МагъчIваялъе рес

"Метерисел" нигIматал жакъа кваналел руго


МахIачхъалаялъул тукабазда букIинесеб къо-моцI хъварал кванил нигIматал ричулел ругилан лъазабулеб буго гIадамаз. Къануналги гIадамазул ихтияралги хвезарулел цIалищ тамихIалде?

Тукада бичулеб кванил нигIматазда жеги тIаде щвечIеб къо-моцI бихьизабун бугин гьеб нигIмат хIадурараб къо бихьизабулеб бакIалдайин лъазабулеб буго гIадамаз. МахIачхъалаялда къо бахъанагIан гIемерлъулел ругила нигIматазул гIумру халат гьабулел къагIидаби. Цере лъугIараб къо-моцIалъул бакIалда базаргабаз хъвалеб букIун батани цIияб, гьелда тIасан, гьанже гьеб нигIматал хIадурулел бакIаздаго жеги тIаде щвечIеб къо моцI хъван биччалеб бугин гьеб къватIибейилан абулеб буго экспертаз.

МахIачхъалаялъул тукабазда, Масала «Караван» «Пятеречка» бичулеб чадида хъвараб къо моцI кколеб буго метерисеб къо хъвараб. Гьединго раккулел руго гIарзал рахьдал нигIматазул къо-моцI чанго къоялъ цебеккун тIад хъвараб . Масала; Наидаца МахIачхъалаялда бугеб «Седьмой континент» абураб нигIматазул тукадаса босун буго рахь. Гьеб рахьдада хъвараб къо-моцI буго лъабго къоялъ цебеккун хъвараб. Россиялъул федералияб № 88 къануналда рекъон (I3 ч. 25 ст. 36 Федерального закона N 88-ФЗ) Россиялъул ракьалда рахьдал нигIматал ричулаго, масала рахь къвачIинибе тIун къараб заманги гьеб къватIибе биччанилан хъвараб къо-моцIги цо букIине кколеб буго. Гьеб кIиябго къо-моцI данде кколеб гьечIони, гьеб кколеб буго къанунал хвезариялъул хIужалъун.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабизе хIал бихьана гьеб рахьдал нигIматал къватIире риччалеб «Дарман» абураб гIуцIигун, амма гьезулгун бухьен гьабун бажаричIо. Бихьизабураб номер хIалтIулеб букIинчIолъиялъул гIиллаялдалъун.

Дагъистаналлда гIадамаз кIвар кьечIого толин гьединаб жоялде, яги тIад релъун суратги интернеталъуб лъун толин, яги тукадаго хал гьабунани босичIого толин, амма лъидаго ракIалде кколрин гьеб къанун хвезаби гуребги инсанасул ихтиярал хвезари бугеблъийилан рикIкIунеб буго росарулезул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулев Даниялов ХIажимурадица.

Даниялов ХIажимурад: «Гьединаб къайиялда туканчагIаз къо-моцI лъугIидал жидецаго цIидасан хъвала гьеб, амма камуларо хIилла жалго къайи биччалез гьабулебги. Гьединаб лъугьа-бахъин ккун гIарза нижехъе бачIиндал нижеца гьеб туканчагIазул гIайиб батани гьеб къайи нахъе бахъула ва гIакIа къотIула. Амма гьеб жибго заводалъул гIайиб букIин чIезабунани гьеб иш диваналде уна.»

Данияловас бицана геб тайпаялъул хIужа гьоркьохъеб Россиялда батани гьез танкан гIарз бахъун жидерго ихтиярал цIунулин, масала Ульяновск областалда цо гIаданалъ гьединго къо-моцI цебеккун хъвараб рахьдал къвачIа батидал, диваналдде гIарза кьун буго. Диваналъ гьеб рахь биччараб гIуцIиялда 300 азарго гъурщил гIакIа къотIун буго.

Нилъер гIадамал сабру ругел рукIин бугин гьединал лъугьа-бахъинал ккеялъе гIиллайилан рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса Ибрагьимов Керимица. Гьесул рагIабазда рекъон, гIадамал гьеб кинабгоги хIехьон руцIун рукIиналъе гIилла буго гIадамазул божии гьечIолъи ритIухълъи чIезабиялда. Гьадин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Ибрагьимов Керим: «Нилъер гIадамал гIарзал рахъун ругьунал гьечIо. Гьел хIехьон гьебгун чIола, щайгурелъул жидеца гIарз бахъиялъ щибго хисилилан божилъи гьечIолъиялъ. Дир эбелалъ чанги бачIуна тукадаса Нальчик шагьаралдаса бачIараб нигIмат, гьелда тIад хъвараб къо-моцI букIуна гьеб тукадаса босараб яги жеги тIаде щвечIеб. Гьеб хIикмат буго. Амма нилъер гьаниб ритIухълъи гьечIолъиялъ кинабго бегьулеб буго. ГIицIго тукадаса жо босулеб мехалъ цIодорго рукIине ккела.»

Дагъистаналдда тIолго Россиялда гIадаб гуреб батIияб гIицIго Дагъистаналъе хасиятаб сабураб гIамал букIиналдасаги гIиси-бикъинаб жоялъе гIоло хIал лъазе гьабунгутIиялдасаги пайда босулеб бугин чамгIалал базаргабаз. Нагагь гьел тамихIалде ахIаниги гIарцуца къинабун ишгун лъугIулин хабарилан рикIкIунеб буго экспертазги.

XS
SM
MD
LG