МагъчIваялъе рес

МахIачхъала: лъабго мухъалдаса лъабго бутIаялде


МахIачхъала бикьана лъабго мухъалде. Гьедин гьелъул щибаб букIине буго жибго жиндаго чIараб мухълъун. Гьеб суал гьоркьоб лъун букIана 26 марталда Халкъияб Мажлисалъ.

МахIачхъалаялъул Ленинский, Кировский, Советский - лъабго мухъ жибго жиндаго чIараб мухълъун гьабиялъ жибго шагьаралъул мэриялъул къуват дагьлъулеб буго. Гьединго абулеб буго гьелдалъун дагьлъизе ругин МахIачхъалаялъул мэрасул хъулухъ гIужие босарал чагIи. Щайин абуни шагьаралда жанир гьарулел гIарцул ишал гьел мухъазул нухмалъулезухъ рукIине руго. Мэрасда тIад рукIине руго документациялъул ишал. Республикаялъул мисалалда босани, мэр вукIине вуго республикаялъул бетIер гIадинав чи, МахIачхъалаялъул лъабабго мухъалъул нухмалъулесул ихтиярал рукIине руго республикаялъул муниципалиял мухъазул, масала, Хунзахъ, Гъарабудагъкент, Новолак мухъазул гIадал. Гьезул рукIине руго жалго жидедаго чIарал депутата5зул гIуцIиялги цогидабги.

ПалхIасил, МахIачхъалаялъул лъабабго мухъ жибго жиндаго чIараб мухълъун гьабиялъул суал гьоркьоб лъун букIана 26 марталда Халкъияб Мажлисалъ.

Амма гьабсагIаталда Россиялда лъугьун бугеб финансазул экономикияб ахIвал-хIалалъухъ балагьун, гьединаб хIукму гьаби мекъи бугин кколеб буго МахIачхъалаялда гIумру гьабулев «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасда.

МухIамад БисавгIалиев: «Щайгурелъул бюджеталъул оптимизация абун ругел харжалги тIаса къотIун, хутIарал харжазда тIасаги 10 процентги бахъун хIукумат бугеб мехалда тIадеги гIемерал хъулухъчагIи росун, нухмалъиялъул аппарат хьихьизе гIезегIан харжал гьаризе руго. Гьеб бихьулеб жо буго. Гьеб рахъалъ, жиндир заманалда данде кколареб хIукму буго. Гьелда цадахъго нилъеда бихьулеб буго МахIачхъала - «Чечень» чIинкIиллъиялдаса бахъараб, Красноармейск, Шамхал, Шамхал-термен, Альбурикент, Ленинкент – гьел росабигун цадахъ бахун буго млн чиясде гIагарараб халкъ бугеб шагьаралде. ЦохIо мэриялъул нухмалъиялда гьеб данде бачине кIолеб гьечIо. Гьанир жанир руго ракьалъул масъалаби, рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул масъалаби, рищни-къулалдаса шагьар бацIцIад гьабиялъул масъала. Гьеб къагIида лъикIаб буго нухмалъиялъул иш мухIкан гьабиялъе. Жидерго хасаб бюджетги, жидерго хасал идарабиги, жидецаго къанунал рахъулеб хасаб гIуцIиги бугони, гъоздаса гьикъизеги бигьалъула, гьабулеб иш-пишаги цIикIкIуна. Амма гIарац харж гьабиялъул рахъалъ заралияб буго».

МахIачхъалаялъул мэрасул рищиял рукIине руго сентябралда. Гьенире аслиял кандидатлъун шагьаралъул гIадамазда рихьун руго гьабсагIаталда мэрасул ишал тIуразарулев вугев Сулейманов МухIамадги Пенсиязул фондалъул нухмалъулев вугев Сагид МуртазагIалиевги. ГIадамазда цебе Рамазан ГIабдулатIиповас чанцIулго бичIчIана жинца гьел рищиязда Сулеймановасул рахъкквезе бугилан.

МухIамад БисавгIалиев: «Цойги пикру буго тIибитIараб. Дида гьеб я тасдикъ гьабизе, яги гьереси гьабизе кIоларо. МахIахъалаялъул мэрасул тахбакIиде хиял лъурал политикиялги финансазулги рахъалъ къуват бугел чагIи гIемер рукIиналда бан, гьеб тахбакIиде кIвар, интерес дагьлъизабизе ургъараб хIукму бугин гьебанги рикIкIуна. Гьел муниципалитетазде шагьар бикьараб мехалда, мэр кколев вуго политикиябги финансазулги рахъалъан сурсат дагьав чилъун. БукIинищ гьеб гьедин, букIинаребищали абизе кIоларо, амма пикру гьединаб буго халкъалда гьоркьоб».

МахIачхъалаялъул шагьаралъул администрациялъул хIалтIухъан Зайнаб ГIалимирзаевалъ ЭР-лъе бицунеб буго гьеб лъабго мухъалдалъун къокълъизе гьечIин иш. Гьел жеги рукIине бегьулин. Щайгурелъул кватIичIого МахIачхъалагун цолъизаризе рес бугила Каспийскгун Гъарабудагъкент мухъалъул росабиги.

Зайнаб ГIалимирзаева: «Гьединан абулеб букIанаха гъоркьисалаги МуртазагIали Рабаданов вугеб заманалдаги. КIиго-лъабго соналда жаниб хал гьабизе бугила МахIачхъалагун Каспийск шагьаразул, цинги Гъарабудагъкент мухъалъулгун англомерация гьабиялъул суалалъул. Дида бичIчIараб бакIалдасан, гъозда ракIалда буго МахIачхъалаялда жаниб лъабго мухъ гьабун течIого, жеги щугоялдеги бахинабизе гьезул къадар. Гьединго бицен буго Хъумторхъала мухъги цолъизабулин МахIачхъалагун. Гьанжеялдего кIодолъун, цоцада цун гIорхъабигун буго гьеб мухъги шагьарги. Россиялъулги Дагъистаналъулги программаги гьечIищха мухъалги шагьаралги чIахIа гьаризелъун ургъараб. Гьелъие гIоло гъоркьбакI хIадурулел чагIи ккола гьел».

Цо-цо экспертазул рагIабазда рекъон, республикаялъул буго гьел цIи гIуцIарал муниципалитетазде жидерго чагIиги тIамун республикаялъул бетIерас жиндирго къуват щула гьабулеб букIин. Гьелдалъун гьесие кумек букIине бугила экономиябги политикиябги рахъалъ.

XS
SM
MD
LG