МагъчIваялъе рес

Щай Дагъистаналда миллиял мацIазул къадру гьечIеб?


​Дагъистаналъул бюджеталда я гъоркьиса яги тIасияб соналда бихьизабун гьечIо школазе рахьдал мацIазда тIахьал росизе гIарац. Гьедин гьеб иш тIад къалеб буго щибаб муниципалитеталда. Амма гьеб бараб бугин гьел муниципалитетазул нухмалъулезда миллияб хаслъиялъул магIна бичIчIиялдайин рахIатхвей загьир гьабулеб буго цо-цо мугIалимзабаз.

Россиялъул хIукуматалъ регионазе рес кьолеб буго школазда миллиябгун регионалияб компонент 30 проценталъ билълъанхъизабизе. Амма Дагъистаналда гьелъие гIарац батулеб гьечIо.

Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул гIелмияв хIалтIухъан ХIайбула МухIамадсалихIовас хъвана кIиго тIехь Дагъистаналъул маданияталдагун гIадатазда тIасан. Амма букIине кколеб куцалда гьездасан цIалдезе рес гьечIо Дагъистаналъул школлъималазе. Щаяли бицунеб буго ЭР-лъе ХIайбула МухIамадсалихIовас.

ХIайбула МухIамадсалихIов: «Москваялдаса гIарацги биччачIого бажарулеб гьечIин миллиябгун регионалияб компонент билълъанхъизабунилан бицунеб буго гьаниб. Гьединго бажарулеб гьечIо щибаб муниципалитеталдаги гьезул росу-ракьалъул хIакъалъулъ рахъарал тIахьаздасан лъимал цIализаризе.

Нижер Салатавиялъул мухъалъул хIакъалъулъ цIалул тIехь буго бахъун гIодоб лъун. Финансированиеги гьечIого къана гьелда рекъон цIализаризе хIадурун букIараб курс. Москваялъ абулеб буго нужее къваригIун бугищдила нужерго мацIалги, гIадаталги, тарихги лъималазда малъизе, балагьейила гIарацги, баетйила ресги. Амма республикаялъул рес рекъолеб гьечIо гьелъие».

Республикаялъул гIарац гьечIолъиялда цадахъго, гьеб ишалъе квалквал гьабулеб бугин Россиялъул къанунал рахъулезгиян рикIкIунеб буго Педагогикаялъул институталъул директор ХIамидуллагь МухIамадовас.

ХIамидуллагь МухIамадов: «Миллатал гIемераб Россия цохIо миллаталъулаб улкалъун лъугьинабизе къваригIун буго. 2004 соналда президент Путиница гъулбас лъун букIинчIо лъай кьеялъул хIакъалъулъ гIуцIарал стандартазул документалда гъоркь, гьениб щибниги бицунеб гьечIин рахьдал мацIазул хIакъалъулъилан. Гьелдаса хадубги Пачалихъияб Думаялъ чанцIулго квекIен гьабуна лъай кьеялъул къануналда гъорлъ миллиябгун регионалияб компонент хутIиялъе. Гьеле гьединаб ахIвал-хIал лъугьинабулеб буго ургъунго.

Гьелда тIадеги нилъеца нилъецагоги нахъе цулел руго нилъерго мацIал, школазда цIикIкIун сагIтал гIурус мацIалъеги кьун. Цогидал регионазда гIурус мацI рахьдал мацIазда бащад малъулеб батани, нилъер республикаялда гьеб бищун цебесеб кьерда буго. Жиндир рахьдал мацI лъалеб гьечIони, чиясулъ лъугIун-тIагIун уна миллияб хаслъи.

Мисалалъе босани, цебе рогьолъун букIана гIагарлъиялъул чиги цеве тун, бесдал лъимер яги ригь арал гIадамал хьихьизе интернатазде, яги херал чагIазул рокъоре ритIи. Гьанжейин абуни гьеб гIадатаб жолъун лъугьинехъин буго. Дагъистаналъе рогьояб жо буго гьеб. Гьединлъидал миллиял мацIазул бицунеб мехалда дица бицунеб буго миллияб культураялъулги».

Амма миллиябгун регионалияб компонент школаздасаги дагъистаниязул гIумрудулъаги лъугIиялъе ХIамидуллагь МухIамадовас бачунеб гIиллаялда тIад рекъолев гьечIо Дагъистаналъул ГIелмияб Централдаса этнограф МухIамадхан МухIамадханов.

МухIамадхан МухIамадханов: «Жидецаго хIалтIи гьабулареб мехалъ гIайиб чIвазе Москва букIингIаги лъикIха, щив гьев ватаниги. Гьадингосел харбал руго гьел. Дир хIисабалда, гьабсагIаталда Россиялда гьединаб политика гьечIин ккола – киназдасаго гIурусал гьарилин абураб».

ЭР: «Школазда рахьдал мацIал малъизе дагьал гурони сагIтал кьолел гьечIилан бугоха гIарз…».

МухIамадхан МухIамадханов: «МацIал малъиялъулъ букIине ккола гьадинаб жо… Гъол чачаназулъ щай гьединал цIуял харбал раккуларел? КъапIараб куцалда малъулеб буго доз жидерго мацIги, динги, культураги. Гьанибин абуни гIемерисезул бугеб хIалтIи ккола гьал каки, дол каки, досдасан-гьасдасан кIалъай. ХIакъикъаталда гьеб миллияб хаслъи лъималазулъ куцаялъе хIалтIи гьабулел чагIазул нахъегIанлъиялъухъ балагье, гIайибалъе гIурусалги ралагьун. ВахI, мун хIалицаго гIурусав лъугьине тIамулевищ вугев? Малъейин абеха эбел-инсуца лъималазда жидерго мацIалги… Масала, дида лъала анцIго батIияб мацI. Дида аскIове хIалицаго дун гIурусав лъугьинавизе вачIарав чи щив вугев? Цодагьаниги хъулухъалъе мукъсанлъи кканани, чIичIидизе лъугьуна. ХIалтIи гьабичIого гIарац гьабизеги - тIоцересел руго. Гьелъул магIна щиб?».

Амма гьел мацIал, хасго рахьдал мацIал лъай-лъангутIи бараб бугин школазул директорзабаздаги эбел-инсудагийин рикIкIунеб буго Педагогикаялъул институталъул гIелмияй хIалтIухъан Баху МухIидиновалъ. Киналго дандечIун ругони, мугIалимзабазда гьабизе кIолеб жо щибдила букIунеб?

Хал гьабизе йитIараб МахIачхъалаялъул цо школалда дарс мугIалималъ цин магIарулалъги бицун, хадуб гIурусалъ бицанилан абуна МухIидиновалъ.

Баху МухIидинова: «Руго директорал гьеб рахъалъ жидеда щибниги бичIчIизеги бичIчIуларел, щай нужеца рахьдал мацIал малъуларелин гьикъидал, жидер лъималазе рахьдал мацIал къваригIун гьечIилан абун эбел-инсухъа ракIарарал гIарзабазул гохI бихьизабулелги. Гьеб буго директорзабазда гьеб иш бичIчIунгутIиялъул гIунгутIи. БичIчIани, тIадегицин дарсалги кьола. Гурони, абула гьайила, гьеб рахьдал мацIалъул бакIалда математикаялъул дарсал кьейила ЕГЭялдеги хIадуризе кколелъулдила, яги гIурус мацI кьейила, ялъуни тIубанго кьечIого тейила.

Руго цо-цо школал тIубанго рахьдал мацIазул дарсал кьоларелги. Масала, дарсазул сияхIалда хъван рукIуна гьел, щайин абуни математика, гIурус мацI ва цогидалги предметалго гIадин кьезе кколеб жолъидал гъоб рахьдал мацIги. Амма кьоларо. Киналго унтун руго «ЕГЭялъул» унтуца. ЕГЭ, ЕГЭ, ЕГЭ йилан рекерахъдулелги рукIун, кIочон толеб буго лъималазе тарбия кьезе. Тарбия кьечIеб лъимадул, чиясул бугеб лъай ккола такъсирчиясухъе таманча кьураб гIадаб жо».

Рахьдал мацIазул хIажалъи гьечIин абулел гIадамал жакъа къоялда гIезегIан дандчIвала Дагъистаналда. Щайин абуни гьелдаса бугеб пайда цIехола гьез. Масала, гьабсагIаталда гIурус яги ингилис мацIалъ кодобе босараб дунялалда магIарул яги Дагъистаналъул цогидаб мацIалда щиб малъилебали лъаларин жидеда, гьел рахьдал мацIал хIалтIулел бакIал гIицIго мажгитал хутIун ругин абула гьез, шагьаразул мажгитазда вагIзаби рахьдал мацIазда гьарулел рукIиналъ.

XS
SM
MD
LG