МагъчIваялъе рес

"Меседил лълъараниб лъама-гIаракъи..."


Россиялъ Шималияб Кавказ империялъул гIурхъабазда жанибе бачун хадуб гьаниб тIоцебесеб иргаялда банила Петровскиялда танхьил, хъалияназул фабрикаги, Темихан-Шураялда гьакълил заводгиян цIалун букIана цо бакIалда.

БитIараб гьереси мухIканго чIезабизе кIоларо, амма хIакъаб жо буго "КIудияв вацас" Кавказалда квачI лъуралдаса нахъе хисана кинабго. Цебехун умумузда гьоркьоб къанагIат букIараб тамахьу бухIи ва гьекъолди цIакъ ссиялда лъугьана цохIо Россиялда гуреб, хIатта Дагъистаналдацинин абизе бегьула. Хасго культ букIана гьекъолдиялъул.

Гьел гьекъолдулел гIадамалги рукIана кIиго батIиял: тIоцересел - битIичIеб къисматалдаги, захIматал шартIаздаги, гIолареб гIарцудаги ццин бахъун, гьекъолдиялъулъ ракIчучи ва бигьалъи балагьулел гIадамал. КIиабилел - ресалда рукIун, жидерго гIарац, бечелъи, тепси ва сси квана-гьекъеялдалъун къватIиб гьурщулел, гьелдаса кеп босулел гIадамал. Гьединаб букIана мискинаб советазул пачалихъалда бечелъи загьир гьабулеб къагIида - ратIлидалъун ва кванидалъун. Гьелъие цо мисал.

Брежневасул чIунхутIиялъул заманалда, 1973 абилеб соналъ бакъул дуниялалде вачIана дун магIарухъ. Дир эмен вукIана школалъул директор, росулъ гIумру гьабулел чагIазда гъорлъ мадараб, лъикIаб яшав бугев чи. МагIарухъ инсул рокъоб цо гьитIинаб рукъ букIана хас гьабун гьалбадерие тараб - кидаго рагьараб столгун, гIадамал къабул гьарулеб. Эхеде эхеве уневщинав нухлулас кIутIулаан рагъида цIал ва ахIулаан инсул цIар. Кидаго гьалбал къабул гьарулев ва гьел тIоритIулев вукIунаан эменги. Жеги автомобилалъул нух гьечIеб, гIадамал чуязда сверулеб заман букIана. Гьобол вачIанщинахъе цебе лъолаан гуржи чIачIаялъ цIураб цIорол графинги.ГЬеб гьечIони гьоболлъи тIубачIеб гIадаб гIаламат букIана дол соназда.

Гьединаб гIадат букIанин абизе бегьула. МугIруздаса, гъутаналдаса гIигун гIухьби рачIарабго росуго гьекъолдулаан. БитIахъе спичка хъинтIани росдада цIа кколеб хIал букIанин росулъин абизе бегьула. Гьединаб къадруялде бахинабун букIана гьекъолди. ХIатта гьекъолди кIодо гьабурал кучIдулцин рукIана компаниязда ахIулел:

Меседил лълъараниб, лъама-гIаракъи,

Лъихъго валагьичIо цо духъ гурони..." - ян.

Ай тIубаралде гIагарун улка букIанин шишие суждаялдеян абизе бегьула. Сужда гьабизе ккараб рахъги, какги, дугIаги кIочон букIана гIаламалда. Пасалъун букIана сверухълъи, трибуна ккун букIана жагьлуялъ ва ахIмакълъиялъ. ГIадада гуро поэтас доб заманаялде ва гьелъул лъималазде хъвараб:

"ГIакълу къварилъараб, гIантлъи боххараб

Махсаро ццидалаб, мехалъул лъимер..." - ин.

СССРги биххун, вагIза-насихIатги бачIун, Исламалъул канлъиялъ ва Аллагьасул каламалъ дагь-дагь ккун рагIдукье битIана гьеб кинабго. ЖамгIияталда жаниб гьелдехун бугеб пикруги хисана. Гьекъолдулев чи цIияб гIелалда загIипав, пайда гьечIев, жиндир чехьалдаги, напсалдаги тIад кверщел гьабизе кIоларев чилъун вихьана. ГIун бачIана гIаркъил "тIокIлъи" лъалареб цIияб гIел.

Гьелъие цойги мисал нужее. Дун чанго соналъ цеве МахIачхъалаялда цо гIагарав чиясул берталъе ккана. Дагьаб кватIун вукIана гьениве. Банкетный залалде дун щварабго вачун цо гIолохъабазул столалда нахъа кIусизавуна. Гьекъолеб жо бугеб гьеб берталъ, дун нахъа кIусараб, къогогIан чи вугеб столалда нахъа цониги шиша гIаркъил рагьун гьечIоан ва гIолохъаби гьекъолел гьечIоан. Цогидаб рагIалалда ахIи-хъуялда, кечI бакъаналда ругоан гьекъарал, чарлъарал бутIрузул, хвалил кьер лъурал кIудаби, СССРалъул лъимал.

Щай жакъа гьаб гьакълил тема бачIарабин гьикъулеб батани, буго гьалъиеги информационияб багьана абураб жо. Гьелъие гIиллалъун ккана гьал къоязда информациялъул алатазда тIибитIараб "бищунго дагь гьекъолел Россиялъул субъектал" абураб цIех-рех. Гьелда рекъон дагь гьекъеялъул рахъалъ тIоцебесеб кьерда буго лъабго Шималияб Кавказалъул республика: Чечня, Ингушетия ва Дагъистан.

Гьелъие гIиллалъунги экспертаца бихьизабулеб буго антиалкоголияб закон гьаниб хIалтIи ва республикабазул динияб рахъ. Дир хIисабалда, тIоцебесеб иргаялда гьеб буго дин цебе тIеялъул гIаламат. Бищунго гьекъолдулел регионаздаса цояллъунги рагIула Евреязул автономияб округ, Магадан, Камчатка ва Новгородалъул область.

ГIурусазул аби буго ччугIа бетIералдаса махIцунин абураб. Гьедин бугезеги буго, амма гьакълил рахъ босани, бищунго цIорорал регионаздаса хвезе байбихьун бугоан азул "ччугIа". Хабар лъикIаб рагIайги.

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG