МагъчIваялъе рес

Гочинаруразул анищал хвезаруна "Новостроялъ"


ЦIияб Новолак мухъалда рукъазабазда жаниб
ЦIияб Новолак мухъалда рукъазабазда жаниб

26 августалда ЦIияб Лак мухъалдаса гочинарурал гIадамазе рукъзал ралеб «Новострой» абулеб идараялъ Дагъистаналъул монополиялде дандечIараб идараялъ гьарурал хIукмабаздаса разигьечIолъи загьир гьарун хъварал 50 гIарза нахъе босана.

«Новостроялъ» бакIал ралел компаниязда гьоркьоб гьабизе кколеб букIараб аукцион къанунги хвезабун тIобитIун букIиналъ Монополиялде дандечIараб идараялъ 100 цIикIкIун иш рагьун букIана. Цин гьел ишал рагьиялдаса разигьечIого рукIарал «Новостроялъулал» гьанже гьел ритIарал рукIиналъе мутIигIлъулел руго. Амма «Новостроялъ» рарал рукъзабахъ гIумру гьабун ругел гIадамазул гьел минаби ран ругеб куцалдаса бугеб разигьечIолъи жеги лъугIун гьечIо.

2013 соналъул ноябрь моцIалдаса нахъе «Новостроялда» ва Дагъистаналъул монополиялде дандечIараб идараялда гьоркьоб бугеб диван лъугIун гьечIо. «Новостроялъ» букIине кколедухъ бакIал раялъул гIадлу цIунулеб гьечIин, гьез къануналъухъ гIинги тIамичIого жидедаго ракIалде кковухъе тIоритIулел ругин аукционалги, гьез рарал бакIалги санагIалъи бахъараб хIалалда ругин лъазабун букIана УФАСалъ. Гьелда хурхун I00 цIикIкIун ишги рагьун монополиялде дандечIараб идараялъ тамихIалде цIалеб букIана «Новострой». ТIубараб лъагIелгIан мехалъ жидедего гIунтIизарулел гIайибаздаса разигьечIин жалиланги абун «Новостроялъулаз» монополиялде дандечIараз гьабураб хIалтIудасан диваналде гIарзал хъван рукIана. Гьанже гьеб 50 гIарза нахъе босиялъе гIилла щибилан цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ «Новостроялъул» пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Камалова ХIуризадалъухъе ахIараб мехалда, гьелъ лъазабуна жидер идараялда гIайиб букIин бичIчIун нахъе росанин гьел гIарзалилан.

Камалова ХIуризада: «Монополиялде дандечIараб идараялда тIадаб буго гьабулеб хIалтIи къануналда рекъон унеб бугищали хадуб хал кквезе. Гьанже нижеца гьез тIалаб гьабураб къагIидаялда гIуцIизе буго хIалтIиги, хисизабизе буго гьеб гьабулеб букIараб къагIидаги. Гьабгощинаб цоцада ричIчIунгутIи лъугьинарон «Новострялдаги» монополиялде дандечIараздаги гьоркьоб аукционал электроннияб къагIидаялъ тIоритIизе кколин абун тIалабал раккун рукIинчIелани. Нижеца гьел церего гIадин тIоритIулаан, гьанже гьел электроннияб къагIидаялъ тIоритIизе хIажатабщинабги чIезабун, букIине кколедухъ тIоритIизе руго. Нижеца Монополиялд дандечIараб идараялъ рагьарал ишал ритIарал ругин рикIкIуна, хаду-хадуб гъалатIалги риччачIого букIине кколедухъ хIалтIи билълъинабизе буго «Новостроялъ».

Гьелъулго рагIабаздда рекъон Дагъистаналъул монополиялде дандечIараб хъулухъалъ тIад ишал гьариялъ ва диваназда гьезул халгьабиял тIоритIулел рукIиналъ «Новостроялъул» хIалтIи чIун гьечIо. Гьелъ бицухъе исана I сентябралда ЦIияблак мухъалдаса гочарал гIадамаз гIумру гьабун бугеб ЦIияб Чуртахъ росулъ рагьизеб уго «Новостроялъ» бараб гьанжесеб заманалъул киналго тIалабазде данде кколеб, букIине кколедухъ бараб школа. КIиго лъагIалида жаниб гьеб идараялъ ЦIияб Лак мухъалдаса гочарал гIадамазе 7 ниги школа бан лъугIун буго.

Монополиялде дандечIарал гурониги «Новостроялдаса» разигьечIезул къадар гIезегIан бугин абизе бегьула. Бищун цебе гьезул хIалтIудаса разигьечIо «Новостроялъ» рарал рукъзабахъ гIумру гьарун ругел ЦIияб Лак мухъалдаса гочинарурал 8 росдал гIадамал. Цо кIалдисан гIадин гьел гIадамаз абулеб буго жидее рарал минаби букIине кколеб хIалалда ран гьечIин, гIемерисел гьел щущан ине ругилан, яги жаниб гIумру гьабун бажарулареб хIалалда ругилан. Цо-цоязе ралел рукIарал гьел рукъзал кагътида лъугIизарун ругинги хъван, жанисанцин къачIачIого чанги саназ гIадада рахъун чIун, чIунтулел ругин абулеб буго гочинарураз. Гьединазда гьоркьов вуго гочинарураз гIумру гьабун бугеб ЦIияб Шушия росулъа ГIисаев АхIмадги.

ГIисаев АхIмад: «Ниж гьанире гочана I999 соналъ. I5 соналъ гьанир ругониги жеги дир эбелалъе бараб рукъ лъугIизабун гьечIо. 50-60 соналъ гьабураб магIишатги, кIигониги минаги тун гочине ккана гьей гьаниехун. ГIадамазе доба реххун тараб магIишаталъухъ дагьаб-макъабниги рецIалил гIарац щолеб букIана, нижее гьебги щвечIо. Гьедин цебе букIарабги гьоркьоб ун, щвезе кколеб букIараб цIиябги щвечIого хутIана дир эбел. Гьаб сагIат гьелъие жийго бетIергьанай жаний юссине бакIцин гьечIо. 20 соналъ цебе гьелъиейин абун бараб гьаб рукъги жеги лъугIизабун гьечIо. Кагътазда рекъон гьаб буго лъугIизабураб, жанибги къватIибги кинабго хIалтIиги гьабураб мина. Амма жанир лъугьун гIумру гьабун бажарулеб хIал гьечIо гьаниб. Гьаб лъугIизабизе я дир эбелалъул я нижер гIаразги гьечIо, ресги рекъоларо. Дида лъала гьал рукъзал къачIазеги, ран рахъинаризеги чанги нухалда гIарац биччан букIараблъи, амма гьеб гIарац тIагIана ва рукъзал жеги лъугIизаричIого руго».

ЦIияб Лак мухъалдаса гочинарурал гIадамаз гIемер митингалги, батIи-батIиял акциялги тIоритIана жидер рукъзал букIине кколеб хIалалъ райин, ран рахъарал, амма риххун ине ругел къачIазе гIарац кьейилан тIалабги гьабун. Амма я жидеца тIоритIарал акциязул я хъварал кагътазулгун гIарзазул пайда ккечIин лъазабулеб буго гьел гочинарураз. Гьадин гурони жидер суал тIубалеб гьечIони жидеца нухал къан, МахIачхъалаялъул аслияб майданалде рахъун ахIи-хIун бахъинабизе бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе гочинаруразул суалал тIураялда хадув лъугьун вугев жамгIияв хIаракатчи Будайчиев Камалудиницаги. Гьесул рагIабазда рекъон 19 соналда жаниб 300 цIикIкIун кагъатги гIарзаги хъван буго гьес гьел гочинаруразул суал тIубайин абун тIалабги гьабун. Гьебщинаб кагъат хъвраб мехалда цохIоцIул «Новостроялъул» нухмалъулев Мандиев МухIамадсанида тIад такъсиргьабиялъул иш рагьанила, амма гьелъулги щибго хIасил ккечIила, Мандиев жеги жиндирго хъулухъалда вугин лъазабуна Камалудин Будайчиевас.

Гочинарурал гIадамазе минаби ралелъул пачалихъалъул I млрд гъурущ бикъиялъул гIайибги гIунтIизабун такъсиргьабиялъул иш рагьун букIана 2013 соналъ МухIамадсани Мандиевасда. Гьеб ишалда хурхун жеги цIех-рех лъугIун гьечIин лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ.

XS
SM
MD
LG