МагъчIваялъе рес

Абхазаз Шотландиялъе квер-бакъи гьабулеб буго


Хамиз къоялъ Шотландиялъул халкъалъ тIобитIараб референдумалда хIукму гьабизе кколаан – хутIизе бугищали гьеб улка КIудияб Британиялъул Цолъараб Къираллъиялда, ялъуни батIа чIараблъун букIине бугебали. КIудияб квербакъи гьабулеб букIана Шотландиялъе Абхазиялъул халкъалъ.

Гуржистаналдаса батIалъараб ва жинца жиндаго лъидаго бачIеблъун лъазабураб Абхазиялъул гIадамаз кIудияб квер-бакъи гьабулеб буго Шотландиялъул халкъалъе. 18 сентябрялда гьениб букIараб референдумалда гьоркьоб лъун букIана цохIого цо суал - бокьун бугищ нужее КIудияб Британиялъул Цолъараб Къираллъиялдаса ратIалъизе ян абураб.

Гьенир гIемерал игIланалги рихьулаан ва рагIулаан – «Шотландиялъул эркенлъиялъе гIоло» ян абурал. Сухумиялда гIумру гьабулев Энвер Чамагуаца абулеб буго Шотландиялъул халкъалъул къисмат релъараб бугин гIасрабазда жаниб Гуржистаналдаса ратIалъизе къасд гьабулеб Абхазиялъул къисматалдеилан.

Энвер Чамагуа: «Руго цо-цо тарихиял моментал. Гьелги руго ниж гIадин эркенлъиялъе гIоло къеркьолел, гIасрабазда жаниб Англиялъукьа хвасарлъизе къасд гьабулеб букIана гьез».

Абхазиялъ жиндирго мацIалъул ва миллияб хаслъиялъул тIокIлъи тIалаб гьабизе байбихьана Совет Союз Шушаралдаса хадуб. Хасго гьеб сабаблъун гьениб кIиго захIматаб рагъги багъарун букIана.

Гьеб рагъда аза-азар абхазав ва гуржияв чIвана. 1999 соналда Абхазиялъ жиндирго лъидаго бачIеблъи лъазабуна гьениб дагIбадул референдум тIобитIун. Гьелъул хIасил къабул гьабуна Никарагуалъ, Венесуэлаялъ ва Россиялъ.

Жакъа 240 азаргогIан абхазав ккола Россиялъул гражданал. Гуржистаналъ гьеб республикаялъе экономикияб блокада лъазабуна, амма Кремлалъ гьелъие гIарцул кумек гьабулеб буго.

Релъараб бугищ Шотландиялъул референдум – Абхазиялда тIобитIараб референдумалде, ян абураб суалалъе жаваб батизегIан ракIалде щвезабизин гьадинаб хIужа: Шотландиялъул референдумалъул хIасилал къабул гьаризе Британиялъул хIукумат разилъана.

Гьелъул гIаксалда – официалияб Тбилисиялъ Абхазиялъул референдумалъул хIасил нахъ чIвана. Гуржистаналъ гьанжелъагIан гьеб республика рикIкIунеб буго жиндирго ракьул бутIалъун. Гьедин бугониги, абхазав Георгий Габунияца гьадин абулеб буго:

Георгий Габуния: «Далил хIисабалда рехсезе ккола Сухумиялда бугеб Шотландская абулеб ва Шотландиялда бугеб Сухумская абулеб къватIал. Гьебги буго цойги хIужа, Шотландиялъул халкъалъе нижерго квербакъи загьирабизе нижеда тIадаблъун гьабулеб.

Нижеда ккола гIемерал гIаммал жал руго гьаб кIиябго халкъалъул. Ва нижее бокьилаан цойги гIаммаб жо - Шотландиялъулги Абхазиялъулги лъидаго бачIеблъи».

Ираклий Хинтба ккола Абхазиялъул де-факто къватIисел ишазул министр хисулев. Гьез санал рана Женеваялъул кIалъа-басаязда гIахьаллъулаго ва гуржиязулгун-абхазазул дагIбадул масъала ракълилаб къагIидаялда тIубазаизе къасд гьабулаго.

Ираклий Хинтба: «Гьанжесеб цебетIеялъул кIвар цIикIкIараб тенденциялъун ккола халкъазул лъидаго бачIеблъиялъе ихтияр. Ва дида ккола Европаялда ракълилаб къагIидаялда цIиял улкаби раккулеб ва гIурхъаби хисулеб мехалда гьединаб хIужаялъ Магърибалъе асар гьабун, Абхазиялдеги Жанубияб Гьиристаналдеги бугеб бербалагьи хисизе бегьулин.

Гьел рехсарал республикабаз кIудияб къасд гьабуна халкъаздагьоркьосеб статусалде щвезе ва кьучIги лъун буго гьелъие».

Релъараб бугищ-гьечIищали абхазазул къисмат Шотландиялда бугеб ахIвал хIалалда? Гьаб суалалда тIаса баян гьабулаго гIемерал экспертаз ракIалде щвезабулеб буго гьадинаб хIужа.

Абхазиялъул референдумалда гIахьаллъарал рищарухъабазул 98 проценталъ гьаркьал кьун бугониги, гьезда гъорлъ рукIун гьечIин гьениса хIалица нахъе гъурал гуржиял. ГIаммаб къадаралда жидерго рукъзал тун, нус-нус азарго гуржияв лъутанин Абхазиялдаса.

Гьединлъидал хIатта Шотландиялъ лъидлаго бачIеб пачалихълъун ккани, гьелъ Абхазия гьадинабго лъидаго бачIеб улкалъун рикIкIине гьечIин, абулеб буго Магърибалъул экспертаз ва политиказ.

Гьедин бугониги, Абхазиялъул Пачалихъияб Университеталъул профессор Иван Тарбаца гIайиб тIоцебесеб иргаялда Гуржистаналъул тIадтарал гIайибияллъун рикIкIула.

Иван Тарба: «Доба халкъаздагьоркьосеб даражаялда гьеб референдум унеб буго. Гуржистаналдайин гьадинаб иш гьабизе цониги юридикияб ихтияр букIинчIо. Гьаниб букIана диктатура. Доба абуни - демократиялъул кьучIалда улка бикьулеб буго. Бищун лъикIаб жо буго - гIадамал цоцаздаса ракълида ратIалъи».

XS
SM
MD
LG