МагъчIваялъе рес

"Чайомир" - гIурччинаб майданалда бухIараб чайгун


"Чайомир" - гIурччинаб майданалда бухIараб чайгун
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:26 0:00

«Чайомир» абураб чай гьабиялъул махшелалъул халкъазда гьоркьосеб фестиваль тIобитIана Прагаялъул Вышегьрад абураб бакIалда. КъватIисел улкабаздаса абизегIан гIахьалчагIи гьенир рукIинчIин, абизе бегьула. Халкъазда гьоркьосебин гьелде абулеб букIана, гьениб Чехиялъул чайханабазул хIалтIухъабаз къватIисел улкабазул чай хIадуриялъул махшел бихьизабулеб букIиналъ. ГIадатияб къагIидаялда Индиялъул, Китаялъул, Англиялъул, гIурус къагIидаби гуребги, гьениб бихьизабун кин чай хIадурулеб Даниялда, Мароккоялда, Узбекистаналда ва цогидал улкабазда. Цадахъго жидерго махшел бихьизабуна чехазул кочIохъабигун кьурдохъабаз. Гьезул репертуаралда рукIана чаялъул культура бугел улкабазул асарал.

XS
SM
MD
LG