МагъчIваялъе рес

ТIабигIияб балагь Тбилисиялда

15 июнь гуржиялъ лъазабун буго къварилъиялъул къолъун.

Ахирисел баяназда рекъон тIабигIияб балагьалъул хIасилалда хваразул къадар кколеб рагIула 15 чи, зарал ккун буго 37 чиясе, гьездаса гъорлъан лъабгояв вегизавун вуго азарханаялда. Жив киве ккаравалил лъачIого тIагIаравлъун рикIкIунев вуго 20 чи.

Гьарзаял цIадазе гIоло Тбилисиялъул бакьулъа унеб Вере гIоралъул лъин кIанцIиялъул хIасилалда лъеца цIун руго нухал ва къватIал, зарал ккун буго шагьаралъул инфраструктураялъул объектазе. ТIад тIох гьечIого ва тIоцебесеб къварагIелалъул ресал гьечIого хутIун буго 50-ялдасаги цIикIкIун хъизан. Улкаялъул гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул ва цогидал хъулухъаз гIамал гьабулеб буго балагьалде ккарал гIадамазе кумек гьабизе.


Цойги

XS
SM
MD
LG