МагъчIваялъе рес

Булатов - ГIумаханов: лъихъе щвелел "Росреестарлъул" кIулал?


Нухмалъиялда цадахъго хисизабулеб буго Росреестралъул миналъул "гьумерги."
Нухмалъиялда цадахъго хисизабулеб буго Росреестралъул миналъул "гьумерги."

Росреестралъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб БутIаялъул нухмалъулесул ишал тIуразе тIадкъан буго Булат Ризвановасда. Гьесде щвезегIан гьеб хъулухъалда вукIана политик ХIажи МахIачевасул дурц. Цо-цо баяназда рекъон, гьеб хъулухъ кьезехъин буго Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумахановасе.

ХIажи МахIачев хун хадув республикаялъул тIалъиялда хутIарал гьезул тухумалдаса чагIи рукIана МахIачевасул вас ТIалхIат МахIачевги гьезул дурц Адам ГIамирилаевги. ТIалхIат МахIачев ккола Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутат. Адам ГIамирилаев – Росреестралъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб БутIаялъул нухмалъулев. Гьев гьениве 2012 соналъул байбихьуда тIамун вукIана. Нартил компаниялъул нухмалъулевги Пачалихъияб Думаялъул депутатлъунги вукIана гьев.

Гьанже рахъун ГIамирилаев хъулухъалдаса эркен гьави гьесул вакьад, республикаялда рагIи билълъарав чи – ХIажи МахIачев хвеялда базабулеб буго цояз. Амма цогидаз ракIалде щвезабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас Росреестралъе гьабураб критика. Гьедин хъулухъалде жив тIамулеб мехалъ Ризван Булатовас абун буго (жиндирго хIалтIухъабазда цебе) республикаялъул бетIерасул бадирчIваялги гIадахъ росун хIалтIилин жал хадурккун.

Гьелдаго цадахъ гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула Росреестралъул хIалIти лъикI гIуцIун букIиналда бан Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас гъоркьисала риидал Адам ГIамирилаевасе сагIат сайгъат гьабун букIараблъиги.

ПалхIасил, Росреестралъул нухмалъи хисизе бугин бицине лъугьаралдаса моцIидасаниги цIикIкIун заман буго. Официалияб куцалда гьелъул бицунеб жо къанагIатги рагIуларо. Гьединлъидал «Черновик» газеталъул пикруялда рекъон, Адам ГIамирилаев Россреестралдаса нахъе гьави букIине бегьула цебегIанго Амирилаевасул доба чIухь бай. Росреестралъул нухмалъиялде ккедал, гьес квербакъун бугин нартил компаниялъул бетIергьанлъиялда ругел ракьалги буголъиги хасаб бетIергьанлъиялде кьезейин рикIкIунеб буго цIех-рех гьабулез.

ТIубанго божизе бажаруларел бакIалъан щварал баяназда рекъон, Росреестралъул нухмалъиялде вачIине кколаан Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумаханов. Гьесул бакIалде мэрлъун тIамизехъин вукIун вуго Адам ГIамирилаев. Амма ГIумахановасе гьеб хъулухъ гIодобегIанаб хъулухъ бугин рикIкIунеб буго республикаялда.

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда «Черновикалъул» журналист МухIамад МухIамадовас абуна гьанже аслияб суал кколин Росреестралъул нухмалъиялда Ризван Булатов тасдикъ гьавизе вугищ, ялъуни гьениве Сайгидпаша ГIумахановищ вачIине вугевали. Гьединго ЭР-ялъ гара-чIвари гьабуна Росреестралъул хIалтIухъаналъулгун. Гьелъ абуна Хасав мэрас инкар гьабун бугин гьениве вачIине, гьесие ХIисаб гьабулеб палата къваригIун рагIулилан.

Амма унголъунги Сайгидпаша ГIумаханов Росреестралъул хъулухъалде вачIани, гьелдалъун загIиплъулин Дагъистаналъул бетIерасул позициялин рикIкIунеб буго «Черновикалъул» журналист МухIамад МухIамадовас.

МухIамад МухIамадов: «Щайин абуни Сайгидпаша ГIумаханов ккола Чачаналъулгун Дагъистаналъул гIорхъода вугев сангар гIадав чи. Гьединлъдиал гьевги нахъе вахъун ъова Чачаналдехун цIайи бугев чи танани, гьеб шагьар Дагъистаналъул хъаравуллъиялдаса уна. Узухъда, юридикияб куцалда шагьар Дагъистаналда букIина. Ама балагьи Чачанлдехун букIинаха. Дагъистаналда нухмалъи гьедигIанго къуватаб гьечIин абуна гьаниве вачIиндал Шималияб Кавказалда Россиялъул президентас тарав вакил Меликовасги. Гьебги хIисабалде босунниги республикаялъул тIалъиялъ сверухъ бугеб унго-угояб ахIвал-хIалалъе битIараб къимат кьезе ккола, жиндиего бокьа-бокьарал жал гьаричIого. Амма Сайгидпаша ГIумахановги течIого, Росреестралда Ризван Булатовго тасдикъ гьавулев ватани, гьебги батIаго квеш гьечIо. Гьелдалъун бихьулеб буго цIадахIарисезул тухум щулалъизехъин букIинги. Живго Ризван Булатовги чанго болъо-хIокIги нахъа тун вахарав чи вуго тIаде. ЛъикIал лъай-хъваялги руго гьесул. Дагъистаналда квешаб пикру букIуна тухумчилъиялда тIасан. Амма заман хисун буго. Цере гIадин такъсирчилъиялдехун цIайи бугел гьечIо гьел гьанже. Къанун хвезабурал жал гьез гьарулел ругищали федералияб централъ халкколеб бугони гьезда хадуб, Дагъистаналъе пайда буго гьездаса».

Росреестралъул нухмалъиялде Булат Ризванов ккеялдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабулелги руго. Гьелдалъун гьезда ракIалде щолел руго тухумчилъиялда рекъон тахбакIал рикьулел рукIараб заман. Масала, гьев Ризван Булатовасул цояв вац вуго ЗахIматалъул инспекциялъул нухмалъиялда. Цогидав вац вуго Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда тарихалъул факультеталъул деканлъун. Ризван Булатовасе Росреестралъул хъулухъги Москваялда вугев Булатовазул ракьцояв, Федерациялъул Шураялъул вице-спикер Иляс ГIумахановас щвезабун бугин рикIкIунеб буго цо-цояз.

XS
SM
MD
LG