МагъчIваялъе рес

Щай нусго полициялъулав хIалтIудаса махIрум гьавурав?


26 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб Халкъияб Мажлисалъул сессиялда депутатаз цIакъго кIвар буссинабуна жанисел ишазул министрас гьабураб кIалъаялде.

Гьеб сессиялда жанисел ишазул министр ГIабдурашид МухIамадовас бицана жидеца гъоркьисала хъулухъалдаса рахъанила 1184 хIалтIухъан. ТамихIалде цIанин щуазарида цIикIкIун чи. Гьезда хурхун цIех-рехалъул 60-ниги ишги байбихьанин.

ЭР-ялъ цебехун бицун букIана низам цIунулел идарабазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев Шамилов МухIамадиде мугъчIвайги гьабун, кIудияб гIилла-мурадго гьечIого Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса нахъе рехарал гIадамал гIезегIан ругин. Гьезул цо-цоял ругила, масала, Кислицкий Сергей гIадин, батанщинаб гIарацги хвезабун, диваназде гIарзаби хъвалел, адвокатал кколел.

Россиялда лъугьараб финансазулабгун экономикаялъул кризисалдаса рорчIизелъун, улкаялда киналго идарабаздаса махIрум гьарулел ругин гIадамал. Гьелдалъун бюджет тIокI гьабилин кколеб бугила хIукуматалъул чагIазда.

ПалхIасил, гъоркьисала Дагъистаналда цониги теракт ккечIин, гьелъие гIоло жидеца гIезегIан хIалтIиги гьабунин бицана министрас. Депутатаз гьелда тIасан гьесие суалал кьолел рукIана.

Коммунистазул депутат МухIамад МухIамадовас гьадинаб пикру загьир гьабуна.

МухIамад МухIамадов: «Бищун квеш ккараб жо буго, нилъ киналго ругьунлъун руго диван гьечIого гьарулел чIвай-хъвеязде. Ругьунлъи цIакъ квешаб жо буго. Хасал операциялин, КТО-ялин цIарги лъун чIвалел руго гIадамал. БитIараб къагIидаялъ кинха гьабизе кколеб? Чиясда гIайиб батани, гьесда тIад цIех-рехалъул ишги рагьун, диванги гьабун, туснахъалде витIизе ккола. ЦIакъго бакIаб такъсир гьабурав чIвазе къотIулаан, гьанже гьеб гьечIо, амма чIвалел чагIиги гьелдалъун дагьлъичIо.

Гьаниб абуна 161 террорист чIван вугилан. Гьанибго абуна араб соналъ цониги теракт букIинчIилан, амма I6I террористги чIван вуго. Терактги гьабичIого гьел кин рижун рахъаралали бичIчIулеб гьечIо. Цодагьаб цебегIанги бицунеб букIана цо хасаб операция унаго анкьго чи чIванилан, гьезда гьоркьор росги чIужуги рукIанилан, гьезул лъимер къватIибе бачанила. ХIисаб гьабеха, гьанже кинаб сипаталда гьанже гьеб лъимералъе полициялъул хIалтIухъабазул гьумер бихьизе бугеб? Кинаб бербалагьи полициялдехун букIине бугеб халкъалъул гьелдаса хадуб?

Цо кинаб букIаниги, нух батизе бегьулеб букIинчIищ, цо анкьица моцIица сверун гьеб минаги ккун, чара гьечIого чIвазейищ кколел рукIарал гьенир жанир рукIарал? ХIасил калам, дие абизе бокьун буго чIвай-хъвеяздалъун халкъалъул ццим бахъинабун гурони, тIокIаб гьелъ кьезе жо гьечIилан. Полициялъ чIварал гIадамал цоясе вас, цоялъе рос, лъималазул эменлъун вукIана гьезул гIагаразе, террорист вукIунаро».

Коммунистазул вакилас абуралъе бадибчIвай гьабуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Гьале цо-цояз гьикъулеб буго гъоркьисала соналда жаниб цониги теракт букIун батичIони, 161 террорист кининха нужеца чIварав? 161 террорист чIваялъха гьел теракталги ккечIел. Гьел террористалгун лъугьине хIалбихьигицин гьабизе бегьуларо. Цебеялда дандеккун лъабго нухалъ дагьлъун руго терроралъул пишаби. Нилъгогицин божулел гьечIо гьелда. Амма гьелдаго цадахъ Хьаргаби мухъалда такъсириял хIужаби цIикIкIун руго нусго проценталъ. Гъуниб – 78, Лак мухъалда – 47, проценталъ».

Хадуб хабар ккана полициялдехун халкъалъул божилъи цIикIкIинабизе къваригIиналъул. Масала, депутат Мурзадин Авезовас рехсана щуго моцIалъ цеве Нугъай мухъалда сурав босизеян полициялдеги ахIун гьенив чIварав Эрадил Асанов. Гьеб хIужаялъе гIайибияв полициялъуласе жеги тамихI гьабун рагIуларо. ГIицIго цIех-рех лъугIизегIан хъулухъалдаса инкар гьавун вугила. Гьединал мисалал гIемерлъанагIан полициялъул къиматги холин, халкъги полициялда данде чIезе бугин абуна депутатас. Гьединго депутат МухIамад МухIамадовас бицана Табасаран мухъалда хасаб операция тIобитIулаго чIварав бакIалъул депутатасул мисалги.

Низам цIунулездехун божилъи бачIинабиялъе кварбакъи гьабулин участоказда тарал инспекторазин абуна республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Масала, жив гьитIинаб мехалда ЛъаратIа мухъалда жидер кIиго участокалда вукIанила цохIо инспектор. ГIадлуги букIанила. Гьанжейин абуни инспекторалги гIемер ругила, гIадлуги хун бугила.

XS
SM
MD
LG