МагъчIваялъе рес

Щай Россиялъ Кавказалъул рагъ ракIалде щвезабулареб?


Исана 25 августалда 156 сон тIубана Шамилил ахирисеб хъала - Гъуни магIарда рагъ лъугьаралдаса.

«XVIII-XIX гIасрабазда Кавказалда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ Россиялъул тарихалда бицунеб бакIго гьечIин абизе бегьула.

1812 соналда КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIиялда бан, Романовазул минаялъ 400 сон тIубаялда хурхун, ТIоцебесеб Дунялалъул рагъ лъугIаралдаса 100 сон тIубаялда ва цогидал хIужабазда хурхун улкаялда букIараб роххалилаб ахIи-хIурги хIисабалде босун, Кавказалъул рагъ лъугIаралдаса 150 сон иналдехун щайдайин гьадигIан кIвар кьечIого тарабин суал бачIунеб буго», - гьедин байбихьулеб буго гьанжегIагар басмаялда бахъараб «Кавказский сборник» абураб тарихиял магIнаялъул тIехьалда тарихчи Андрей Максимчица бахъараб макъала.

Цо рахъалъ, Россиялъе ничаб жолъун батилин малъгIанасеб Дагъистангун жиб гIадаб кIудияб империя чанго анцI-анцI соназ багъиялъе мукIурлъиян рикIкIуна дагъистаниязул цо къокъаялъ. Цогидаб рахъалъ босани, советияб заманалдаги битIараб къимат кьолеб букIинчIин гьеб рагъуеян бицуна тарихчагIаз. Кьезе биччалебги букIинчIила. Гьедин рагIа-ракьанде щун гьеб заманалъул хIакъикъат рагьун гьечIолъиялъ рижулел ругин Шамилида сверухъ батIи-батIиял маргьабигиян рикIкIуна тарихчIужу ПатIимат ТахIнаевалъ. Масала, Чачаналдаса наиб Байсунгъурил хIакъалъулъ. Гъуниб магIарда Шамилиде ахIдон вугин гьев гIурусазухъе кверде унгейин абураб кечIгицин баккун буго. Амма Байсунгъур наиб гьеб къоялъ Гъунивгицин вукIинчIин абула ПатIимат ТахIнаевалъ.

ГIурус пача Александр КIиабилесул божарав чи, Кавказалда букIараб армиялъул штабалъул начальник ва инарал-адъютант Дмитрий Милютинил буго «Гъуниб. Шамил асир гьави» абураб хъвай-хъвагIай. Кверде вачIине гIурусаз имам Шамилилгун гьарурал къотIи-къаязул нугIлъун ккун вуго гьев.

Гьес хъвалеб буго пачаяс Кавказалда тарав вакил Барятинский цIакъ ракI бекун вукIанин 30 августалъул рохалилаб къоялъ (пача тасдикъ гьавулеб, ай инагурация гьабулеб къо) Кавказ мутIигI гьабунин пачаясда лъазабизе букIараб гъира, хIорго хутIулеб бугин, рагъги халалъизехъин бугилан. Щайин абуни кигIан гIемер хIалбихьиял гьаруниги, Шамил кверде вачIунарого вукIун.

Милютинил асаралда рекъон, 25 августалъул бакъанида ккараб хIакъкиъат гьадинаб букIана: «… нижеца милицал, пехотаялда нахъе чIаян буюрана. Гьеб мехалъ рихьана нижеда росулъа къватIир рачIунел муридзаби. Гьезда гьоркьов чода рекIарав Имам ватIа вахъизе лъалев вукIана. Росу рагIалда рукIарал рукъзабаздаса цеве гьев ваккигун, кинабго фронталъго «Гьура!» ян ахIана.

Гьеб ахIиялъул магIна бичIчIичIого, Шамилги, цадахъ ругелги заманаялъ лъалхъана. Дун, кколеб бугеб бицине, бетIерав командующиясухъе гIедегIана. Гьесул амруялдалъун, Имамгун вукIарав 40-50 гIанасев чи дагьал дорегIанго чIезаруна. Шамил жиндир бищунго божарав лъабго чигун, гьездаго гьоркьов Юнусгун, хутIана. Ярагъ цо Шамилихъ гурони течIо. Барятинскияс Шамил ганчIида гIодов чIовухъего къабул гьавуна. Гьесда сверухъ чIун рукIана киналго инаралал жидерго чукъа-рахьангун, хъазахъал, гьединго милицал. Киназего бокьун букIана гьеб тарихияб лъугьа-бахъиналъул нугIзаллъун рукIине. Шамил чодасан рещтIана, къадруялда начальникIасде аскIов ана. Гьесул муридзаби рахIат хун рукIана. Юнусица зама-заманаялъ чухъил къвалал гурулел рукIана, заруца вагъизе хIадурлъулев чияс гIадин. Барятинскияс кьварун абуна мун нижеца лъурал, дуеги маслихIатал, шартIазда разилъичIин; мунги хъизанги яргъидалъун хIукму къотIизе лъугьанин; дур дол цере нижее лъурал шартIазде хьул лъогейин; дур къисмат Пачаясул гурхIел рахIмуялда бараб бугин; цохIо дуеги, дур хъизаналъеги хIинкъи букIине гьечIин.

Шамилица чанго рагIудалъун абуна нужеца цереги къотIаби хвезариялъ тIамунин дун вас-васдизе. ГIемер соназ халатбахъараб рагъги чIалгIун бугин дир халкъалда, жиндийги ракълида, Аллагьасе гIибадат гьабулаго хвезе бокьун бугин».

Гьедин хъвалеб буго инарал-адъютант Дмитрий Милютиница.

Шамил имам кверде иналда тIасан гIемер бахIсал рукIуна. Цояз абула гьев асир гьавичIин. Гьеб букIанин къотIи-къай. КIиабилез рикIкIуна гьев кверде анин, амма щиб кканиги гьабизе бегьулароанин гьес гьеб.

ГIагараб тарих лъазабиялда тIад хIалтIулев ГIабдурахIман МухIамадовасин абуни гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе.

ГIабдурахIман МухIамадов: «ХIурматияв асир вукIана имам. Къун бергьана гъов хIакъикъаталдаги. АнцIила хадуб шартI буго имамас пачаясда цебе лъураб. Жинда щибниги гьарейин абула гьес Шамилида. Имамас жаваб кьола Аллагьас бижараб махлукъаталда жо гьаурларин жинца. Гьедин батани, нужер диналда рекъон буюрухъ кьейин жиндиеян абула пачаяс. Гьеб мехалда лъурал шартIал руго Шамилица. Масала, «матушкаби» гIадин ясалги рачинаро, бокьун гурони, зулмуялдалъун жидер рахъалде магIарулазул чиги вачинарин абун. Бокьараб мехалда рачIун бокьараб жо гьабулеб букIун буго цебе гIурусазщул аскарияз. Масала, руго хIужаби къинл руччабазул чахьалги ссун, лъимал къватIире рахъаралгицин».

Имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тIубаялда бан 1997 соналда Шамил мухъалда букIараб мажлисалда Дагъистаналъул вукIарав муфтий СаййидмухIамад-хIажи Абубакаров гьадин кIалъана.

СаййидмухIамад-хIажи Абубакаров: «Чанги рагIула жакъа абулеб (Россиялъе цIарги гьабун) бихьуларищдила пачаяс имам кIодо гьавураб куц. Гьелдалъун цо-цо чагIаз нух рагьула гьелъулъ цIикIкIунисеб цIар Россиялъе кьезе. Гьев пачаясда адаб гьабизе кколеб куц малълъарав чи живго имам вукIана. Щай? Щайгурелъул асир гьарурал гIурусаздехун (жинда данде рагъулел рукIарал тушбабаздехун) гьададигIан тIадегIанав имамас гьабулеб букIараб бербалагьи бихьидал, Аллагьас пачаясеги рес тун букIинчIо гьедин гуреб, батIайисан гьабизе».

27 августалъ Шамил хъизангун цадахъ, цIунизе батальон лъелазулги, дивизион рекIаразулги кьун, Хважалмахьисан, Кутишасан, Джунгутаялдасан Темирхан-Шураве витIана (Д. Милютин – ЭР).

XS
SM
MD
LG