МагъчIваялъе рес

Насибовалъул иш халат бахъунеб буго


17 октябрялъ ПатIимат Насибовалъул ишалъул цIидасан хал гьабизе къотIараб хIукму рекъон, 29 октябрялъ Советский мухъалъул диваналъ цIияб хIукму къотIун буго. Диваналъул хIукмуялда рекъон, Насибова туснахъгьайиялъул болжал халат рахъинарун руго.

29 октябрялъ МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ Кизилюрт мухъалъул Кироваул росулъа , гьенир хасал тадбирал тIоритIулаго ккурай, ПатIимат Насибова цIидасан туснахъ гьайизе хIукму къотIун буго. Гьедин лъазабулеб буго «Кавказский узел» интернет сурсаталъ.

6 октябралда Кироваул росулъ тIобитIараб хасаб операциялдаса хадуй ккурай Насибова ПатIимат кий йигеяли лъалеб букIинчIо 9 октябралъ лъагIан.

ПатIимат Насибовалъул адвокат, Елена Денисенкоца баян гьабуна, жинца тIалаб гьабулеб букIанин жинца цIунелелъе дагьаб хIал кколареб тамихI гьабун, гьей рокъой туснахъ гьайи, амма диваналъ ей 8 декабрялде щвезеIан туснахъ гьайизе бихьизабунин.

Гьелдаса цебе, 17 октябрялъ, республикаялъул тIадегIанаб диванханаялда адвокат Елена Денисенкоца тIалаб гьабулеб букIана Насибова ПатIимат рокъой туснахъ гьаюн тейилан абун.

Гьаб сагIат Насибова изнугьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналъул гIайибги гIунтIизабун МахIачхъалаялда туснахъалда йиго.

ТIадегIанаб диванханаялъ нахъе бахъана Насибова туснахъ гьайейилан абун Советский диванханаялъ гьабураб хIукму. Гьеб ишалъул цIидасан, цойгидав диванчияс Советский диванханаялда хал гьабизе хIукму къотIана тIадегIанаб диваналъ.

Насибовалъул адвокаталъ лъазабулеб буго цIех-рехалъ жиндие хIалтIизе квалквал гьабулеб бугила. Такъсиргьабиялъул ишалда хурхарал докуменатазул халагьибизецин рес кьолеб гьечIила гьез жиндие.

Елена Денисенко: «Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналде гIарза кьезе буго нижеца. Дун гьеб ишалда гъорлъе лъугьине йиччалей гьечIо низамцIунулез. КинабгIаги хал гьабичIо гьез дидца цебесеб кьураб гIарзаялъул.

ГьабсагIат гьеб цидасан хал гьабизе битIун буго Советский мухъалъул диваналде. Гьез диваналъ бихьищабураб тамихI хисизабичIого цIидасан кьуна гIарза»

Щиб гьабуниги Насибовалъ жиндаса инкар гьабизе къваригIун бугила низамцIунулезе, гьелде тIадецуйги гьабулеб бугила цIех-рехалъул хIалтIухъабазилан баян гьабуна адвокаталъ.

Гьединлъидал жиндица гIарагаб заманалда диваналде чанго гIарз хъвазе бугила гьел цIех-рехчагIаз къанун хвезабиялда ва жий хIалтIизе тунгутIиялда бан.

Гьединго адвокаталъ лъазабуна Насибовалъул хъизамалтIеги тIадецуй гьабулеб бугила низамцIунулез. Гьедин 17 октябралъул бакъанида жиндирго ишалъ Гъизилюрталде ине йикIарай Насибова ПатIиматил гьитIинай яц Сайгьанат ккун йиго низамцIунулез. Щиб-киналиги бичIчIизабичIого Гъизилюрталъул жанисел ишазул бутIаялде ячун йиго гьей.

Гьелъул гIагарлъиялъ ахIи бахъинабизе байбихьараб мехалда, полициялъ йиччан йиго гьей.

Щиб гьабизейин гьей ккун йикIарайилан цIехараб мехалдаги, Насибова ПатIиматил яц йикIиналъ, цIех-рех гьабизе ккун йикIанин лъазабун буго полициялъ.

Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон 34 сон барай Насибова ПатIимат изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъабалъ ругелгун хурхен бугей гIадан йикIиналда щаклъи буго.

Гьединго цебехун рехсараб хасаб операциялда чIварав Кироваулалдаса Аслудинов ГIалидибирил лъадиги йикIун йиго. Гьел баяназул цIех-рех гьабун бахъинегIан ккун йигин гьейилан лъазабуна къуваталъул идарабаз.

Гьанибго абизе ккола, интернеталда ва социалиял гьиназда тIиритIун ругин къватIи ракьалда чIарал дагъистаниязул хитIабал, Насибова туснахъ гьайиялда ва гIелъие зулму гьабулеб букIиналда хурхун. Гьединал хитIабазул цояб кколеб буго, масала, Туркиялъ бугеб Дагъистаниязул диаспораялъул бетIерасул хитIаб.

XS
SM
MD
LG