МагъчIваялъе рес

ГIумруялдаса ватIалъана «гIарабазул гъалбацI»-чачанав ГIалаудин АхIмад


ГIумруялдаса ватIалъана «гIарабазул гъалбацI»-чачанав ГIалаудин АхIмад
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:08 0:00
Интернет-мухъ

Гьал къоязда гIумруялдаса ватIалъана «гIарабазул гъалбацI»-чачанав, генерал ГIалаудин АхIмад. Гьев вукIана гIарабазул дунялалда бищунго машгьурал кавказиязул цояв. Гьев вуго Иорданиялъул бахIарчи абураб цIар кIиго нухалда кьурав улкаялдаго цого-цо вукIарав чи. Иорданиялъул Конституциялда рекъон, улкаялъул бахIарчи абураб цIар цо чиясе кIиго нухалда кьезе гьукъун буго, амма гьедин букIаниги, гьесие кьун букIана гьеб цIар кIиго нухалда. ГIарабазул прессаялдая гIемер бицуна 1960-70 соназда гьеб регионалда рукIарал рагъазда ГIалаудин АхIмадица бихьизабураб бахIарчилъиялъул. Гьезулъги хасаб бакI кколеб буго 1979 соналда Маккаялда фанатиказ кверде босараб Аль-ХIарам мажгитги гьенир жанир рукIарал гIадамалги гьесул нухмалъиялда гъоркь тархъан гьабиялъул биценаз. Гьаб видеоялда кьолеб буго Иорданиялъул телевидениялъ доб заманаялда бахъун букIараб гьесул нухмалъиялда гьабураб цоги хасаб операциялъул видео. Нижехъе гьеб кьуна ГIалаудин АхIмадил хъизаналъ. Гьев живго вихьулев вуго видеоялда (2-07) журналистазул суалазе жавабал кьолев.

XS
SM
MD
LG