МагъчIваялъе рес

Муи ана, Муи хутIана…


Гьал къоязда гIумруялдаса ятIалъарай Дагъистаналъул халкъияй артистка Муи ХIасанова юкъана МахIачхъалаялда. МугIалимлъун цIаларай гьей машгьурай кочIохъанлъун яхъиналъе сабаблъун ккун буго советияб заманалда Дагъистаналъул вукIарав нухмалъулев Даниялов ГIабдурахIманица гьей МахIачхъалаялде ахIи.

Исана 10 июлалда 84 сон бан букIана Муи ХIасановалъ. ТIоцебе гьелъ кечI 16 сон бараб мехалда ахIун буго, гьебги жиндирго яцгIалалъул берталъ.
Гьелдаса хадуй шагьаралде мугIалимлъун цIализе уна. Цинги Гъуний хIалтIизе лъугьуна. Гьеб заманалда гьелъул лъикIаб гьудуллъи букIуна Гъунив цо идараялда бухгалтерлъун хIалтIулев вукIарав композитор АхIмад ЦIурмиловасулгун. Гьедин цо нухалда Гъунире рачIун рукIуна доб заманалда Дагъистан тун къватIивехунги машгьурлъун вукIарав ХIамзатил Расулги гьесул гьалмагъзабиги. Гьенире кечI ахIизе рачун рачIуна Муи ХIасановаги АхIмад ЦIурмиловги. Муица асир гьавурав Расулица МахIачхъалаялде щведал гьелъул хIакъалъулъ бицуна доб заманалда Дагъистаналда нухмалъи гьабулев вукIарав ГIабдурахIман Данияловасда. Гьеб мехалда Данияловас МахIачхъалаялде ахIула Муи ХIасанова, гьенибго рукъги кьола.
Гьедин Муил цIар уна.

Муил репертуаралда руго Майиндур ТIалхIатовасул, Шамхал Шамхаловасул, ГIали Абакаровасул, ТIагьир Къурачевасул бакъназда ахIулел кучIдул. РагIабиги аслияб куцалда Расулил ва халкъиял рукIунаан гьелъул.

КочIохъан хIисабалда Муи ХIасанова лъикI лъалаан шагIир ХIабиб Давудовасда. Россиялъул халкъияй артистка абураб цIаралъе йихьизаюн йикIаниги, щаяли гьелъие гьеб кьечIин бицунеб буго ЭР-ялъе ХIабиб Давудовас.

ХIабиб Давудов: «ТIадчагIазе кьолел цIаралги шапакъаталги, гьелъие кьечIоха, щаяли. Гъой гIадал гIадамал нусго соналда жанир цо нухалда гурони рижуларо. Херлъун йикIаниги, гьаракь хисун букIинчIо гьелъул. Цо нухалда Расулил юбилеялда рукIана ниж. Канлъиги ссун ун, кечI ахIизе бажаруларого рукIана гьенир цо ясал. Гьеб мехалда Муица гьезде цо рагIиги рехун, биччан тана гьаракь. Жергъенгицин букIинчIо гьениб, гIодоб бакIги бухун ахIана гьелъ гьеб. ТIадбалагьун гIамал кIудияй гIаданилан кколаан гьей. ГIурусалъги кIалъалаан гьей. Амма цIакъ гIадатияй гIадан йикIана гьей. Махсара гьабулаан. Ригьнал рахъ битIичIо гьелъие. Гъолъ абулаан жиндихъ рокьи ккрал чанги рукIанила, амма ячине къваригIарал рукIинчIила. Гьединго гIемер бицунаан геьлъ магIарухъги хъутаналадги ккарал жалазул, захIмалъабазул. Кий цее яхъуней йикIаниги гIарац босулароанин бицунаан. Гьанжени гIарцуде буссинабун гьечIищха кинабго».

КочIохъан МухIамадтIамир Синдикъовас рикIкIунеб буго Муида цадахъго тIубараб эпохаги анилан, гьединго ракIалде щвезабулеб буго гьей кутакалда махсара-хочI гьабулей гIадан йикIараблъиги.

МухIамадтIамир Синдикъов: «ГIабдулла абун цо кочIохъан вуго. Бохдулги эхеде ритIун кечI ахIулеб букIана гьес. Гьеб мехалда Муица абуна цо бакIги эхеде битIунищила кечI ахIулеб. ЛъикIаб гьаракь букIана Муил. Дие гьелъул бокьулеб жо букIана фонограммаялда данде ягъулей йикIин. Гьанже техникаялъулъ цебетIей ккедал, дунги гьейги хутIанаха фонограммаялде данде рагъ балей».

Дагъистаналъул халкъияй кочIохъан Хадижат Жамалудиновалъ гьадин ракIалде щвезаюлей йиго Муи ХIасанова.

Хадижат Жамалудинова: «Муи ХIасанова йикIана чиясда бадибе жо абулей гIадан. Амма гьедин бадибе абуниги, ракI тIеренай гIадан йикIана гьей. Гьелъие бокьулаан гьунар бугел кочIохъаби сценаялда рукIине. Долде яхарай кочIохъан нилъер Дагъистаналда йикIинчIо.
Авартеатралъул артистка ПатIимат ХIажиева: «Лъиданиги нахъасан квешаб рагIиги бицунарей, лъикIай гIадан йикIана гьей. Долъ гIадин кечI ахIулевчи щив вугев нилъер. Доб мехалдаги рукIинчIо Муиги Манаршаги гурони».
РСФСРалъул мустахIикъай артистка Муи ХIасанова къадаралде щвана 19 июлалда. Гьей юкъана МахIачхъалаялда.

https://www.youtube.com/watch?v=1BU3iw97N_o

XS
SM
MD
LG