МагъчIваялъе рес

Р. ГIабдулатIипов: «Нечезе кколез хъат чIвалеб буго»


Дагъистаналъул тахшагьаралъул нухмалъиялъул ахирисеб данделъиялда рехсолел рукIана МахIачхъала рукIалиде бачиналъул рахъалда щварал цо-цо бергьенлъиял. Амма тадбиралда гIахьаллъарав республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас дагьалъ гIодоре риччазаруна гьелде кIвар буссинабулел рукIарал хъулухъчагIи.

Данделъи рагьана ва нухда бачана живго Рамазан ГIабдулатIиповас. Жиндица кIалъай халат гьабиларин, МухIамад Сулеймановасул кIалъай лъугIун хадуб абилин жиндица аслияб пикруйилан байбихьана гьес. Амма гьесул байбихьиялъул каламалъ бачIинахъего кверде босанин абизе бегьула халкъ. МахIачхъала гьеб бугин нилъер берцинаб ракь, Дагъистаналъул тахшагьарилан байбихьана республикаялъул нухмалъулес. Амма цебе берцинго букIараб гьеб тахшагьар ахираб къого соналда жаниб чияда сурараб, бегIукъаб шагьаралде сверизабун букIанин. Жив республикаялъул нухмалъулевлъун вачIунеб мехалда гьабсагIат нилъ жанир гIодор чIун ругеб кIалгIа букIанилан гIункIкIаз ханлъиги гьабунилан мисал бачана гьес. КъватIиса рачIарал гIадамазда бихьизе нечараб хIалалда букIанила шагьар ва цIар-цIар ккун рехсана гьес гьенир ругел гIунгутIаби. Гьеб кинабго рукIалиде бачине цохIо жинде къваригIараб жо гурила, киназго гьабизе кколила жидедаго сверухъ рацIцIалъиян абулеб букIана ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «ГIадлу-низам я Сулеймановасе, я ГIабудлатIиповасеги гуро бугеб къваригIун, нилъее киназго къваригIун буго гьеб. ГIадамал хутIун рукIана ихтияралги гьечIого. Гьединлъидал гIемерал тIадкIалъаялги руго гьезул жакъа дидехун. РачIаха киназго цIадахъ лъугIизаризе гьел тIадкIалъаял. Дир цониги дармил рукъ гьечIо МахIачхъалаялда, цониги квартира ялъуни рукъги гьечIо. Гьаниса нахъе унелъулги дица щибниги цадахъ босизе гьечIо. Гьединабго бербалагьи хIалтIудехун тIалаб гьабулеб буго дица шагьаралъул нухмалъиялдасаги».

Хадуб гьес рагIи кьуна МахIачхъалаялъул мэрасул ишал тIуралев МухIамад Сулеймановасе. Гьес тIанчидаса цIалун бачунеб букIана 2014 соналда жаниб гьабураб хIалтIул. Шагьаралъул бюджеталде чамалиго миллион гъурущ бачIанила, харж гьабураб гIарац гьелдаса цIикIкIанин, шагьаралъул къватIал къачIаялъе хIалтIаби гьарунин, тахшагьаралъул пляж бацIцIад гьабунилан ва гьеб гуреб цогидабги. 2014 соналда жаниб гьабураб бищунго кIудиб хIалтIуда гъорлъ Сулеймановас рехсана Октябралъул революциялъул цIар кьураб канал бацIцIад гьаби. Гьелда жаниса 22 азарго тонна кьищни къулалъул бацIцIад гьабунилан кIудияб разилъигун Сулеймановас абурабго залалда рукIараз хъат чIвана, амма гьелги гьоркьор къотIизарун гьадинаб бадибчIвай гьабуна ГIабдулатIиповас.

Рамазан ГIабдулатIипов: «Нужеца гьабсагIат хъат чIвалеб буго гьеб канал гьеб куцалда чорок гьабурал нужеего. ГIодизе ккола нуж релъизе гурел. Каналги тIокIаб чорок гьабуге».

Хадув кIалъазе вахъарав МахIачхъалаялъул Мажлисалъул нухмалъулев Ибрагьимов ГIабудлмуъминица хIаталдаса ун кIудияб къимат кьезе байбихьана мэрасул ишал тIуралев МухIамад Сулеймановасе. Гьесул бажариялдалъун шагьаралда цIияб кьер чIвалеб бугила, гьединав чиясда шагьаралъул нухмалъи гьабизе цIар чIварав ГIабдулатIиповасеги лъугIи гьечIеб баркала бугила. ХIурматияв, Рамазан ХIажимурадович, ниж киналго дур команда кколин, дуца абураб къагIидаялъ хIалтIизе хIадур ругила сордоги къоялъгиян реццалъулаб калам гьабуна гьев чияс.

Халкъияб Мажлисалъул нухмалъулев Хизри ШихсагIидовас абуна нилъ киналго хIалтIизе кколила, гIелила цебе кверги битIун Москваялъухъаниги, республикаялъул нухмалъиялъухъаниги гIарац гьарараб, чехьалда рачелги къан, бугелде гIейги гьабун цере нилъер умумул хIалтIулел рукIарал гIадин къоги бихьун хIалтIизе кколила. Тахшагьаралъул нухмалъиялъ гьабулеб хIалтIиги гIей гьечIеблъун бихьулеб бугоан гьесда. Москваялъул мэрия хIалтIулеб куцалдаса мисал босизе ахIана гьес МахIачхъалаялъул нухмалъи. Гьел сордо-къо батIа гьабичIого, хIалтIухъабазул лъабго къукъаги гьабун хIалтIулел ругила. Гьеб рекIее гIечIеблъи бихьулеб букIана МухIамад Сулеймановасул гьурмахъ ралагьидал. Рази гьечIого бетIерги хьвагIезабун, ГIабдулатIиповасдеги къулун цо жо шурана гьес.

Данделъиялда кIалъазе изну гьарулеб букIана махIачхъалаялъул магъалаби ракIарулеб идараялъул нухмалъулев хисулев МухIамадов АхIмадица, амма гьесие рагIиги кьечIого биххана гьеб данделъи.

XS
SM
MD
LG