МагъчIваялъе рес

"Преемникищ" политикиял хIаязул хIасилищ?


dagestan parlament illustration
dagestan parlament illustration

Дагъистаналъул хIукуматалда иргадулал хиса-басиял

ХIукуматалда нахъойги хиса-басиял ккана. Республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъе нухмалъи гьабулев Рамазан ГIалиев тIоцевесев вице-премьерасул хъулухъалде витIана. Анатолий Карибов вукIарабго бакIалда хутIун вугин абулеб буго, цойги баяназда рекъон гьев нахъе унев рагIула. Киве уневали жеги лъаларо, цо киве вугониги унев ватула. Гьединаб кагътида хъвачIеб къанун, гIадат, шартI буго ХъахIаб рокъоб жаниб билълъараб.

Цо кинабалиго кIудияб хъулхъалда вукIарав чиясе чара гьечIого цойги хъулухъ кьола, гьеб цебесебгIан кIудияб гьечIониги. "ГIакълучи, кумекчи, кумекчиясул гIакълучи" абурал бакIал ургъула, щиб гьабуниги хIалтIи гьечIого толаро. Гьединаб гIадат буго, анкьго кьер хьихьизе гIураб гIарац гьес нахъе лъун бугониги кьола хъулухъ цеве хъулухъалда вукIарав чи хIисабалде босун. ЦохIо хъулухъалдаса нахъеги витIарав, анцIго лъималги ругев, гьел хьихьизе нахъе гIарацги лъечIев чи вуго дида лъалев ЦIунтIа районалъул вукIарав бетIер ХIусен Магьдиев.

Гьев чи тана хъулухъ гьечIого, ГIабдулатIиповас тIамилинги абун букIана телевизоралдаса, тIамичIо, кIочонищ гьесда хутIаравали лъаларо. Нахъе хутIарал кабинетаздаса кабинетазде гочунел рукIуна. ТIад руссинин администрациялъул бетIерасул хъулухъалде. Гьеб хъулхъалда вукIарав Рамазан ГIалиев Дагъистаналде вачIана Рамазан ГIабдулатIиповасда цадахъ. Рамазан ГIалиев вуго лъикIаб базовияб лъайги щварав, кIудияб нухмалъиялъул хIалбихьиги бугев чи. Меседил медалалда школа лъугIарав, тIокIлъиялда ВУЗ лъугIарав, гIемерал соназда Саратовалда ва Уралалда кIудиял ва жавабиял хъулухъазда вукIарав чи.

ХIукуматалъул кинабго хIалтIи гьес данде бачун бугин рикIкIунаан ХъахIаб рокъоб. Щибха гьесие гIолареб жо букIараб? ЦохIо гIунгутIилъун рикIкIунаан гьесда Дагъистан жаниса лъаларин, гIадамал ва менталитет лъаларин абураб. Цогидазул пикруялда гьеб тIокIлъилъун рикIкIунаан, жанисел макрабазда ва хасал тухумазда рекъон хIалтIунгутIи ва гьездаса рикIкIалъи. Гьеле гьел жанисел макрабазул ва интригабазул тIадегIанаб пилотажалъул мастер вуго гьесул бакIалда тарав ИсмагIил Эффендиев. Живго лезги миллаталъул чи, къогогIан соналъ нухмалъи гьабуна республикаялда кIудияблъун рикIкIунеб хIалтIул ва социалияб хьезариялъул министерствоялъе. Киналго президентазулгун данде кколаан, жакъаги рикIкIуна МухIамадгIалил аскIосев чилъун. Щиб хIисабалъха жиндир чиги вице-премьерлъун витIун МухIамадгIалил чи администрациялда, киналго кагътазул ва жанисел балъголъабазул бетIерлъун тарав ГIабдулатIиповас?

Дир пикруялда гьениб батула цониги хIисаб. ГIабдулатIиповасул буго гIумруялъул 70 сон, щакаб жо буго гьев 20I8 абилеб соналъул сентябралдаса нахъе цойги болжалалъ бетIерлъун ин. Щивав нухмалъулесдаса цебе бугеб масъала буго жинда хадув жиндирго чи ккезави. Гьелъие Рамазан ГIалиевасдаса мустахIикъав чи ватилин кколаро. ЛъикIаб лъайги, кIудияб нухмалъиялъул хIалбихьиги, хвечIеб репутация (къадруги), тухумчилъиялда, криминалалда ва коррупциягун ришватазда жанив вукIинчIев, Россиялда цIаларав, гIурусай чIужу йигев ва гIемерал тIокIлъаби ругев чи вуго гьев Москваялъе.

Экономикагун налогал лъалев, налоговияб хъулухъалъул генерал ва граждан хIалтIул цевехъан ва гьеб гуреб цогидабги. Живго ГIабдулатIиповасе ва гьесул гIагарлъиялъе ритIухъав чиги вукIинарищха? ХIал кIвани бетIерлъун тункила, кIвечIони премьерлъунниги тела. Гьелъие хIажалъула пуланабги пуланабги бакIалда хIалтIана, хIукуматалъул вице-премьерлъунги вугин абурал жал. Гьеб цо, гIурусаца абухъе версия. КIиабилеб - гьеб кинабго дица рехсараб жоялда бараб жо щибниги гьечIо, Эффендиевас хIалбихьи бугев аппаратный игрокас бичIчIизабун буго ГIабдулатIиповасда администрациялъул бетIерлъун жив лъикIин. Жанисеб политика лъалин, лъида цадахъ щив вугев бицинин ва ритIухъго хIалтIилин.

ТIаде жоялъе гьенив вугев администрациялъул бетIерасул заместитель Алексей ХIасановгун данде кколев рагIуларо Эффендиев. Гьеб буго цIакъ ГIабдулатIиповасе санагIатаб ахIвал-хIал. Алексейица Эффендиевасул гъалатIазул бицина, Эффендиевас Алексейил. Мугъзада нахъа ишал гьабизе рес букIунаро. Бокьараб къоялъ гъалатI ккарав вахъила, ккечIониги вахъила, кIиявгоги вахъун лъабабилев тела. Гьеб Рамазаница цIакъ бигьаго гьабулелъул. Гьеле гьеб кIигояб хутIулеб буго аслиял версияллъун.

Щиб бугеб гьаб хис-басалда нахъаяли нилъеда лъала гIемер кватIичIого. Гьеб бихьизабила Рамазан ГIалиевасе кьураб кверщелалъ ва гьесул галабаца. Гьевги "Карибовлъи" гьабизе лъугьани нилъеда бичIчIила Эффедиевасул "аппаратные игры" бергьараллъи. Гьев таваккалго хIалтIизе лъугьани ва цIиял масъалаби лъуни, хIакълъила тIоцебесеб пикру ва "преемник" операциялъул байбихьи гьеб букIин. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG