МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул бетIерас пресс-конференция кьуна Москваялда


Рамазан ГIабдулатIиповас федералиял ва къватIисел пачалихъаздаса журналистазе Москваялда кьураб пресс-конференциялда бицана Дагъистан социалиябгун экономикияб рахъалъ кин цебетIолеб бугебалиги, Каспиялъул рагIаллъуда бугеб регион хIисабалда, гьениб хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъулги Россиялъул регионалгун Дагъистан цадахъ рекъон хIалтIиялъулги.

Дагъистаналдаса гьенир журналистал рукIинчIо, гIицIго «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиев гурони. Гьедин БисавгIалиевасул ракI рекъон гьечIоан пресс-конференциялда. Гьеб рахъалъ ГIабдулатIиповас Дагъистаналда гьарулел пресс-конференциялго интересал рукIунин бицунеб буго гьес ЭР-ялъе.

МухIамад БисавгIалиев: «Дир хIисабалда, Дагъистаналда гьарулел пресс-конференциял гIемерго камилалги щвалде щваралги рукIуна. Щайин абуни федералиял журналистазда Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал лъалеб гьечIо. Дагъистаналда гьеб гьабун букIарабани, ГIабдулатIиповасе кьолаан кIвар бугел, бегIерал суалал. Гьедин гьеб ахIвал-хIал лъангутIиялда бан, федералиял журналистаз кьуна гIаммаб куцалда информалатаздасан тIибитIизабулеб информациялдасан лъарал суалал – туризм, экстремизм, экономика, магъалаби. Масала, кадразул суал кьезе бегьулаан. ТIокIалъ чIечIого рахъулел, толел министразул хIакъалъулъ гьикъичIо. Гьединго гьанже гIемерисезул кIалдиб бугеб суал ккола Дагъистаналда халкъиял рищиял гьукъулеб къанун бахъи. Гьелъулги гьикъичIо. ГIаммаб куцалда кин Дагъистан бихьулебали, гьелда тIасан жавабал кьолев вукIана ГIабдулатIипов».

ЭР: «Аслияб куцалда сундул кIварха гьезие букIараб?»

МухIамад БисавгIалиев: «Бищун гIемер гьикъулеб букIана хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул. Гьелда бан Рамазан ГIабдулатIиповас бицана 20I3 соналъул байбихьуда букIарабги гьанже бугебги Дагъистан тIубан батIи-батIияб жо бугила. Жинда кIванила гьелда хурхун жамгIияталъул пикру хисизабизе. 20I3 соналда хасал операциял гьарулеб мехалда рохьилазул рахъккун къватIире рахъине хIадурал гIадамал рукIун ратани, гьанже гьединал чагIи гьечIила. Рамазан ГIабдулатIиповас махсарацин гьабуна жинда божулел ратичIони, гьанив гIодов чIун вугила «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор вугила, гьесда гьикъейила».

Гьедин БисавгIалиевас ЭР-ялъе бицухъе, Рамазан ГIабдулатIиповас бицун буго терроралъул рахъалъ ахIвал-хIал чучлъизабизе кIванин Дагъистаналда.Масала, гьес ракIалде щвезабун буго 2013 соналда Семендералда тIобитIараб операция. Гьенив низам цIунулез террористин лъазабурав Ибрагьим ХIажидадаев чIванин лъазабуна низам цIунулез. Гьеб мехалда террористазда ракIгурхIун къватIире рахъун рукIанила депутаталги министралгицин. ХIажидадаевасулгун бухьен букIун бугилан кватIичIого туснахъ гьавуна Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутат МухIамад МухIамадовги.

Гьеб прес-конференциялда ГIабдулатIиповас бицана цогояб пачалихъияб экзамен кьеялъулъ гIадлу-низам гьабизе кIванин абуна ГIабдулатIиповас. Цебе гьелъухъ 500 азарго гъурущ кьезе кколаанила, Дагъистаналда гьеб бигьаго кьолеб бугилан абун, Россиялъул цогидал регионаздасагицин лъимал рачIунаанила магIарухъе цIализе ритIун. Гьанжейин абуни гьеб рахъалъ ахIвал-хIал рукIалиде бачIинабизе кIванила.

Гурони гьанжелъагIан лъималаз улбул махсароде кколел рукIанила, улбуз – мугIалимзаби, мугIалимзабаз махсароде кколел рукIанила киналго. Амма ГIабдулатIиповас гьедин абуниги, гьедигIанго беццилеб куцалдаги гьечIин жегиги цогояб пачалихъияб экзамен кьеялъул ишилан абулеб буго республикаялда эбел-инсуца.

Гьединго ришватчилъиялъул бицунаго Дагъистаналъул нухмалъулес пресс-конференциялда абуна ришватчилъиялда данде дару ургъун бугебани, жинца гьеб тIоцебе сахлъи цIуниялда хIалтIулел чагIазе кьелаанила. Дагъистаналъул тохтурзабазда божилъиги тIагIун, гIадамал сах гьаризе Москваялдеги, Германиялде, цогидаб бакIалдеги унел ругила.

XS
SM
MD
LG