Америкаялъул ЦРУялъ сентябралда къватIибе кьуна "Исламияб пачалихъ" абулеб экстремистияб идараялда сверун гьабураб анализ. Гьелда абулеб буго ГIиракъалда ва Сириялда гьаб сагlат вагъулев вугин 20 азаргоялдаса 31,5 азаргоялде щвезегIан чийин. Гьеб къадар буго цебе ракIалде ккун букIаралдаса лъабго нухалда цIикIкIараб. Гьезулги бащдал рагIула батIи-батIиял улкабаздаса гражданал. Гьанир рихьизарулел руго гьел чагIи киса кколелали.
Learn About Tableau