МагъчIваялъе рес

ВатIан бокьи гIицIго тIохьол тIанчаздасан бижуларо


"Дагъистан". ГIурусазул кIудияв шагIир Михаил Лермонтовас бахъараб сурат.
"Дагъистан". ГIурусазул кIудияв шагIир Михаил Лермонтовас бахъараб сурат.

Дагъистаналъул культурияб ва тарихалъул ирс дагь-дагьккун лъугIулеб бугилан пикру загьир гьабулеб буго экспертаз. 20I4 сон культураялъул сонлъун рикIкIун бугониги гьеб цIуниялъе гьабураб жо цIакъго дагь бугилан баян гьабулеб буго тарихчIужу ПатIимат Тахнаевалъ.

2014 сон тIолго Россиялда лъазабун букIана культураялъул сонлъун. Дагъистаналдаги культураялъул сон кIодо гьабун тIоритIун руго гIемер батIи-батIиял данделъиял, форумал ва цогидал тадбирал.

Амма гьелъ Дагъистаналъул культура цIуниялъе кинабгIаги ресал кьечIин, хас гьабун щибаб миллаталъул культураялда хурхал бакIал цIуниялъеги хIукуматалъул рахъалъ гьабулеб хIалтIи гьечIилан рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьедин, масала, тарихиял бакIал цIуниялъул ва гьенир цIигьариялъул хIалтIаби гьарун, гIадамазда жидерго тарихиял кьалбалгун лъай-хъвай гьабиялъе кинабгIаги хIалтIи гьабулеб гьечIин, гьел тарихалъул нугIзал ва гIахIалчагIилъун рукIарал бакIалги тIагIунел ругин рикIкIунеб буго тарихчIужу ва гIелмияй хIалтIухъан Тахнаева ПатIиматица.

Гьелъул рагIабазда рекъон, тарихалда хурхен бугеб ва культураялда хурхен бугеб бакIал дагь-дагьккун тIагIунел руго. Гьелъие гIиллаги буго кIвар кьолеб гьечIолъи тIалъиялъ.

Шамиль мухъалда, Гьоор росдал ва цогидал росабазул сиял, гьединго жанубияб Дагъистаналда гIемерго ругел тарихалъул нугIзал тун руго рехун. Жакъа жеги нелъер культура цIорода нахъалъезе ккараб хIал гьечIила, амма гьелъул агъаз гьабулев чи къанагIат ругила баян гьабуна тарихчIужуялъ.

ПатIимат Тахнаева: «Тарихалдагун культураялда хурхарал бакIал руго цIакъ чIунтун, чаратIагIараб хIалалда. 10-15 соналдасан гьел тIуран тIагIинеги рес буго. Щай- щай гуролъун гьезул агъаз, тIалаб гьабулеб гьечIо гьел цIуниялъе гьабулеб хIалтIиги гьечIо. Гьел данде ракIарун цо сияхIалде росун гурого гьабулеб хIалтIи гьечIо. Культураялъулгун тарихиял памятникал цIуниялъул батIи-батIиял гIуцIаби рукIун гурого гьезул хIалтIи бихьулеб гьечIо».

Дагъистаналда, батIи-батIияб мухъазда, росабалъ ругел культураялъул бакIаллъун кколила гьенир ругел 17-18 гIасрабазда рарал минаби, мажгитал, аслиял къулгIаби, амма киса кирего гьел риххун, чIунтун хвезарулел ругила.

Масала, ГьоцIалъ росулъ бугеб 18 гIасруялда бараб мажгит биххун буго кьучIде щун, гьениб цIияб, кIудияб мажгит базе, амма гьеб кколеб буго тарихияб мажгитлъун имамзабазул заман жинда бихьараб.

ПатIиматил рагIабазда рекъон, жакъа гIун бачIунеб гIелалъулъ ватIаналде рокьи гIицIго тIехь цIалун бижизе рес гьечIо, тарихги умумузул ирсги биххун хвезабулеб мехалъ.

ПатIимат Тахнаева: «ВатIан бокьи гIицIаб бакIалда бижизе рес гьечIо, гьеб бихьизе, лъазе ккола. Масала, Гъуниб бугеб аслияб тарихияб хIужалъун кколеб, Кавказалъул рагъ лъугIун тIанкI лъураб бакIалда щиб жакъа бугеб? Гьениб жакъа буго цо бичIчIулареб кIамури,аскIоб,гIадамаз боцIиги хьихулеб буго. Гьенире лъагIа-лъагIалие рачIунел руго гIемер Дагъистаниял гурелги батIи-батIиял гIадамал. Амма гьениб щибго бихьизе жо гьечIо тарихалда хурхараб.

Гьеб гьечIолъи мухъалъул тIалъиялъул, яги гIадамазул гIайиб гуро, гьеб буго Дагъистаналъул тIалъиялъул гIайиб, гьедин тарих чIунтизе толеб. Гьеб буго нечезе ккараб хIужа. Жалго тIалъиялъул чагIи гьалбалги рачун гьенире уна.Гьединго Кубачи росу. Гьенире лъагIа-лъагIалие рачIуна нус-нус туристал , амма гьениб чIезе бакIцин гьечIо».

ПатIиматил рагIабазда рекъон, жакъа Дагъистаналда цIакъ гIемер бицунеб бугеб туризм цебетIеялъе курортал гуро разе кколеб. Масала, Гуржиялъ киса-кирего культуриялгун тарихиял минабахъ ран руго гIадамал чIезе бакIал. Гьенире рачIунелги руго гIадамал.

Жакъа Дагъистаналда гьединго , масала Гъуниб, гьебго Кубачиялда гьединго чIунтун ругел рукъзал дагьалъго къачIани, гьелъ гIемер цебе тIезабизе рес бугила Дагъистаналда туризм, ричIчIуларел бакIал раяздаса. Гьеб кинабго бугила гIадамазда кIвар бичIчIунгутIи жидеда хьолбохъ бугеб бечелъиялъул.

Жакъаги жеги кватIун гьечIила, нахъ ралагьун чIунтун ругел культураялъул ва тарихалъул аслуял ва нугIзал цIигьаризе ва цIунизе, амма дагъалъги нилъ лъалхъани кватIун ккезе ругила.

XS
SM
MD
LG