МагъчIваялъе рес

Роберт Ченснерица хвасар гьабуна хайдакъазул угьари

МахIачхъалаялъул «Дагъистан» этнобутикалда унеб буго хайдакъазул угьариналъул экспозиция. Дунялалдаго бищунго некIсиязул цояблъун рикIкIунеб, XX-абилеб гIасруялъул байбихьуда тIагIун бахъун букIараб, хайдакъазул угьарин, 90-абилел саназда Хайдакъ мухъалъул руччабаз цIигьабун буго. Кавказалда тIокIаб кибниги гьечIо гьеб къагIидаялъ угьарунеб бакI, хайдакъазул угьарин рикIкIуна захIматаб, жиндирго хаслъи бугеб хIалтIилъун -угьарухъабаз 16 батIияб хIалалъ бахъула рукIкIен. Угьариялъе хIажатал куналги гьез тIабигIаталда ратулел кьераз гурони релъунаро, гьединго некIсияб заманалдаса нахъе хисун гьечIо гьез угьунел расеналги. 1980 соназда Дагъистаналде щвараав англиялдаса бизнесмен ва тарихлъазабулев Роберт Ченснерида берцин рихьун хайдакъазул угьарухъабазул гIемерал хIалтIаби ричун росун рукIун руго гьес. Гьедин Лондоналъул «Замана» галереялда гьел хIалтIабазул кIудияб экспозицияги тIобитIун буго Ченснерица.

Цойги

XS
SM
MD
LG