МагъчIваялъе рес

Азербайджаналдаса гочинарурал гIадамал къватIир хутIун руго


Хачмас мухъалъул Храх-Убы ва Урьян-Уба росабазул гIадамал жакъа къоялъги руго жидерго рукъ гьечIого. Гьезие рихьизарурал ракьал рихьулел гьечIо гIадамазда. Биччан бугилан абулеб бугеб гIарац кида щвелебали лъалеб гьечIо.

2010 соналъ Россиялъулгун Азебайджаналъул гIорхъи чIезабулел къотIи-къаял гьарун хадуб рагьун хутIана Храх-Убы ва Урьян –Убы абурал росабазул суал. Гьенир гIумру гьабулел 500ялдаса цIикIкIун Дагъистаниял жидер росаби Россиялъул рахъалъ Азербайджаналъеги кьун рукIине рукъ гьечIого хутIана. МухIарамкент мухъалъул рукIарал гьел росаби ана Азербайджаналъул Хачмас мухъалда гъорлъе. Росабазул жамагIат чанго нухалъ рахъун руго митингазде, тIалъиялъ жидер къварилъиялде кIвар кьезе букIине. Гьедин 2012 соналъ гьезие кьун руго ракьал МухIарамкент мухъалъул цIияб росу абулеб бакIалда.

Храх-убы ва Урьян-Убы росабазул гIадамазе цIияб росу абулеб бакIалде рахъине биччан бугин кинабниги 900 миллион гъурщидаса цIикIкIун гIарац, амма гIемерал квекIенал ругин жегийилан лъазабуна журналистазулгун букIараб кIалъаялда госдумаялъул депутат Гаджимет Сафаралиевас.

Экспертазул пикруялда; Россиялъ цо рахъалда жидер ракьал цIунун нахъе тIалаб гьари , мисалалъе босанани- Крым, цогияб рахъалъ батIияб хIукуматалъе майилан ракьал кьей бичIчIизе захIмат буго. Амма гьеб хурхараб бугила Азербайджаналъулги Россиялъулги газ бичиялда сверухъ ругел къотIи-къаязда ва тIалъиялъул гIадамазе жидеего бугеб пайдаялдайилан рикIкIунеб буго гьез. Гьединго кIвар бугеб хIужалъун ккола, гьел ракьал МухIу ГIалиев Дагъистаналъул бетIерлъиялдаса вугебгIан мехалъ гьес инкар гьабулеб букIана ракьал кьезе, гьев ун хадуб ракьал танкан Азербайджаналъе щун рукIин.

Жидехъе щвараб гIарацги жеги гьечIин кьурал ракьалги кир ругелали бихьизабеян абидал гьелги рихьизарулел гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Храх-Убы росулъа Алахвердиев Изамудиница.

Алахвердиев Изамудин: «МухIарамкент мухъалда рихьизарун руго нижее 87 гектар ракьул. Ниж гIемерал рахъана гьел ракьал рихьейин нежедайилан абун, амма нижеда гIицIго 35 гектар ракьул гурого бихьичIо, хутIараб ракь киб бугебилан гьикъидал гьел батIи-батIиял коммуналиял ва цогидал къваригIелазе рихьизарун ругилан абуна нижеда, жакъа къоялъги гьел ракьал гьезда рукIин бихьизабизе кIоларо. Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьел ракьал ричун руго . Нижехъе гIемерал чагIи рачIана, миллияб политикаялъул министерлъиялъул чагIи, жамгIиял гIуцIиязул вакилзаби, амма кигIан нижеца абуниги нижер ракьал нижеда рихьичIо.»

Гьединго, Регионалъул цебетIеялъул министерлъиялъул кагътазда рекъон гочинарурал гIадамазе 900 миллион гъурущ гIарац биччазе хъван бугин, ама щиб соналъ гьеб щвелеб ва кинал идарабаз гьеб биччазе бугебале лъаларин, гIарацги хъвараб бакIалда щвезе бугин абураб жо букIин гурони гьечIин бицана Изамудиница.

«Садвал» абураб лезгиязул жамгIияб гIуцIиялъул вакил МухIамадрагимов Русланица «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна, жиндир пикруялда чиновниказ тIаса къунцIулел ругин гочинарурал гIадамазе рихьизарурал ракьал, гIарац кьеялъул суалги бараб бугин росабазул жамагIаталъе гьеб гIарац жидерго чагIазухъе гIуцIун дирекциягун щвезе къварагIун букIин, амма тIалъиялъ, жидеего тIаса къунцIизе щвезе букIине, халатбахъинабулеб бугин гьеб суалилан.

Храх-Убы росдал жамгIияб гIуцIиялъул бетIер Мамедов Бахтиярица «Эркенлъи» радиогун букIараб гарачIвариялда бицана гьел ракьал Азербайджаналъул рахъалъе кьолаго гьабураб хIиллаялъул; гьесул рагIабазда рекъон офицалиял кагътазда бихьизабун буго гьел ракьал хъутаби рукIанилан, амма Бахтиярида бичIулеб гьечIо, кин хъутабазул ракьалда гIадамазе паспорталда хъвай-хъвагIай гьабулебали, ва кин гьел росдал гIадамаз ВатIанияб рагъулъ гIахьаллъи гьабурабали, гIицIго 50-абилел соназ байбихьун букIараб мехалъ хъутаби гIуцIи.

Мамедов Бахтияр: «Путинил буюрухъалда рекъон биччазе бихьизабун буго 900 миллион гъурущ, амма гьеб гIицIго кагътазда бугеб гIарац ккола. Кисан ва кида гьеб гIарац бачIунебали нижеда лъаларо. Нижее буго 86 гектар ракьул. ГIабдулатIиповасулгун ва Регионалъул цебетIеялъул министергун нижер букIараб данделъиялда нижеда абуна кумек гьабилин, амма чиновниказ кинабго лъикI бицуна гьабулеб жо букIунаро. Ракьги нижеда гIицIго I5 гектар гурого бихьичIо, гьебги хъитIал, кIкIалал ругеб бакI буго. Нижер гIадамалги Дагъистаналда, доре гьанире гочунел руго, жидерго рукъ гьечIого. Лавровас абун буго гьел ракьал хъутабазул ракьал ругин, амма гьеб гьедин гуро бугеб ВатIанияб рагъде ана нижер росабалъа гIадамал. Хъутаби гьаризе байбихьана гIицIго 50абилел соназ.»

Азербайджаналъулгун Россиялъул гIорхъода ругел гIемер ракьал руго жал кIиябго улкаялъ жидерлъун рикIкIунел. Гьединазул цояб кколеб буго Самур гIурул лъим босулеб станция бугеб бакIги. Жакъа гьеб гIурул лъел бащалъи хIалтIизабулеб буго Азербайджаналъ, лъимги щвечIого хутIун бакъвалеб буго хIикмалъилъун рикIкIунеб лианазул рохь.

XS
SM
MD
LG