МагъчIваялъе рес

Росабалъе нухал къачIазе гIарац биччалеб буго


Росабалъе нухал гьариялъе 82 млн. гъурущ биччан буго Дагъистаналде. Гьеб гIарац харж гьабизе бихьизабун буго росабалъе жанире ва кIвар бугел росдал маг1ишаталъул объектазде росабалъ нухал къачIаялъе. Жакъа къоялде Дагъистаналда микьго мухъ бугин асфальт тIун къачIачIелин абулеб буго экспертас, гьелда тIадеги гIемерисел росабазул нухал цIакъго чIунтIун цIигьари хIажатаб хIалалда ругила.

Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул лъабго регионалъе росдал шагьра-нухал къачIазе ва цIигьаризе субсидиял риччан руго. Кинабниги 85 млн. гъурущ биччалеб буго гьел регионазе, росабазул нухал къачIаялъе ва росабалъ ругел росдал магIишаталъул продукция гьабулеб бакIазде нухал къачIаялъеги. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул министразул кабинеталъул сайталда.

Бищунго кIудияб субсидия – 82 млн гъурущ кьолеб буго Дагъистаналъе, Чачан республикаялъе бихьизабун буго лъабго миллион гъурущ ва Ингушетиялъе гIицIго 80 азарго гъурущ гIарцул.

Дагъистаналда росабалъе ругел нухазул хIал лъикIаб гьечIолъиялъул хIисаб гьабизе бегьулин информ-алатаздасан мугIрул мухъазул нухазда ккарал лъугьа-бахъиназдаса, гьедин, информ-сурсатаз 2015 сон байбихьаралда 12 гIорхъолъа араб ахIвал-хIал лъазабунин росабалъ нухал ччукIиялъул, тIун рачIиналъул ва нухлул лъугьа-бахъинал ккеялъулин абулеб буго Дагъистаналъул Транспорталъулгун нухлул магIишаталъул агентлъиялъул вакил Назим Загировас.

Жакъа къоялде асфальт тIун къачIарал нухал ругила 43 мугIрул мухъазде, гьезул гIемерисел араб гIасруялъул 70 соназго къачIарал ругила ва гьабсагIаталде гьел хун ругила цо-цо. КъачIачIел нухал ругел микьго мухъ бугила жеги Дагъистаналда, гьезда гъорль Гумбет, ЛъаратIа, ЦIумада, КъурахI ва Кули мухъал. Гьел мухъазде асфальт тIураб нухал щун гьечIолъиялъул аслияб гIилла бугила гьенире нухал рахъизе захIмат букIин.

2010 соналъ, шагьра нухал къачIазе хIажалъи букIиналда бан республикаялда къабул гьабун буго 2010-2015 соназул болжалазда жанир райцентрал гIаммал трассабигун бухьен гьабиялъе бихьизабураб хасаб программа. Гьелда рекъон, Болъихъ, Агъвали, МелъелтIа, КъурахI росабалъе, ай мухъазул центразде асфальт тIурал нухал щвезе кколел руго 2015 соналде щун.

ЛъаратIа ва ЦIунтIа мухъалде къачIарал нухал гIицIго 2018 соналде гурого щолел гьечIо.

Росабалъ ругел нухазул цIехон, бухьен гьабурал бакIалъул гIадамаз аслияб куцалъ гIарз гьабулеб букIана нухлул хIалтIухъабаз росулъ жанисан ругел нухал ритIизариялъул мурадалда чабах балин, амма кIиго-лъабго нухалъ цIад байдал, гьеб босун ун, рахъал хъитIал лъугьун санагIалъи бахъи букIунин, гьеб гуребги, араб гIасруялдаго асфальт тIурал нухал хъилил рукъалаби ран чIолел хIалалдаса унел ругила.

Масала, Хунзахъ мухъалъул ГьитIинаб ГьоцIалъ росулъе бугеб нух къваридаб букIин гуреги рагIалдаса рехун инеб чанго бакI бугеб бугилан абулеб буго Къадиров Расулица. БакIалъул гIадамаз жидецаго цересан къадал лъун, цемент тIун щула гьарулила гьел зама-заманалдасан, амма гьенибе цIияб асфальт тIезе цIакъго хIажатаб бугоанила. Гьединабго хIал буго гIемерисел мухъазда.

2013 соналдаса бахъун, тIадехун рехсараб программаялда рекъон, къачIалеб буго КъурахI мухъалде бугеб нух. Цебеккун гьениб букIанила хIарщ ва цIакъго квешал нухал, гьабсагIаталде гьенир рагIалде бахъунеб бугила асфальт тIун къачIараб лъабго мухъ бугеб шагьара-нух бай, гьелдаго цадахъ цогидал магIарул мухъаздаги унел ругин нухал цIигьариялъул хIалтIабийилан баян гьабуна Назим Загировас.

Назим Загиров: «Нухал рахъула аслияб куцалъ мугIрул гIанлъун ва кьураби кьвагьун, гьениб аслияб захIмалъи букIуна хадубккун гьел нухаз кьватIалаби рехи ва тIун ин, гьелде данде цIиял технологиял хIалтIизарулел руго.

Гьаб соналда жаниб агентлъиялъ масъала лъун буго асфальт тIурал нухал КъурахI мухъалъул ва Гумбет мухъал, гьединго ЧIарада мухъалъул райцентразде рахъизе.

Гьеб буго исана соналда жаниб тIубалеб жо, гьелдаго цадахъ хIалтIи тIаде босарал гIуцIабаздаса тIалаб гьабула гьел нухал кколел даражаялъул рукIинги».

Гьединго, исана соналда жаниб ЛъаратIа ва ЦIунтIа мухъазде ругел нухазул 13 километраялдаса циIкIун асфальт тIурал нухал рахъизе ругилан тIаде жубана Загировас.

XS
SM
MD
LG