МагъчIваялъе рес

ХIижаб хисун - чохтIо


ЧохтIо ретIарай магIарулай. Мусаев Халилбегица 1912 соналда бахъараб сурат.
ЧохтIо ретIарай магIарулай. Мусаев Халилбегица 1912 соналда бахъараб сурат.

«Лъай кьеялъулги, культураялъулги министерлъиялъе, гьединго бусурбабазул идараялъе тIадкъай кьун буго дица цадахъ гIодорги чIун школлъималазе цогояб ретIел ургъизе. ТIадагьаб кIаз щай букIине бегьулареб? Бокьани чIвай гьеб, бокьичIони чIваге», - гьедин абуна гьал къоязда республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас хIукуматалъул данделъиялда.

ГьабсагIаталда Дагъистаналъул школазда гьечIо школлъималаз ретIунеб цоккураб ретIел. Гьедин цояз Европаялъул, цогидаз гIарабазул ретIел, хиджаб буго дарсазде ретIунеб. Хасго хиджабалда тIасан гIемер дагIба буго Дагъистаналда гуребги, Россиялдаги. Масала, Ставрополалда гIумру гьабулел дагъистанияз гьеб суал бакIалъул диваналде щвезегIанги борхана.

Гьезие бокьухъе лъималазе хиджаб чIвазе биччаларин чIун рукIана мугIалимзаби. Ахиралда диваналъ хIукмуги гьезие бокьухъе къотIана.

Гьединго школазде хиджабги чIван хьвадулел лъималазда дандечIей гьабурал школазул директорал чIвана церегIан соназда МахIачхъалаялдаса рикIкIад гьечIеб Шамхал росулъги МухIарамкент мухъалдаги.

Гъуниб мухъалъул Гьонода росдал школалъул вакил Заира Мустафаевалъ ЭР-ялъе бицана риидал каникулалги кьун рокъоре унел лъималазда жидеца лъазабунин хаслихъе школалде рачIунелъул цогояб формаги ретIун рачIайилан – тIасан хъахIаб, гъоркьан – чIегIераб. Гьединго гьелъ абуна жидеда чIалгIун бугин эбел-инсуда лъазабун лъимал школалде гIараб формаги ретIун риччагеян.

Заира Мустафаева: «ГIемер семизе ккун, ахирги дица жибго тана гьеб суал. Исана школазда цогояб форма билълъанхъизабулеб бугилан рагIана. Хижабиланги абун гьеб ретIел ретIизе ккани, нилъер ракьалъул ретIел гуроха гьеб. ГIарабиялищ нилъ ругел? Дицани какги балаха, кIалги ккола.

Амма гьагъаб жо дида бичIчIуларо. ТIад хиджабалги чIван гьарулел руго ясаз жидеего бокьанщинаб жо. Цогояб форма бугони, гьелъ гIадлу-низамалдеги рачунел гьечIищха лъимал, гьединго бечелъи-мискинлъиялъул суалги лъугIулеб буго».

Унсоколо мухъалъул Балахьуниса МухIамадрасулица бицана жидер доба советияб заманалдаги гьанжеги цого куцалда хьвадулин лъимал школалде.

МухIамадрасул, Балахьуни: «Нижер доба совет хIукуматалъул заманалдаги гьанжеги букIунеб росдал ретIелги ретIун унеб гIадат букIанаха. Гьанже мисалалъе школалде унел ясазе кIаз чIвазе гьукъани, школалде инищха гьел, унаро».

Бицен гьабулеб суалалда тIасан ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна Шамил мухъалъул Гъогъолъ росдал мажгиталъул имам МухIамадрасулилгун. Бусурбанчи хIисабалда жинца абилила лъимал динияб къагIидаялъ хьвадизе ккелилан, амма хIакимзабиги цогидалги гьелъ нахъе кIанцIизаризе ратани, суал дагьалъ батIайисан лъезе бегьилила. Масала, чохтIо къалеб къагIида ургъизе бегьилила.

МухIамадрасул, Гъогъолъ росдал мажгиталъул дибир: «Хиджаб абураб жо доба гIараб хIукуматалдаса бачIараб, нилъее чияраб жо бугилан абизе бегьула. Гьединлъидал чохтIо бачеха гьенибе гьоркьобе. Нилъер умумузул къагIидаялде тIадруссин ккола гьеб. Гъора ругел хIакимзабаз гьединаб къанун бахъани, гIадамазда битIунги бичIчIилаан гьеб. ЧохтIоялъги гъорлъе рачунел ругелъул шаргIалъул шартIал».

Школлъималаз хиджаб ретIиналъул суал чIагояб эфиралдасан президент Путиниеги кьун букIана дагьалъ цебе. Гьес абуна хиджаб динияб ретIел гурин, гьеб бугин диналдехун жидер бербалагьи бихьизабулеб ретIел.
XS
SM
MD
LG