МагъчIваялъе рес

Къанун бахъана, форум тIобитIана, ришватчилъи дагьлъичIо...


МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул магъалаби ракIарулеб инспекциялъул нухмалъиялда вукIарав Сулейман Сулеймановасе диван гьабизе буго.

ЦIех-рехалъул комитеталъул вакилас журналистазе кьураб баяналда рекъон, Сулейманов ккун вуго исана маялда цо кафеялда. Гьеб мехалда хьитал ричулев бизнесчиясухъа 200 азарго гъурущ ришваталъе босулев ватун вуго гьев. Амма гьеб гIарцуда гIей гьабун чIезехъин вукIун гьечIо Сулейманов. Хьитал рича-хисулев чиясда тIад кинабниги 240 азарго гъурущги щибаб кварталалъе 60 аза-азар гъурущги лъун букIун буго гьес. Бизнесалъе квалквал гьабичIого букIинелъун, бизнесчи разилъизе кколев вукIун вуго магъалабазул инспекциялъул нухмалъулес цебе лъураб тIалабалда.

Ахираб заманалда МахIачхъалаялда цо-цо идарабазда цере рагьун руго «божилъиялъул телефонал». Масала, «Главное бюро медико-социальной экспертизы» абураб идараялъ исана лъун буго ришваталъул бицун гIадамал кIалъазе хасаб телефон. Амма гIадамазда жеги тIубан бичIчIун гьечIин гьелъул магIнайин бицана ЭР-ялъе бицен гьабулеб телефоналдасан жавабал кьолей хIалтIухъан ПатIимат МухIамадсадикъовалъ. Жидехъе кIалъалел чагIи сакъатал, гIажизал гIадамал рукIунила. Гьединлъидал кинабали азархана, кинабали поликлиника киб бугебали лъаларищилан цIехезеги ахIулила. Амма бугила гIемерисез ахIулеб цо гIиллаги.

ПатIимат МухIамадсадикъова: «Аслияб куцалда нижехъе кIалъала жидее сакъатлъиялъул даража чIезабурал чагIи. Гьел рази рукIунаро гьелда. Масала, лъабабилеб даражаялда. Гьеб буго бищун гIодобегIанаб даража. Гьелъухъ гIарац дагьаб щола унтаразе. Гьединлъидал тIадегIанаб даража гьабизе ккани, жидехъа комиссиялъ ришват тIалаб гьабулеб бугин гIарз бахъула гьез. Нижехъе ахIулел чагIи киналго чIахIияб гIелалъул чагIи ругин абизе бегьула. ГIадамаз нижеде божилъи гьабиялъул иш гъоркьисалалда дандеккун кин, исана кин бугебин гьикъани, жаваб кьезе кIоларо. Щайин абуни гьаб телефон (8(8722) 77-77-24) исана гурони лъечIого».

ГьанжегIагар астмаялъ унтарай эбелалъе тIоцебесеб даражаялъул сакъатлъи чIезабизе МахIачхъалаялдаса Рисалатица 50 азарго гъурущ кьун буго ришваталъе, гурони гьабизехъин букIинчIила. ГIарацги босун цо лъалев тохтур витIун вуго гьелъ сакъатлъи чIезабулей гIаданалъухъе.

Рисалат: «Гурого гъолъухъе чи витIизе кколелъулха, рачIинахъего ине бегьуларелъул гьелъухъе. Цинги гъолъ тIанчида хъван бачIана 80 азарго гъурущилан. Гьеб мехалда ниж ресукъал чагIи ругин бичIчIизабидал, 50 азарго гъурущ босун танаха. Киназго абулеб буго нужее чIобого гIадин гьабун бугин гьебилан. Дунни йикIана гьебгицин кисайин кьолебилан. Гьеб кьечIони, гьабулеб гьечIелъул эз».

Коррупциялда хурхараб лъабазаралда хадуб гъалмагъир тIатанин республикаялда исанаян бицун букIана августалъул байбихьуда тIобитIараб Дагъистаналъул прокуратураялъул коллегиялда. Гьелъие гIоло жавабчилъиялдеги цIанила пачалихъиялги муниципалиялги хъулухъчагIазул 700-ниги чи. Ришваталъул гIайибги гIунтIизабун туснахъалда лъун руго Гъарабудагъкент ва Гъаякент мухъазул нухмалъулел.

КватIичIого диваналда цеве эхетизе вугила миллияб политикаялъул ва къватIисел ишазул вукIарав министрги, Тарумовка мухъалъул вукIарав нухмалъулевги, Росимуществоялъулги нухмалъулевги.

КватIичIого диваналде щвезе рагIула Южно-Сухокумск шагьаралъулги, Хайдакъ, Бабаюрт мухъазул нухмалъулездаги хурхун гьарурал цIех-рехал.

Ришват кьечIого тIураларел рахъал гьечIин хIисаб гьабидалин абула гIемерисез республикаялда. Лъимер гьабураб къоялдаса байбихьун, тохтурасеги кьолила гьеб, школа лъугIун унел лъималазе цогояб пачалихъияб экзамен кьолеб мехалда тIалаб гьарулел ришватазулги букIуна ахIи-хIур. Гьединго цIалул тIадегIанал идарабаздаги кьезе кколин гьел, цIалун рахъун хIалтIизе бакI щвезеги кьезе кколин гьел, сах гьаруралъухъ азарханаялдаги – ришватал хIажалъуларел бакIал къанагIат ругин абула дагъистанияз.

Гьелда данде къеркьезеян 2009 соналда бахъараб къанунги буго Дагъистаналда. Хасго МухIу ГIалиев президентлъун вачIиндал цIакъго рукIана гьелде тIаделъун. Амма кигIан бицаниги гьелъул хIасилги кколаро – рихьдае цо-цо хIакимчиги жанив тIамун лъугIула иш. Гьединго гIадамаз жидецаго ругьун гьарула ришват босулел гьеб пишаялде. Гьанже Рамазан ГIабдулатIипов нухмалъиялде вачIиндалги рукIана жамгIиял хIаракатчагIи ришватчилъиялде данде къеркьезелъун ишал гьарулелин абун. Гъоркьисала ЧIохъ росулъ ришватчилъиялда данде къеркьеялъул форумги тIобитIун, тIокIалъ рагIичIо гьелги. Интернеталда кьураб гьезул телефонги тIубан батIияв чияс борхулеб буго.

XS
SM
MD
LG