МагъчIваялъе рес

Юк баччулел дандчIвана республикаялъул премьергун


25 ноябралда Дагъистаналда Манас росдада аскIор, Хасавюрталда ва Гъизляралда хутIун руго «Платон» системаялдаса разигьечIолъи загьир гьабун тIоритIулел акциязул гIахьалчагIи. Бищунго гIемер автомобилал Гъизляралда ругин, цо-цо баяназда рекъон гьезул къадар 800 ялдегицин бахунеб буго.

Гьединго бищун гIемер автомобилал ракIарун рукIараб Гъаякенталда арбагI къоялда цониги автомобиль хутIун гьечIо. Гьел полициялъ нахъе гъун ругин гьенисайилан абурал баянал рукIана цин тIиритIизарун, амма гьел мекъал баянал ругин лъазабуна жалго гьел чIахIиял автомобилазул бетIергьабаз.

Гьанжеялдаса хадуб щиб гьабилебали дандбазегIан заманалъ гьоркьоб къотIизе танин жидеца Гъаякенталда акцияйилан абуна гьез «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда. Полициялъ жал нахъе гъезе яги жал рухизе жидеца щибниги къанун хвезабулеб букIинчIила, гIорхъолъа арал ишалги гьарулел рукIинчIилан бицана Гъаякенталда аскIоб букIараб забастовкаялъул гIахьалчи ГIалиев Мурадица.

ГIалиев Мурад: «Нухдаса рачIунел нижерго гIадал чIахIиял автомобилал чIезарулел рукIана нижеца. Акциялъулъ гIахьаллъи гьабейин нужецагийилан абулеб букIана гьезда нижеца, тIокIаб щибниги тIалабги гьабулеб букIинчIо. Полиция цохIо гьелде данде рахъана, гьез нижеца автомобилал чIезаризе толел рукIинчIо, чIезе гьезиеги толеб букIинчIо.

ТIокIаб кинаб букIаниги тунка-гIуси нижерги полициялъулги букIинчIо. Манасалда аскIор ругел акция чагIазул ццин бахъинабизе, гьел рагъаризаризе провокациял гьарулел рукIана низам цIунулез. Гьезул 12 чи ккунгицин ун вукIана, цо-цо сордо-къо жанибги бан къватIире риччана гьелги. Нижеца автомобилал хасал гьел чIезарулел бакIазде щвезаруна нижго Манасалде рачIана. Гьанисан ун рукIана жакъа Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIер ГIабдусамад ХIамидовасулгун, пачалихъияб думаялъул депутаталгун ва Дагъистаналъул транспорталъул министерлъиялъул вакилзабигун данчIвазеги.

Гьез лъазабуна жидехъа гьел нужер тIалабал тIуран бажаруларила, гьеб иш федералияб нухмалъиялда бараб бугилан. Гьезни ниж ахIулел рукIана гьеб акция гьоркьоб къотIизе тейилан, амма нижеда жеги нахъе къазе ракIалда гьечIо. Москваялде инищ инарищали дандбалел руго ниж гьаб сагIат, гьенире рагъаризе хIукму къотIани дунги ине вуго гьезда цадахъ».

Москваялде ун доба нухал къан ахIи-хIур бахъинабуни гурони жидер суал тIубаларин абун ракIчIун буго гIемерисел акциячагIазул. Гьез абулеб буго пачалихъалъ жиндицаго тIамулел ругила жал нухал къазеги, цойгидал гIохъолъа арал ишал гьаризеги, щай гурелъул цониги каналалдасан жидер проблемаялъул бицинчIила цонииги журналистас, интернералда жидерго тIалабал загьир гьарун лъурал видеоялги рацIцIунел ругилан бицана гьез. БукIине кколедухъ жидер проблемаялде улкаялъул нухмалъиялъ заманалда кIвар кьун букIарабани гьел акциялги цойгидалги тIоритIизе кколароанилан.

Гьединго Мурадица бицана гьеб акциялъе гIоло жидер щивасе дагьалдасан 70 азарго гъурщил зарал кканилан, жидер чанги рейсал гьоркьор къотIанилан. Амма жидер бищун кIудияб хIинкъи бугила жал хIалтIигьечIого хутIизе рес букIиналъ. Гьедин жал нухда рахъинчIони жидеразул бакIалда цойгидал автомобилал кколила гIадамаз. Гьезие щибго ургъел букIунарила жидер проблемабазулги акциязулги. Гьезие лъица баччунги жидер къайи баччун заманалда букIине кколеллъубе щвезавулев чи къваригIунилан.

Гьедин клиенталги, рейсалги гьечIого жал хутIани тIокIаб кинаб букIани хIалтIиги жидее щолалиран абун рахIат хун вуго гьев. Гьесго бицана жиндица гIумру гьабулеб Гъаякент росулъ гIумру гьабун вугила 12 азарго чи, росулъ бугила къайи баччулеб кIудияб 1500 автомобиль, гьедин гъаякенталъулазул 80 процент бугила гьел автомобилаздасан магIишат гьабулел чагIи, гьединлъидал жидер росу цIакъго захIматаб хIалалде кколеб бугин абуна Мурадица. Амма гьеб цохIо жидер росдада ва чIахIиял автомобилал рачунезда хъинтIун хутIуларила, гьелъ тIолабго улкаялъулго экономикаялъе зарал гьабизе бугилан рикIкIунеб буго гьес.

XS
SM
MD
LG