МагъчIваялъе рес

ХIеж - 2014: кинаб гьеб букIинеб исана?


Исана хIежалде инелъун Россиялъе бихьизабураб 16400 бакIалда гьоркьоса Дагъистаналъе бихьизабун буго анлъазарго бакI.

Цересел соназде дандеккун гьеб къадар дагь гьабиялъе гIиллалъунги ккола Маккаялда бугеб ХIарамалъул мажгиталда къачIа-кIатIаялъул хIалтIаби ва гьеб гIатIид гьабулеб букIин. Гьединлъидал, СагIудиязул ГIарабиялъул тIалъиялъ гьабураб хIукмуялда рекъон, тIолабго дунялалъулго улкабазе рихьизарурал бакIал гIемерго дагь гьарун руго. Гьадин бицана Дагъистаналъул Динияб идараялъул преес-хъулухъалъул нухмалъулев ГIумаров МухIамадрасулица. Гьесул рагIабазда рекъон, цересел соназ Дагъистаналъе бихьизабулаанила микьазаргоялдаса дагь гьечIеб бакI. Гьелдаго цадахъ сахаватчи ва бизнесмен Керимов Сулейманил цIаралда бугеб гурхIел-рахIмуялъулаб фондалъги чIобого витIулаан лъабазаргогIанасев дагъистанияв хIежалде. Исана Керимовасул фондалъ гьединаб кумек гьаби гьоркьоб къотIизе тана ва щиб гIиллаялда бан гьединаб кумек гьаби гьоркьоб къотIизе тарабали жидедаги лъаларин бицана ГIумаров МухIамадрасулица.

ХIажизаби хIежалде ритIиялъул тадбир гьабизе ихтияр бугеб лъабго фирма буго Дагъистаналда. ГIумаров МухIамадрасулица бицухъе, тIоцебесеб рейс гьабун буго 17 сентябралда, МахIачхъалаялъул аэропорталдасан. Гьениб къачIа-кIатIаялъул хIалтIаби гьарулел рукIиналда бан, гIемерисел хIажизаби ритIизе ругила Грозныялъул аэропорталдасан.

ГIумаров МухIамадрасул: «МахIачхъалаялъул аэропорталдасан къад-къад кIи-кIи аэроплан гурони боржине биччалеб гьечIо. Нижеда кIвана МахIачхъалаялдаса Мадинаялде роржунеб къагIида гьениб цIунизе. ХутIарал, ай ГIакъабаялде, Иорданиялде роржунел ине руго Грозныялъул аэропорталдасан. Гьединго, Грозныялде нахъруссинеги руго. Доре-нахъе рачине чIезарун руго автобусалги».

ГIадамазул гIарз букIуна щибаб санайил цого чагIи рукIунила хIежалде унел, цIиял чагIазе цIакъ захIматго гурони санагIалъи кколарила хIежалде ине. Гьединаб къагIидаялдаса рорчIиялъул мурадалда исана ургъун букIана электорнияб ирга абураб ирга. Гьелъул мурадлъунги букIана бокьарав чиясда жиндирго цIар иргаялда букIин бихьизаби. Гьелъул ккараб хIасилалъул бицунагоги гьадинаб баян кьуна Динияб идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулес.

ГIумаров МухIамадрасул: «Электрониял иргабазда цIарал хъварал лъабазарго чи исана хIежалде ине вуго. Масала, МахIачхъалаялдаса уневщинав чиясул цIар хъван букIана гьединаб иргаялда».

МахIачхъалаялдаса ГIабдурахIман абулев чияс бицухъе, щибаб санайил цого чагIи хIежалде унеб къагIида букIунеб рагIула. ЦIиял чагIи къанагIатги рихьуларила ва гьединазе бакIалги щоларила. Цебе-цебе гьединаб къагIида букIун батаниги, исана гьеб рахъалъ нижеда щибго гIайиб чIвазе бакI гьечIин бицана хадубги ГIумаров МухIамадрасулица.

ГIумаров МухIамадрасул: «Абизе бегьула исана гьеб тадбир лъикI лъугьанин ва гьеб масъала тIубазабиялда тIад чIараб хIалтIиги гьабуна. Дагъистаналъул гурел къватIиса фирмабаздаса гьединал чагIи ана, амма хIежалде гIадамал ритIизе ихтияр бугеб Дагъистаналъул лъабабго фирмаялъ яхI бахъана исана тIоцебесеб нухалда унел гурони ритIичIого тезе».

ХIежалде араб бакIалда нилъеразул лъикIаб гуреб хьвада-чIвади букIиналъул гIемер бицуна. Хасго абула хIежалде унел ругиланги абун, дармие хьвадулезул къадар цIикIкIараб букIунилан. Масала, МахIачхъалаялдаса ГIабдурахIманица бицана араб гIасруялъул ункъоялда анцIабилел соназ чанго нухалъ хIежалде анин жив ва нечон вукIунаанин нилъеразул хьвада-чIвади бихьун. ХIежалде гуреб, дармие хьвадулеб хIисаб букIунаанила.

ГIабдурахIман: «Цебе хIеж борхизейиланги абун дармие рачIунелги гIемер рукIана. Доб мехалда пачалихъ мискинго букIиналъул гIаламат букIунги батилаха, рекъечIеб хьвада-чIвади букIунаан. БитIахъе «дикий туристал» гIадин рукIунаан. Гьанже тIубанго хисун буго, ресалда рукIиналъ дармиде ва цогидалде регIун рукIунаро».

ГIумаров МухIамадрасулица бицухъеги, ахирал соназда нилъер хIажизабазда тIасан лъикIаб гурони хабар бицунеб рагIуларо сагIудиязги.

ГIумаров МухIамадрасул: «Нилъер фирмабазе къимат кьола доз, ай гьел кин хIалтIаралали бицуна. Цебе гIарзал рукIана нилъер хIажизабазда хурхун. Гьанже нилъер хIажизаби гIадлу хвезабиялдеги цогидалдеги регIун рукIунаро, хIеж гьабун бахъиндал рокъоре тIадруссине ккола».

ХIежалде унезул рагIабазда рекъон, исана щибго квалквал ккун гьечIо визаби лъеялъул ва гьел рачIунарого заман баялда бан. Цересел соназ гьединал лъугьа-бахъинал гIемер кколаан ва хIажизабазул гIарзалги камулароан. Динияб идараялда бицухъе, исана гьеб рахъги роцIинабизе кIун рагIула.

XS
SM
MD
LG