МагъчIваялъе рес

Полковник Багьавудин Хуршил хоб киб бугеб?


Польшаялъул Аскаралъул полковник Багьавудин Хурш
Польшаялъул Аскаралъул полковник Багьавудин Хурш

2012 соналъул 12 январалда «Дагестанская правда» газеталъ такрар гьабуна цебе чанги нухалъ цогидал газетабазда бахъараб цо гъалатIаб макъала. ТIадехун рехсараб макъалаялъул автор – калмыказул хъвадарухъан Андрей Цобдаевас бицен гьабулеб буго ГIурус пачаясул, хадуб Польшаялъул армиялъул полковниклъун вукIарав Хуршилов Багьавудинил къисматалъул.

Багьавудин кколаан магIарулазул хъвадарухъан «Сулахъалъ нугIлъи гьабулеб» абураб романалъул автор Хуршилов МухIамадил кIудияв вацлъун. ГьабсагIат нижер мурад кколаро щакаллъун рихьарал киналго баяназул цIех-рех гьаби, амма кIвар кIудияб цояб рехсечIого тезе рес гьечIо. Ай – Багьавудин Хуршилов гIумруялдаса ватIалъараб сонги гьев вукъараб бакIги.

Россиялда букIараб Февралалъул инкъилабалдаса хадуб Шималияб Кавказалда МугIрузул Республика гIуцIун букIана. Полковник Хуршилов Багьавудин хIалтIулаан гьеб республикаялъул рагъулал суалазул рахъалъ комитеталъул бетIерлъун. Советияб прессаялда ахирисеб нухалъ гьесул цIар рехсон буго Уллубий Буйнахъскиясе диван гьабулеб протоколалда.

Большевикал тIалъиялде рачIун хадур Багьавудин Хуршилов Туркиялде гочун ана, довасан – Польшаялде. Гьеб улкаялъул армиялъул Генералияб Штабалъул полковник хIисабалда Багьавудин гIахьаллъана 1920 соналда букIараб Польшаялъулгун Советияб рагъда. АнцI-анцI сонал ана хIатта гIага-божараздагицин гьесул хадусеб къисмат кинан ккарабали лъаларого. Документалиял цо-цо баяналги рехсолаго гьале тIадехун рехсарав Андрей Цобдаевас жиндирго макъалаялда кьолеб буго Багьавудин Хуршиловасул мухIканаб гIумрудул тарих.

ТIадбалагьун гьел цIакъ къанагIатал документалин ккола. Амма берцинго цIалараб мехалда Хуршиловасул гIагаразул ва гьесул тухумалъул чагIазул щаклъи ккун буго цо-цо баяназда. Жиндир заманалда хIакъикъат чIезаби мурадалда ниж телефоналдасан кIалъана Андрей Цобдаевасухъе ва гьикъана духъе гьеб информация кисанин щвараб, цониги архивалъул цIар щайин рехсон гьечIебин абун. Андрей Цобдаевас жаваб кьечIо ва гарачIвариялдаса инкар гьабуна.

Цобдаевас жиндирго макъалаялда гьадин хъвалеб буго: «...Багьавудин Хуршилов хвана лъабкъоабилел соназда Лондоналда ва вукъун вуго бусурбабазул къагIидаялъ (...) Лъабкъоялда анцIабилел соназул авалалда официалияб сапаргун Англиялде ун букIана Туркиялъул рагъулаб делегация.

Гьез жидерго программаялда тIаде жубана цо пункт: Польшаялъул рагъухъабазул хабзалалъе щвей. Гьел хабзалалъ Туркиялдаса делегация лъалхъана цохIо Багьавудин Хуршиловасул хабада аскIоб. Гьенир тIугьдулги лъун, рагъулаб къагIидаялъ кколеб хIурматги гьабун, делегация бачIарабго гIадин сихIкъотIун нахъеги ана...».

Берцинго хъван гьечIищха? Амма хIакъикъаталдаса берцинаб жо букIунаро. Англиялда ругел нижерго коллегабазул кумекалдалъун нижеда кIвана гьеб хIакъикъаталъул цояб рахъ чIезабизе: Лондоналда Багьавудин Хуршиловасул хоб гьечIо! КIиабилеб рахъ якъинлъана Польшаялъул гIалимчи Аркадиуш Пиотровскиясул кумекалдалъун:

Аркадиуш Пиотровский: «Полковник Хуршиловасул ай – Багьавудин Хуршил къисмат лъазабизе къасд дир цебегоялдасаго букIана. Дица цIех-рех гьабула гуржиязул, азербайжаназул, Крымалъул татаразул ва Польшаялде гочун рачIарал цогидал эмигрантазул гIумруялъулги хIаракатчилъиялъулги. Хасго Хуршиловасдехун дир интерес байбихьана интернеталда батараб цо макъала цIалун хадусала.

Гьеб макъалаялда хъван букIана Хуршиловасул хоб Лондоналда бугин. Гьеб хIужжа дурус гьаби ялъуни нахъчIвай мурадалда дица кагътал ритIана батIи-батIиял хIукуматазул ва хIукуматазул гурел идарабазде, тIоцебесеб иргаялда, Англиялда ругел Польшалъул идарабазде.

Дица гьединго хитIаб гьабуна ветераназул Цолъиялдеги. Гьел кагътазда дица гьарулеб букIана Хуршиловасул хоб батизе кумек гьабеян абун. ГьабсагIат дие бокьилаан дие жаваб кьурал киналго гIадамазе баркала кьезе. Мисриялда бугеб Польшаялъул вакиллъиялъул архивалда ратун руго Хуршиловасул цо-цо документал.

Вакиллъиялъул хIалтIухъан Карол Лиснякица цIех-рех гьабун буго Мисиралда ва Суданалда чIварал ва гьенир рукъарал Польшаялъул аскариязул къисматалъул. ЧIезарун руго гьезул киназулго цIарал, рахъун руго хабзалазул суратал. Гьеле гьев дипломатас дурус гьабуна дие Багьавудин Хуршилов дова вукъун вукIин. Цогидал хабзалазде данде ккун, Багьавудинил хобги заниги Маккаялде буссун буго. Зонода хъван буго гьадин: «Польшаялъул Армиялъул резервалъул офицер Багьавудин Эмир ХIасан Хурш. 52 сон. ЧIван вуго 1946 соналъул 26 сентябралда».

Багьавудин Хуршил гьунаразул ва Польшаялъе гьес гьабураб хъулухъалъул гьадин бицунеб буго тарихчияс:

Аркадиуш Пиотровский: «Кавказалъул цогидал эмигрантазго гIадин Багьавудин Хуршицаги кIудияб бутIа лъуна Польшаялъул халкъалъул эркенлъи цIуниялъул ишалъулъ. Багьавудиницаги Кавказалъул цогидал эмигрантазги аскарияб хъулухъ гьабулаго жидерго гIумру бичана гьеб эркенлъиялъе гIоло. Цояз – Польша хвасар гьабиялъул рагъда, цогидаз – советиял лагеразда. ГIаммаб куцалда нусгогIан чи вукIана гьезул.

Байбихьуда Россиялдаса Польшаялде вачIун, полковник Хуршилов ккун ва рагъулаб мархьиялда (лагералда) тIамун вукIана. Доба гьес бана цо чанго моцI. Хадуб Польшаялда гIуцIун букIана МустIапа АхIматовичасул цIаралда букIараб татаразул полк. Амма татарал гурелги батIи-батIиял миллатазул бусурбабиги рукIун руго гьенир. КIудияб полк букIинчIо гьеб. Гьелъие бетIерлъи гьабулаан анлъгоцин офицерас. Хуршиловас жиндаго цадахъ кIинусго чи ваччун вачIана доб рагъулаб мархьиялдаса Стрелков абулеб бакIалде.

Гьеб полк гIуцIун букIана 1920 соналда. Доб соналъул кIиабилеб ноябралдаса байбихьун гьеб рагъулаб къокъаялда абулаан Багьавудин Хуршиловасул дивизияйилан. Польшаялъул архивазда жеги гIемерал документалги ратила гьеб дивизиялъулги живго Багьауддин Хуршиловасулги хIакъалъулъ. 1932 соналда Багьавудин ТIадегIанаб лъай кьеялъул Рагъулаб идараялде витIун вукIана.

Гьелдаса нахъе Польшаялда байбихьулеб буго гьесул цIияб официалияб рагъулаб биография. Хадуб Хуршиловас кIудияб хIаракатчилъи гьабуна Европаялда гIуцIун букIараб «Прометей» абулеб Шималияб Кавказалъул эмигрантазул къокъаялда. Дида ратун руго цо-цо документал. Гьел документазда гIемер рехсолеб буго Хуршиловасул цIар.

1934 соналдаса байбихьун Багьавудин Хуршиловас бетIерлъи гьабулаан гьеб къокъаялъе. Руго гIемерал документал Багьавудин Хуршиловас Польша хвасар
гьабиялъе кIудияб хIаракат бахъулеб букIиналъул бицунел. Гьев вукIун вуго Польша хвасар гьабулезул церехъабазул цоявлъун. Нухмалъи гьабулаан 1937
соналда гIуцIун букIараб Мазовецкаяйилан абураб чол бодул бетIерлъун. 1939 соналда Дунялалъул КIиабилеб рагъ байбихьун хадуб гьеб кавалериялъул къокъа къеркьолеб букIана нацистазде данде.

Багьавудин Хуршица кIудияб бахIарчилъи бихьизабуна доб рагъда. Хасго Суходоля абулеб бакIалда букIараб кьалда. Амма хIаталдаса ун кIудияб къуват
бугел немцаздаса бергьине кIвечIо Польшаялъул аскариязда. Доб кьалда Хуршилов лъукъун вукIана.

Гьелдаса нахъе цодагьаб заманаялъ гьесул лъалкI тIагIуна. Польшаялъул хъвадарухъан Эва Грунер-Чарнохица* жиндирго тIехьалда рехсолел руго советиял аскарияз асир гьарурал нугIзазул гIемерал далилал. Гьел ратана Харьков шагьаралъул КГБялъул архивалда. Абизе ккараб буго гьел киналго нугIзал полякал рукIинчIин. Гьел рукIун руго аслияб къагIидаялда Кавказалъул чагIи. Гьелдалъун бихьулеб буго кигIан мухIканал баянал чекистаз ракIкIарулел рукIарал Багьавудин Хуршиловасул хIакъалъулъали.

Ратун руго живго Хуршилов Багьавудинил баяналги. Гьевги ккун вукIана чекистаз ва тIамун вукIана Старобельскалда** букIараб лагералде. Гьей Эва Грунер-Чарнохица жиндир тIехьалда абулеб буго НКВДялъул-КГБялъул архивазда жинда батанин Багьавудин Хуршил гIумрудул мухIканаб тарихги. Чекистаз гьесда хадуб гIезегIан соназ халкколеб букIана. Хадуб гьесул лъалкI нахъеги тIагIана.

РакIалдаго гьечIого дида батана гьесул цIар доб мехалъ нацистазул Генералияб Губернаторлъиялъул, ай 1942 соналда Варшаваялда рукIарал телефоназул тIехьалда I66-абилеб гьумералда. Гьениб кьолеб буго гьесул телефоналъул номерги, адресги – Дебинская къватIалъул ичIабилеб номералъул рукъ.

Дун цIакъ гIажаиблъана – кин гьесда кIвараб советияб лагералдаса хвасарлъизе ва немцазда гъорлъ паракъатго гIумру гьабизе? Нилъеда гьеб лъаларо. Нилъеда гьединго лъаларо оккупациялда Варшаваялда щиб гьес гьабулеб букIарабали. ТалихIалъ дида ратун руго цойги документал. Гьез бихьизабулеб буго нацистаз Польшаялда рукIарал батIи-батIиял халкъазул вакилзабаздаса миллиял комитетал гIуцIулел рукIараблъи. Амма Багьавудин Хуршиловасул цIар доба гьечIо. Гьединлъидал абизе бегьула нацистазулгун гьесул кинабгIаги бухьен букIинчIилан».

Гьадинаб баян кьуна Польшаялъул гIалимчи Аркадиуш Пиотровскияс.
Кин ва кидаха Багьавудин Хуршилов вачIарав Мисриялде? Гьаб суалалъе жаваб батула Парижалда дол соназда къватIибе биччалеб букIараб «Часовой»
абулеб журналалда. Б. Хуршиловасул рагъулав гьудул ва ракьцояв – дагъистанияв Романов Асланбекица абулеб буго Мисриялде Хуршилов Багьавудин вачIун вукIанин Польшаялъул генерал Владислав Андерсил армиягун цадахъ Дунялалъул кIиабилеб рагъ лъугьун хадув.

БАЯНАЛ:
* Ewa Gruner-Żarnoch, Харьковалда чIварав Польшаялъул офицер Юлиан Груннерил яс.

** Старобельский абулеб лагерь гIуцIун букIана 1939 соналъул 19 сентябралда НКВДялъул наркомасул амруялдалъун. Гьенив вукIана 4000-гIан офицер. 1959 соналда КГБялъул бетIер А.Н.Шелепиница загьир гьабураб баяналда рекъон,
1940 соналда гьеб лагералда чекистаз чIвана 3280 офицер.

XS
SM
MD
LG