МагъчIваялъе рес

Тахшагьаралъул мэриялъул кабинетаздаса Кривая Балка бихьулеб гьечIо


МахIачхъалаялда гIагарда ругел цо-цо росабалъ гIумру гьабулезул гIарзаби руго жидехъ жеги лъим бачун гьечIин, ток ва газ букIине кколеб хIалалъ кьолел гьечIин. ГIемерисел гьединал гIарзаби руго ахихъабазул жамгIиятазда гIумру гьабулезул. Бищун гIемер гIарзаби руго Кривая балка абураб бакIалда гIумру гьабулезул. Кривая балка гIоралда аскIор махIачхъалаялъулазул гIемер дачаби. Документазда рекъон, дачабазул 65 жамгIият буго гIоралда аскIоб. Гьел жамгIиятал ругел ракьал ккола Кумкторкала мухъалъул. Амма МахIачхъалаялъул администрациялъ 1990 соналда гьел ракьаял 49 соналъ арендаялъе росун руго.

Гьеб зонаялда дачабазул бутIаби кьурал мехалда, гIадамаз жидецаго рачунел рукIун руго коммуникациял, амма жакъа къоялда Кривая балкаялда кIудияб росуилан абизе бегьула. Дачаялдеилан абун гьенире шагьаралдаса рачIунезул къадар дагьаб буго, амма кидаго гьенир гIумру гьабулел къадар цIакъ гIемер буго. БатIи-батIиял къиматазда рекъон, гьениб щуазаралдаса цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб буго.

МахIачхъалаялъул администрациялда лъим гIадин лъалеб букIана дачабазул ракьазда росу гIун бугеблъи ва гьелдалъун гьенире коммуниалиял шартIал гьариялъе гIоло шагьаралъул вукIарав мэр Саид Амировас гIуцIана «Садовник» абураб муниципалиябгун унитарияб идара. Гьеб идараялъ Кривая балкаялде гьекъезе бегьулеб лъим, газ ва ток бачине кколеб букIана. Гьанибго абизе ккола, гIемерисел гIадамаз ток ва газ жидецаго бачана минабазде. Гьезие гьеб бигьалъана, щай гурелъул токалъул линиял ва газалъул трубаби дачабазул ракьаздаса унел руго МахIачхъалаялде.

Амма газалъулгун токалъул масъала тIубанго тIубараблъун рикIкIунеб гьечIо гIадамаз. «Яблочко» абураб ахихъабазул жамгIияталда мина бугев ГIиса Ибрагьимовасул рагIабазда рекъон, газ ва ток гьоркьоса къотIула мех-мехалдаса. Трансформатал росизе ккола токалъул суал тIубазе ва газалъул суал тIубала гьитIинабго станция бани. Шагьаралъул администрациялъ тIуразе кколел сулал ругин гьелин абуна Ибрагьимовас. Амма бищун унтараб суаллъун рикIкIине бегьула лъим бачи.

«Гьекъезе бегьулеб лъим росулъ гьечIо. БачIуна цохIо техникалъул лъим. Ах-хур лъалъай гурони гьелдаса тIокIаб пайда гьечIо. ГIачазе кьолеб букIана гьеб лъим. Амма ноябралдаса маялде щвезегIан гьебги къотIула - трубаби цIороца ккун кьватIизе бегьулин абула», - ян бицана Ибрагьимовас. Гьединго гьес тIаде жубана, нухазул масъалаги бугин. ЦIад бараб мехалда росдал къватIал хIарщул цIун рукIана ва автомобил гьел нухаздаса бачине кIоларо. ТIадежоялъе сардил мехалда къватIазда канлъи гьечIо.

Кривая балкаялда гIумру гьабулезул гьединго гIарза буго ракьал ричиялда тIасаги. Гьезул рагIабазда рекъон, Амиров мэрлъун вукIарав мехалда ракьал ричулел рукIана гIумру гьабизе къануналъ гьукъарал бакIаздаги. Мисалалъе, гIоралъул лъим гъоркьан унел ракьазда минаби разе бегьуларо, щай абуни тIабигIияб катастрофа ккун хадуб, гьеб минаби лъеца рачун уна.

Гьединго гIадамазул гIарза буго лъимал школалде щвезариялъул масъала жеги тIубан гьечIин. Росулъа 200-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан хьвадула Новолак мухъалъул Ахар ва Шушия росабазул школаялде. Лъимал школалде щвезарулел рукIана мухъалъул адмистрациялъ школалъе бичараб гIарцудалъун. Басрияб автобусалъе босулеб букIараб нарталъул багьа бахун хадуб, Новолак мухъалъул администрациялъ лъазабуна, Ахар ва Шушия росабазул лъимал школалде щвезаризе тIадаб бугин жидеда ва Кривая балкаялдаса лъимал щвезариялъул масъала МахIачхъалаялъул мэриялъ тIубазе кколин. ГIадамаз гIарац дандбан ккун руго лъимал школалде ва рокъоре рачунел чагIи. МахIачхъалаялъул мэр МухIамад Сулеймановас рагIи кьуна Кривая балкаялдаса чагIазе цIияб цIалул соналдаса автобус босилин лъималазе.

Дачабазул жамгIиятазе росдал ай поселокалъул статус кьунани жидер масъалаби тIуразе ругин, рикIкIунеб буго гIадамаз. Гьединаб статусалда рекъон, росулъ нухал къачIазе ккола, школа рагьизе ккола, коммуналиял шартIал чIезаризе ккола ва гь.ц. хIалтIабиги гьаризе ккола.

Шагьаралъул администрациялда абуна Кривая балка МахIачхъалаялъул балансалде кьеялъул ва гьеб хадуб росулъун чIезабиялъул сулазул хал гьабилин. Кида масъалаби тIуразе ругел жеги лъалеб гьечIо. Кривая балкаялдани гIадамаз гьекъезе бегьулеб лъим гIарацги кьун босулеб буго. Кривая балкаялдаса Марина Алексеевалъул рагIабазда рекъон, росулъ батIи-батIиял бакIазда руго бацIадаб лъим бачIунел иццал, амма гьеб лъим сахлъиялъе зарал гьабулеблъун батана.

Марина Алексеева: «Лъим анализалъе кьун букIана ва жаваб бачIана гьеб гьекъезе бегьуларин, гьелдаса батIи-батIиял унтиял ккезе бегьулин. Гьеб лъим халтIизабула ретIел чуризе, цIарагIи чуризе. Гьекъезе бегьулеб лъим гIарацги кьун босула. Хъизаналда гIемер чагIи ругезе цIакъ захIматаб суал буго гьеб. Гьанир гIумру гьабулеб буго шагьаралда рукъ яги мина босизе кIвечIел чагIаз ва щолеб харжалъул бащалъи лъималъухъ унеб буго. Шагьаралдаса лъим босизе кколеб буго».

Дачабазул жамгIиятал росулъун тани тIуразе ругодай гIадамазул масъалаби? Гьеб суалалъе жаваб щвела, МахIачхъалаялъул росабалъ бугеб ахIвал-хIалалда балагьани. Мисалалъе босила, Семендер. Гьениб нормалияб школа гьечIо, буго ункъо классалъулаб школа, ясли-ах гьечIо. Яги маршруткаялда рекIун, яги эбел-инсуца ккураб траснпорталда рекIун щола школазде чIахIиял классаздаса лъимал. Кривая балка чанги километралъ рикIкIад буго МахIачхъалаялдаса, Семендерни шагьаралда рекIараб росуян абизе бегьула. Гьеб росулъги лъималъул суал буго кIвар кьезе кколеблъун - жидерго минабазде гIадамаз бачунеб буго лъим. Гьединго росдалчагIазул кидаго гIарзаби рукIуна ток гьоркьоса къотIунеб бугин мех-мехалдаса.

XS
SM
MD
LG