МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялда рагьана «Этнополис» экспозиция


Дагъистаналъул «Этникияб маданияталъул централда» тIобитIулеб буго Дагъистаналъул, Осетиялъул, Кабардиязулгун-Балкаразул гIолохъанал художниказги цойгидал творческиял махщалилаз халкъияб искусствоялъул къагIидабиги хIалтIизарун гIадамаз пайда босун бажарулел тIагIалабазул выставка.

Экспертазул рагIабазда рекъон музеязда цIунун ругел халкъияб искусствоялъул тIагIалабаздаса, гьеб искусство щивасул рокъоб букIунеб хIал гьабулеб бугони гьеб нахъе цIунун хутIиялъе цIикIкIун ресал ругилан.

Дагъистаналъул «Этникияб маданияталъулаб центр» рагьун кIиго сонцин инчIо жеги, амма гьеб къокъаб заманалда жанибги гьеб централъ Дагъистаналъул искусствоялъе кIудияб кумек гьабунин рикIкIунеб буго экспертаз. Кирниги рукIинчIел гIадал выставкабиги тIоритIулила гьез, лъицаниги гьаричIел гIадал батIи-батIиял творческиял акциялги гьарулин гьезилан.

Гьаб нухалдаги жеги киданиги тIобитIичIеб «Этнополисилан» цIарги лъураб дагъистаналъул этникияб искусствоялъул гIаламаталги хIалтIизарун, щивав чияс рокъор лъун бажарулел, пайда босун бажарулел тIагIалабазул выставка тIобитIулеб буго гьез.

Гьенир рихьизарун руго хайдакъалъул къагIидаялъ угьарал къадада ралел сураталги, кIиго гIочIоца угьарал Дагъистаналъул росабиги, гIадамалги, гьезул рукIа-рахъинги рихьизарулел сураталги, Дагъистаниязул тIанса-салмагалда ва арбабашазда рукIунел хасал накъищалги тIад рукъун гьарурал гIисинал къандалъабиги, гьелго накъищаз къачIарал руччабазул сумкабиги.

Искусстволъазабулей ХIамзатова ПатIиматица выставкаялъе къимат кьолаго абуна гьаб заманалда халкъияб искусство художниказ рукъзалги, ретIелги къачIалеб мехалда цIакъ хIалтIизабулеб бугила, гьеб гьанже дизайналде буссунеб бугилан. Гьеб къагIидаялъ халкъияб искусствоялдаса пайда босулеб бугони гьеб, нахъе цIунунги хIутIизе бугила, гIун бачIунеб гIелалда гьеб лъазеги бугилан.

ПатIимат ХIамзатова: «Гьаб выставкаялда нилъеда бихьулеб буго халкъияб искусство гьаб заманалъ нилъеца хIалтIизарулел сумкаби, къандалъаби гIадал тIагIалабазде буссун бугеб куц. Дицагоги ургъун букIана гьединаб проект. Дида ретIун бугеб гордеялда буго хайдакъалъул къагIидаялъ угьараб накъищ. Гьеб цIакъ гIемерав чиясда берцинги бихьула. Гьанир выставкаялда рихьизарун ругел тIагIалабиги цин нилъер халкъияб культураялъул тIагIалабаздаса рукъ-бакIалъул культураялде руссун руго. Цин нилъер халкъияб культура музеязде ана, гьанже гьеб нилъер гьаб заманалъул культураялде гьоркьобе бачIине буго".

МахIачхъалаялъул тарихалъул музеялъул нухмалъулей Дадаева Заремаца выставкаялъе къимат кьолаго абуна жий кутакалда йоххун йигила гIолохъанал художниказда халкъияб искусство кIочон тун гьечIеблъиги, гьез жидерго гьабзаманалъул хIалтIабалъ цебесеб искусствоялъул къагIидаби хIалтIизарулел рукIиналъгийилан. Гьезул хIалтIабаз бихьизабулеб бугила халкъияб искусствоялъе бакI музеязда гурони гIадамазул рокъобги бугеблъийилан абулеб буго Заремаца.

Выставкаялде рачIаразул гIемерисел бищун цере рахъун чIолел рукIана кIиго гIучIалда хьухьун гьарурал суратазда цере. ГIадамаз абулеб букIана жидеда жеги киданиги гьадинаб къагIидаялъ рахъарал суратал рихьун рукIинчIилан. Гьел суратазул автор Къурбанова Жаннаца «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана жиндица чанго соналъ тIадги хIалтIун лъазабунила гьеб хасаб художественнияб хьухьен гьабулеб куцилан.

Жанна Къурбанова: «Дун гьеб хьухьариялде жеги школалде иналдего юссана. Нижер Кули росулъ гIемерисел руччаби хьухьарунаан, амма я нижер росулъ яги цойгидаб бакIалда дун гIадин гьаб художесеннияб къагIидаялъ хьухьарунев чи вукIинчIо. Дие кидаго рокьулаан нилъер халкъияб искусство. Гьедин дица цин лъазабуна угьаризе, ессаризе, хайдакъалъул къагIидаялъ угьаризе. Дие бокьула лъидаго релълъинчIого йикIине. Гьединлъидал цебе гьабуралда релълъараб жо гьабичIого цIияб гьаб художественнияб хьухьариялда тIадчIана дун».

Гьеб «Этнополис» выставка гьединалго гIадатиял тадбираздаса дагьаб батIияб буго. Гьелъул батIалъилъун ккола выставкаялда рихьизарун ругел киналго хIалтIаби ричулел рукIиналъ. Бокьарав чияс росизе бегьула гьел. Выставка халат бахъине буго I0 сентябралде щвезегIан.

XS
SM
MD
LG