МагъчIваялъе рес

Евроцолъиялде захIматаб сапар

Щибаб анкьалда аза-азар мигрантас Македониялъул гIорхъи бахунеб буго Евроцолъиялъде щвеялъул мурадалда. Гьел рачIунел руго Афгъанистаналдаса, Пакистаналдаса, Ираналдаса, Йеменалдаса ва Магърибалъул Африкаялъул улкабаздаса. Македониялъул хIукуматалъ гьукъун буго мигрантазе жамгIияб транспорталдаса пайда босизе. Гьеб гуребги, жалго шоферзабиги хIинкъун руго жидеде гIадамазул дармил гIайиб гIунтIизабизе бегьиялдаса. Гьединлъидал гIемерисел мигрантаз сапар бухьулеб буго лъелго яги велосипедазда. Гьеб цIакъ захIматаб сапар ккола. Амма бакъалъулал жамгIиял хIаракатчагIи гIадатиял гIадамал цо-цо нухалда нухазде рахъун, бажарараб кумек гьабулеб буго мигрантазе.

.

Цойги

XS
SM
MD
LG