб тайпа. Шагьаралъул нухмалъиялъул рахъалдасан гьединаб комиссия гIуцIун букIиналъул хабарги тIоцебе рагIулеб бугоан гьезда. Гьебго баян Эркенлъиялъе кьуна Каспийскалъул анлъабилеб школалдаги. ХIижаб ретIун хьвадулел ясал жидер гьанир гIезегIан ругин цIалулел.
XS
SM
MD
LG