МагъчIваялъе рес

Щай цIалдохъабазул улбуз гIарац бакIаризе кколеб?


ЦIалул сон байбихьигун байбихьулеб буго школазда батIи-батIиял гIиллабаздалъун улбузухъа гIарац бакIари. ГIарац бакIари гьукъун бугониги, улбузул комитетал гIуцIун бакIарулеб буго гьеб школазда.

Школа цIунизе тарал цIуна-къаялъул хIалтIухъабазе, видео-халкквеялъул система лъезе, горда разе жалюзяби росизе, ремонт гьабизе ва жеги чанго батIиял хIужабазе санайил гIарац бакIарулеб буго школазда. Бокьун-хIал гьабун, киназго кьолелъул кьечIогонищин телебин кьолин гьеб гIарац, нагагь цогидаз кьун бахъун цо-кIиго лъимаца кьечIогон хутIанани, щибаб къоялъ классалъул нухмалъулез тIаде рахъинарун, гьаз жеги бачIиничIин рехсолалъун, лъимада унти ккун букIинн хех гьабун гьеб гIарац школалде босизейин абулеб буго ХIусенова ПатIиматица.

Гьелъие бокьичIо лъимал хьвадулеб школалъул цIар рехсезе, МахIачхъалаялда бугеб гIаммаб лай кьеялъул цояб кколеб буго гьеб. Араб соналда школалда цIуна-къаялъул шартIал чIезариялъул мурадалда гьезул школалда тун руго цIуна-къаялъул хIукуматалъул гуреб гIуцIиялъул хIалтIухъаби ва лъун буго видео-халкквеялъул система. Гьеб киналъего харж гьабизе гIарац улбухъа бакIаранила, щибаб лъимер хIисаб гьабун 1200 гъурущ.

МахIачхъалаялдаса Алена Шапиевалъул руго гьединалго гIарзал. Лъималазул ахалдаса бахъараб школа лъугIизегIан кидаго сундуениги гIарац бакIарулел рукIунила, школалде рачиналде гьабураб данделъиялда улбузда абунила классалъул фондалъе гIарац бакIарулеб бугилан, сундуе гьеб бакIарулебали цIехедал, ручка-къалам босизйин жаваб щванила.

Алена Шапиева: «Школалда гIарац бакIарулеб бугин абидал, дица цIехана сундуе гьеб бакIарулебали, канцеляриялъул къайи босизе хIажат бугила гьебилан жаваб гьабуна улбузул комитеталъ. Дица хIажатаб къайи босун бугин абдал, доскаялда чIвазе хIажатал макъратIисал ва цогидаб хIажат бугин абуна. 2000 гъурущ гьеб къайи босизеги хIажалъуларин абуна дица. Улбузул комитеталдаса чIужугIаданалъ абулеб буго гьеб гIарац кьезе кколин. ГьанжелъагIан гIарац бакIарулеб букIана жалго классалъул нухмалъулез, гьанже улбузул комитетги гIуцIун гьездасан бакIарулеб буго гIарац. Гьеб комитеталлъул бетIер, цо эбел, рекъон йикIуна классалъун нухмалъулейгун ва гьелъул лъимадехун хасаб бербалагьи букIуна. Дирго лъимадехун батIияб бералагьи букIинчIогон букIине дица кьуна гIарац, хIажат батани кьелин абун, амма киназдаго бичIчIула гьеб сундуе бакIарулеб бугебали».

Гьединго МахIахъалаялъул цо-цо школазда тIоцересел классазде рачунаго пуланав классалъул нухмалъхулесда цебе лъимер ккезе 1000 гъурущ гIарац кьезе кколеб буго, гьедин бакIарулеб буго гIарац МахIачхъалаялъул 8 школалда. 2011 соналдаса бахъун школазда цIияб лъай кьеялъул система хIалтIизе байбихьун, гьелда рекъон, цIияб цIалул программа буго. Амма гьеб программа захIматаб букIиналъ гIисинал классаздаса бахъун дарсал лъугIун хадуб мугIалимзабаз тIобитIулеб буго репетиторлъи, гьелъухъ бакIарулеб буго гIарац. ТIаде гIарацги кьун гьениб гIицIго рокъобе хIалтIи гьабун бачIунин абулеб буго жиндир цIар абизе бокьичIей гIаданалъ. Школалъул минаялда жаниб кинаб бугонини гIарац кьун цIалул процесс тIобитIизе гъукъун бугонини гьеб кибго тIобитIулеб буго, улбул гьелъул хIакъалъулъ абизе къалел руго. Гьелъ щибго хисуларин, гIицIго лъимадехун школалде квешаб бербалагьи бижун гуронийилан абулеб буго гьез.

Дагъистаналъул школаби тIахьаздалъун 75 проценталъ хьезарун ругин лъазабун букIана цебегIан Лъай кьеялъул министерлъиялъ, амма хIакъикъат тIубан батIияб буго. Гьедин, аслияб куцалда хIажатал тIахьал росулел руго жалго улбуз. Кусуева Раисатил вас вахъун вуго 5 классалде, гIисинал классазда цо-кIиго тIехьниги щолеб букIун батани, щуабилеб классалда киналго тIахал росизе кколел ругин абулеб буго гьелъ.

Кусуева Раисат: «Киналго росизе кколел руго нижецаго, цересел саназ цо кIиго тIехьниги щолаан, хутIарал гьединго росулаан нижеца. Гьанже щуабилеб класалда хIажатаб цониги тIехь гьечIин школалъул, улбуз чIезаризе ккелин гьелилан абуна. Нижецаго росизе ккезехъен руго 8-9 предметалъул тIехь. Школалъул нухмалъиялда цIехедал, библиотекаялде цIиял тIахьал рачIунел гьечIин щолеб буго жаваб».

МахIачхъалаялъул тIахьал ричулел туказда цо цIияб цалул тIохьол гьоркьохъеб багьа кколеб буго 350 -400 гъурущ. ТIахьазул хIажатаб комплект босизе улбуз харж гьабизе кколеб буго 3000-4000 гъурущ.

XS
SM
MD
LG