МагъчIваялъе рес

Жигьадалъул поэзия


"Исламияб пачалихъалъул" рагъухъан ва шагIирлъун вахъине къасд гьабулев Абукъакъа Британи
"Исламияб пачалихъалъул" рагъухъан ва шагIирлъун вахъине къасд гьабулев Абукъакъа Британи

Халкъаздагьоркьосел гIуцIабаз ва гIемерал улкабаз террористияблъун рикIкIунеб Исламияб Пачалихъ абулеб багъа-бачариялъул идеологаз поэзия хIалтIизабулеб буго жидерго идеология хIисабалда.

Чилиялъул цIар арав шагIир, Нобелил премиялъул лауреат Пабло Нерудаца жиндир заманалда абуна поэзия – гьеб бугин ракълилаб жигарилан. Амма гьес хисабалде босун букIинчIо шигIраби хъвазе экстремистазулги бугеб гьунар.

Хасго гьадинаб гьунар буго Исламияб пачалихъ абулеб багъа-бачариялъул цо-цо радикалазул. Дунялалъул прессалъ чIечIого такрар гьабулеб буго Исламияб пачалихъалъул идеологаз гIатIидго интернет хIалтIизабулеб бугин жидерго кьеразде Европаялъул улкабаздул гIолохъанал цIазелъун.

Амма ахирисеб мехалда экстремизмалъул идеология тIибитIизабиялъул цIияб къагIидаялде ругьунлъун руго Исламияб пачалихъалъул хIаракатчагIи.

Жинда Абукъакъа Британи ян абулев КIудияб Британиялдаса цо рагъухъанас Твиттералда ва цогидал социалиял сайтазда загьирарулел руго жиндирго асарал. Аслияб къагIидаялда гьел хурхарал руго жигьад бачиналде. Ингилиз мацIалъ хъварал жиндирго шигIрабазда Абукъакъаца абулеб буго жиндирго диниял вацал шагьидаллъун рукIине хIадурал ругин.

Жиндирго цо асаралда гьев Абукъакъаца абулеб буго Цолъарал Штатазул авиациялъ Исламияб пачалихъалъул рагъухъабаз чIей гьабулел бакIазде гьавадул кьабиял гьарулел ругониги – Исламияб пачалихъ гьездаса гучаб бугин.

Боржаробаздаса Аллагь вуго ТIад,

Шагьидзаби холаро – гIумру бичулел,

Аллагьасе рокьулел, алжан гъозие!

Капурзабазейин жужахIалъул цIа.

Цогидаб асаралда Абукъакъаца абулеб буго Исламияб пачалихъалъул рагъухъабаз тIаса бищанин Аллагьас бихьизабураб нухилан.

ЦохIого цо нух буго

Аллагьасдехун унеб.

ЦохIого цо чед буго –

Хвалченалъ дуе кьолеб.

Тойотаялда рекIун,

Аллагьу Акбар ахIун.

Реккере жигьадалде!

Британиялдаса Абукъакъа гуревги, руго Сириялда кучIдул хъвалел Шималияб Кавказалдасаги рачIарал рагъухъаби. Жидерго асарал гьез загьирарулел руго Россиялъул социалиял сайтазда. Жигьадалъул поэзиялъул аслиял темаби – шагьидлъи, капузабаздаса бусурбабазул руччаби цIуни ва гьединал цогидал.

Гьеб гуребги, гьединал асаразул автораз какулел руго жигьадалде гIедегIуларел амма Интернеталда кIалзул рагъ бачIунел гIолохъанал. Рокъосел рагъухъаби, ян абулеб буго гьезда цо дагъистанияс khilafa.org сайталда.

Жигьадалъул поэзиялда гьанжего-гьанже баккараб жо гуро. Аль-КъагIидаялъе кьучI лъурав Усама бин Ладеницаги шигIраби хъвалаан. Гьесул асарал америкалъул аскариязда ратана 2001 соналда Кабулалда. Афгъанистан цIунизе гIаммал гьабуларел ГIараб улкабазул тIадтаразде Бин Ладеница гIунтIизабулеб буго хияналъи гьабиялъул гIайиб.

КъватIул кIучдузда релъарал Абукъакъа Британил асаразде данде ккун Бин Ладенил асарал гIараб мацIалъ берцинго, классикияб къагIидаялъ хъварал шигIраби кколин, абулн буго New York Times газетаялда бахъараб цо макъалоялда.

Нижер радиоялъул мухбир Жоана ПАРАЩУКИЦА хъвараб макъало.

XS
SM
MD
LG