МагъчIваялъе рес

Парламенталъул инициатива: "Анищ ИГИЛалде - махIрум гьаре ватIаналдаса!"


Дагъистаналъул парламенталъ рахъккуна Сириялде рагъизе арал россиялъулал Россиялъул гражданлъиялдаса махIрум гьаризе кколин республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас цебе лъураб суалалъул.

Гьелда хурхараб хитIаб Дагъистаналъул депутатаз Пачалихъияб Думаялде битIулеб буго. 25 ноябралда МахIачхъалаялда Халкъияб Мажлисалъул сессиялда гьелъул хIакъалъулъ бицана къануназул рахъалъ гIуцIараб комитеталъул нухмалъулев Фикрет Ражабовас. Цинги депутатазги разилъи кьун, бутIрул хьвагIулел рукIана. Гьадин абуна Фикрет Ражабовас.

Фикрет Ражабов: «Ахираб заманалда Россиялъул гражданал терроризмалъул пишабазулъ гIахьаллъи гьабизе гIорхъи тун къватIирехун унел хIужаби раккун руго. Гьезул гIахьаллъиялдалъун зарал кколеб буго Россиялъул Федерациялъеги».

Хадуб Фикрет Ражабовас рехсана гьанжегIагар Синаялъул бащдаб чIинкIиллъиялдаги Туркиялдаги рортизарурал Россиялъул аэропланал.

Хас гьабун Сириялда гурелги, Россиялъул гIорхъи тун къватIире Россиялъул гIадамаздаги, гьелъул армиялдаги, гьелъул официалиял вакилзабаздаги данде рагъизе арал чагIи тамихIалде цIазе гьабулеб жо бугин гьебилан мухIканлъизабуна жиндирго кIалъай Фикрет Ражабовас.

КъватIисеб политикаялъулъ Россиялъул бугеб гIахьаллъиялъул бицунеб мехалда нилъеца цебе чIезабулила кутакалда къуватаб армияги, хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъги, цогидабги бугеб улкаян абуна ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда журналист ва бакъбаккул рахъ лъазабулев Илясица. Амма сонисел студенталгун, кодоб ярагъги ккун гьаниса гIебеде рекерахъдулел гIолилалгун рагъизе тIокIаб батIияб рес батизе бегьуларебищин гьединаб къуватаб улкаялъ.

Иляс: «Гьадин бачIинахъего Россиялъул гражданлъиялдаса махIрум гьаризе кколин Сириялде рагъизе анщинал чагIиян гIорхъи чIвалалде, цин чIванкъотIун лъазабизе ккела чан чи дова вугев, унголъунги рагъулел рукIанищ гьел дора рукIинчIищали. Гьединго хIисабалде босизе ккола гьадинаб хIужаги – дида рагIана жидеего бокьичIого Сириялде ккарал гIадамалги ругилан. Гьедин цо пуланаб заманалдасан лъазеги бегьула гьезул хIакъикъияб къадар.

Гьеб мехалда билълъанхъизабизеги бегьилаан гьеб тамихI – Россиялъул гражданлъиялдаса махIрум гьари. Амма дора рукIаго жидерго цIарал хисун рукIинеги рес буго гьез. Гьединлъидал захIмалъизе буго гьел тIатинаризе. ТIатинаризе кIолеб гьечIони, Сириялдаса тIадвуссунев дагъистаниясул яги россиялъуласул, масала, Туркиялъул гIорхъода цIакъго тIаде кIвар кьун хал гьабизеги батила, киса щивали лъазе».

Буйнакскиялдаса адвокат НурмухIамад МухIамадовас цIунулев вукIарав Унсоколо мухъалъул ХарачIиса чи туснахъ гьавуна дагьалъ цеве Сириялда вагъулев вукIанилан. Амма гьев живго гьелъие мукIурлъичIо диваналда цеве. Жив Египеталда цIалулев вукIанин абуна гьес. Гьедин гьанже Туркиялде букIаниги, Египет букIаниги, гIараб улкабазде гIемер унила дагъистаниял цIализе яги хIалтIизе, гьанже нуж Сириялда рукIанин гIайибги гIунтIизабун тамихIалде цIазе рес бугин гIадамалин рикIкIунеб буго адвокатас. Гьединго бицен гьабулеб суалалда – ай Сириялда рагъулел рукIиналъ Россиялъул гражданлъиялдаса махIрум гьаризе рукIиналда - тIасан хIукму къануналда данде ккей-ккунгутIи цин Россиялъул Конституциялъул Диваналъ къотIизе кколин тIадежубана адвокат НурмухIамад МухIамадовас.

НурмухIамад МухIамадов: «Дида гьеб хIукму битIараблъун бихьуларо, диваналдасан гьабун гурони. Гражданлъиялдаса махIрум гьаризе ккани, цин балагьизе ккола гъоз ватIан бичун бугищ, гьел гьелъие хилиплъун ругищали. Дир хIисабалда, нилъер халкъги рихун, ватIаналъеги хилиплъунилан арал чагIи ратиларо гьел, гIицIго динияб бербалагьиялда ун рукIин гурони.

Масала, жидергун динцоязе зулум гьабулеб бугилан, гьезие хIалае рахъинейин ун рукIине рес буго. Жибго гьеб жоялъул – гражданлъиялдаса махIрум гьариялъул - процедураги кинаб букIинебали бичIчIулеб гьечIо. Гьелъие хIукму къотIизе ккола Конституциялъул диваналъ, къануналда данде кколищ гьеб, кколарищали. Гьеб мехалда гурони гьелъие къанунияб аслу букIинаро».

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула терроралда данде чIун 20 ноябралда МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиги. Гьениб республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас къанун цIунулезе тIадкъай кьуна терроралдехун хурхен бугелщинал чагIазул хIакъикъияб къадар чIезабеян. Цебеккунисеб сияхIалда рекъон, кодоб ярагъгун рохьалъ рахчаразул 40 чи рагIула республикаялда.

XS
SM
MD
LG