МагъчIваялъе рес

Лъимал ракъун хутIулел руго ясли-ахазда


МахIачхъалаялъул ясли-ахазда лъималазе бихьизабураб квен-тIех чIезабулеб гьечIин чанго моцIалъин, гIарз гьабулеб буго улбуз. Лъималазул ахазе ва школазе кванил нигIматал чIезарулеб гIуцIиялъул чIахIиял налъаби ругин, лъазабулеб буго шагьаралъул тIалъиялъ.

Ясли-ахазда лъималазе кьезе кколеб пихъ, гьуинлъи, рахьдал нигIматал ва гьан тIагIун букIин жидеда гьенисан рокъоре лъимал чанго нухалъ кваначIогон рачIун, гьелъие гIилла цIехон хадуб гурого лъачIин бицунеб буго Сулаева Альбинаца. ГIемерисез лъимал ахалде щвезаричIого толел ругила, амма жиндир рес гьечIила гьелгун рокъой йикIине.

Сулаева Альбина: «Дида лъавухъе, кIиго моцIидасаги гIемер заман буго сах-саламат лъимал кваназарулел гьечIого. ГIемерисез лъимал рокъор тун руго, гьезул лъикIаб гуреб квен кванан унти баккилин, амма дир рес гьечIо лъимал рокъор тезе, дунгоги хIалтIулей йигей мехалъ. Рокъоре рачIун, ракъун ругин абулеб буго лъималаз».

Альбинал лъимал хьвадулел руго МахIачхъалаялъул 87 лъималазул ахалде. Гьелъул хIалтIухъабаз баян гьабуна март моцIалъ дагьалъго лъикIлъанин нигIматаздалъун хьезари, масала февраль моцIалъ чакар, пиринчI, нах ва цогидал хIажатал нигIматал гьечIогон рукIанила, гьабсагIат гьел чIезарун ругила.

МахIачхъалаялъул 17-абилеб ясли-ахалда ахIвал-хIал дагьаб лъикI бугилан абулел буго улбуз, «Эркенлъи» радиялъ баянал росизе цIех-рех тIобитIарал улбуз бицана араб соналде данде ккун, лъималазе кьолеб квен-тIехалъул даража гIодобе ккун бугин, тIоцере тIагIун бугила пихъ ва йогуртал. Цо эбелалъул рагIабазда рекъон, гьадинго йосун йиго гьелъул яс яслиялде, гьединлъидал кинабгIаги гIарз бахъизе рекъараб гьечIила жинца. Жибго ахалъул хIалтIухъабаз бицана, ругел нигIматал рекъезарун, лъималазе пайдаяб татуяб квен гьабулила жидеца. Цо-цо улбузул мобилиял къокъабиги рачIунила кин лъимал кваназарулел ругелали хал гьабизе ва гьел рази рукIунила. Улбузда бичIчIулеб буго нигIматал тIагIин яслиялъул хIалтIухъабазул гIайиб гуреблъи.

Лъеда гьабураб чурпа, рахь гъорлъ гьечIеб карщ, гьединаб квен кьезе кколеб бугин жидеца лъималазейин абулеб буго цогидаб ахалъул хIалтIухъан Хадижатица. Араб соналъул ноябрь моцIалдаса бахъун тIагIанила рахьдал нигIматал жидер кванилъа.

Хадижат: « БацIадаб лъеда гьабула карщ, гьединго, лъеда гьабураб чурпа кьезе кколеб буго лъималазе. Гьез гьеб кваналеб гьечIо, лъикIаб квен кванан ругьунал рукIиналъ. Рахьдада гьабураб кварщ кванан ругьунал лъималазе гьеб бокьуларо, ракъун гьелги хутIулел руго».

Щай кколеб хIалалъ лъимал кваназарулел гьечIелин цIехедал, нигIматал чIезарулел чагIаз багьаби рахинарун ругин, бюджеталда гIураб гIарац гьечIин абунила жидедайин бицунеб буго СахIиба Каримовалъ. ГьабсагIат жидеца лъималазе цадахъ лъолила кваназе пихъ, ва цогидал нигIматал.

Дагьаб цебегIан, МахIачхъалаялъул администрациялда тIобитIараб данделъиялда, кколеб къадар нигIматазул лъималазул ахазде щунгутIиялъе гIилла, гьел чIезариялъухъ жавабияб «МахIачхъалапродукт» гIуцIиялда тIаде 150 миллион гъурущ налъи ккун букIин бугин, лъазабуна шагьаралъул Лъай кьеялъул идараялъул нухмалъиялъул бетIер ТIагьир Мансуровас.

«МахIачхъалапродукт» гIуцIиялъул нухмалъиялда ругел гIунгутIаби тIагIинарун бажаричIолъиялъ, гьелъул бетIер Мусаев ГIусман нахъе вахъанин гьал къояз, гьесул бакIалда цIияв нухмалъулевлъун ГIабдурахIманов АхIмад танин, баян гьабулеб буго МахIачхъалаялъул администрациялъул пресс-хъулухъалъ.

НигIматал росизе тIоритIулел аукционал ракIбацIцIадго тIоритIитун ратичIолъи ва лъималазе чIезарулел нигIматазда экономия гьабун, налъаби рецIизе лъугьин кканила нухмалъулев хисиялъе гIилла. ГIагараб заманалда жаниб кванил нигIматал чIезариялъул саал тIубан цойиде ккезабизеги бугила.

XS
SM
MD
LG