МагъчIваялъе рес

Рахьдал мацI къватисел улкабазул мацI гуро


Школазда рахьдал мацI малъиялъул суал буго ахирал саназ бищун кIвар бугеблъун лъугьун гIалимзабазе. Гьеб суалалде кIвар кьей гьабизе ккеялъул Абуна Президент Рамазан ГIабдулатIиповас учительзабигун букIараб данделъиялда.

Дагъистаналда , лъайкьеялъул суалазда гъорлъ хасаб даража бугеб суал кколеб буго рахьдал мацI лъазаби. 2012 Соналъ Дагъистналда школазе тIаде кьуна цо сагIат рахIдал мацIал лъазаризе, амма цIияб бахъараб лъайкьеялъул къануналда рекъон, цIалдохъанасул ихтияр буго тIаса бищизе рахьдал мацI ялъуни батIияб бокьараб мацI гьелъул даражаялда лъазаби.

ГIадатал цIуниелъе, нилъерго рухIияб ирс цIуниялъе кIвар кьезеккеялъул бицана учительзабигун букIараб данделъиялда Рамазан ГIабдулатIиповасги.

КинабгIаги рухIияб ирс букIине рес гьечIо инсанасда жиндирго рахьдал мацI кIочонеб бугони, жакъа жеги рахъунел руго гIадамал Дагъистаналъул школазда гIурус мацI рахьдал мацIалъул даражаялда лъазабизе ккелин абураб къанун бахъулел. Нилъер умумул хабалъ сверила гьединаб жо бугилан рагIани-ян бицана «Эркенлъи» радиоялъе рахьдал мацIазул дарсал кьун 40 соналъ школалда хIалтIарай Сулейманова ПатIиматица.

Кин жакъа мацI цIуниялда тIад хIалтIулел ругелали мисалцин бачине кколеб хIал гьечIо. Хасго шагьаралда буго гьеб суалалда жаниб квешаб ахIвал-хIал. МахIачхъалаялда бугеб 33 гимназиялда , хутIарал школаздаго гIадин, руго кьолел рахьдал мацIазул дарсал, амма кин гьел кьолел абураб суал буго батIияб суал. Чанго соналъ рахьдал мацIалъул дарсал кьун гьеб школалда хIалтIулей йикIарай Давудова Заираца бицана жинца гьениб 3 соналъ кьунила рахьдал мацIалъул дарсал. Гьел кьолаго гIемерал квекIенал дандчIванила. Жинца бицинарила гьелъухъ щолеб харжалъул. Аслиял квекIенал рукIанила гьеб дарсиде хIадури гьабизе къваригIунеб материалияб база гьечIолъи; тIахьал, батIи-батIиял хIажатал таблицаял ва цогидаб. Гьелдаго цадахъ, тIоцебесеб заманаялъ лъимал дарсидецин рачIунароанила. РачIаралги цоял кIалъазе гурого лъаларел, цогидал хIарпал хъвазе лъалел, лъабабилел- мацIцин лъаларел.

Экспертаз рикIкIунеб буго соналдаса соналде дагьлъулеб бугин цуцада рахьдал мацIалъ кIалъай. Гьелдаго цадахъ росабалъцин гIурус мацI бицин дандчIвалин. Гьеб берцин бихьулеб бугин гIун бачIунеб гIелалдаги.

МахIачхъалаялъул школалда хIалтIулей МуIамадова Бариятица «Эркенлъи» радиоялъе бицана лъималада мацI лъангутIиялъул гIайиб эбел-инсуда бугин тIоцебесеб иргаялда. Гьелдаго цадахъ дарсал кьезе хIажатаб жо гьеIогонги буго.

МухIамадова Барият: «ЦIакъ дагьал цIалдохъабазда лъалеб буго мацI, бицунеб бичIчIелелги дагь руго. Гьеб барабги буго рокъоб гьез гIурус мацI бицунеб букIиналда. Эбел-инсуца абулеб буго щайила гьеб жидер лъималазе, гьеб сундуего хIажалъуларила гьезие. Гьединго , гьез бокьани рахьдал мацI гIадин лъазабизе бегьула ингилис мацI яги цогияб пачалихъалъул мацI. Гьелдаго цадахъ гьечIо материалиябгун техникияб база. Нижеца квералъ рахъун хIадурула рахьдал мацIалъул дарсиде таблицаби, плакатал. ТIахьалги гьечIо. Цо-цо дарсил тIехь бугониги, хIухьбахъуда цIализе рахьдал мацIалъ хъварал Дагъистаналъул классиказул асарал ругел тIахьал дагь руго.»

Гьединго МухIамадовалъ бицана цо классалда ругел лъималазда щивасда жиндир мацIлъаялъул даражаялда рекъон малъизе кколин дарсилан. Амма аслияб хIинкъизе ккараб жо бугила жакъа эбел-инсуца рахьдал мацI ингилис мацIалда данде кквей. Ва гьелъул даражаялда лъазабун гурони мацI лъангутIи.

МахIачхъалаялдаса ГIисаева ПатIиматица бицана жиндир кIиго яс йигин школалда цIалулел ва гьел кIиялгоги унин магIарул мацIалъул дарсиде. Цо бугеб къварилъи бугин тIахьал дагь гурого рукIунгутIи.

ГIисаева ПатIимат: «МацIги лъачIого дие щай лъимал, магIарул мацIги лъачIого цохIо гIурусалъ кIалъан тIураларо»

ПатIиматил эбел ХIусейнова Сариятица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жинца гIумру тIамунин шагьаралда, 6 лъималги гьезул лъималазул лъималазулги цониги гьечIин гьезда гъорлъ мацI лъаларел чагIи . Рокъобги жидеца батIияб мацI кидаго бицинчIин ва бицинеги гьечIин «Кире кканиги нилъерго мацI лъазе ккола»,-ян абуна Сариятица.

XS
SM
MD
LG