МагъчIваялъе рес

Халатаб мегеж - "экстремистияб" мегеж


Жал полициялъ кколел ругин мугжул сабаблъунин гIарз гьабулеб буго салафияллъун рикIкIунел бусурбабаз. Гьезул рагIабазда, полициялъул бутIаялдеги рачун гьезие суалал кьолел руго гIагарлъиялъул хIакъалъулъ, рохьилазулгун рук1ине бегьулел бухеназул хIакъалъулъ ва суратал рахъун хадур нахъе ричалел руго.

Мугжул сабаблъун жал парахатго толел гьечIин полициялъулазилан гIарзагун инсанасул ихтиярал цIунулезухъе гьал къоязда рачIана Гъизилюрталдаса АсхIаб ГIалиев ва Камалудин ХIамидов. Гьел кIиялго ккола мадугьалзабилъун. «Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул вакилазе гьез бицана, ахирисеб кIиго моцIида жаниб жал полициялъулаз ункъго нухалъ ккун рукIанин.

«Араб соналъул байбихьуда кIицIун чIезавун вукIана къотIнов полициялъулаз. Документал рихьизаруна гьезда, амма паспорт гьезие гIечIо. Полициялъул идараялде вачана. Гьениб гьикъулеб букIана щал кколел дир гIагараллъун, рохьилазде гъорлъ ругищ гIагарлъиялдаса чагIи, кинал диниял бербалагьиял ругел дир. Гьел суалалги кьун, килщазул лъалкIалги рахъун, нахъе вичана. Декабралъул ахиралда гьебго жо такрарлъана ва цIидасанго килщазул лъалкIал рахъана. Гьал къояздаги гьебго жо такрарлъана, амма килщазда хъвачIо. ТIадежоялъе кIицун вачун ана полициялъул идараялде мадугьалгун цадахъ. Долго суалал кьуна досиеги, хадур нахъе ричана», - ян бицана ГIалиевас.

ХIамидовасул рагIабазда рекъон, полициялъул хIалтIухъабазда гьес гьикъана, щай бутIаялде ккун рачаралян. «Салафиял хIисабалде росеян Москваялдаса буюрухъ бугин абуна полициялъулаз. Ниж салафиял рукIин кин чIезабурабян гьикъиндал, щвана жаваб: «Нужер мугжул цIакъ халатал руго» илан. Амма полициялъулаз бицараб гьеб хабар битIараб бугищали лъаларо, щайгурелъул вацгIал Москваялда вуго хъизангун гIумру гьабулев ва гьев гьениве киданиги ккун вукIинчIо низам цIунулез», - ян бицана ХIамидовас.

32 сон барав гьесги, 34 сон ГIалиевсги абуна инсанасул ихтиярал цIунулезе жал салафияллъун рикIкIине бегьулин, амма къануналда яги хIукуматалда данде рахъизеян киданиги ракIалдецин ккун букIичIин жидеда. «Дир ункъо лъимер буго, АсхIабил лъабго лъимер буго. Гьел хьихьи гурони тIокIал суалал щай нижее? Къануналъ гьукъараб дин гьечIо ва къануналде данде рахъизе бегьулел чагIилъунги ниж кколаро. Оперативияб хIалтIи гьабеян абе полициялъулаз, амма къотIнор бакьулъа гIадамазда цере кквезеги ккун ниж автомобилазда жанире къазари - гьединал ишал къануналъул тIалабаллъун рихьуларо», - ян абуна гьез.

Полициялъул тIаса ккараб хIалтIуда тIаса гIарза хъвазехъин буго гьез прокуратураялдеги, Россиялъул президентасул администрациялдеги. Амма гьел кIиязул гурелги гIарзаби руго. Ахирисеб анкьалда жаниб инсанасул ихтиярал цIунулезухъе релълъарал гIарзабагин рачIана лъабгоял.

Мисалалъе, инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб офисалде гIарзагун вачIана МахIачхъалаялдаса Керим ХIайбулаев. Гьес бицухъе, 20I3 соналдаса байбихьун гьев чанги нухалда полициялъулаз ккуна мегеж сабаблъун.

Ахирисеб лъугьа-бахъин ккана МахIачхъалаялда бугеб Югалъулаб посталда. Нухалъул полициялъ чIезабун буго ХIайбулаевасул автомобиль ва гьелъул хал-шал гьабун хадуб машинадул хважаин МахIачхъалаялъул Совет мухъалъул полициялъул бутIаялде вачун вуго. «БутIаялда профилактиялъул сияхIазда бугин дир цIарян абуна полициялъулаз. Дир сурат бахъана гьез ва хадуб документ бихьизабуна. Гьеб документалда дир цIар, гьавурав къо ва дида хъинтIараб цогидаб информация рехсон букIана. Жибго документалда гъоркь кIудиял хIарпабаз «вагьабияв» илан хъван букIана», - ян бицана ХIайбулаевас.

Инсанасул ихтиярал цIунулезда гьез бицухъе, гьев ккола салафиявлъун, амма къанунгун киданиги масъалаби гьесул рукIинчIо. «Мемориалъул» лъазабиязда рекъон, араб соналда гIуцIиялде чанги чи вачIана жал полициялъулаз мех-мехалдаса кколел ругин ва сураталги рахъун нахъе риччалел ругилан гIарзабигун. Гьез бицулеб букIана жидер цIарал полициялъ «чIегIерал сияхIазда» росун ругилан. 2014-леб соналъул октябралда гIуцIиялъ хасаб гIарза битIана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялде. «ЧIегIерал сияхIал» щал жал ругел, кинал чагIи гьеб сияхIалде росулел, кинаб къануналда рекъон гьел сияхIал раккарал - гьел суалазе жаваб тIалаб гьабулеб букIана «Мемориалалъ» МВДялдаса. Амма инсанасул ихтиярал цIунулезе министерлъиялдаса жаваб щвечIо.

«Мемориалъул» нухмалъулев Олег Орловасул рагIабазда рекъон, экстремизмалъул профилактика къваригIуна, амма жив-жив салафияв экстремистлъун вихьи мекъаб жо буго. Гьес «Эркенлъиялъе» абухъе, диниял цогидал бербалагьиял ругел чагIазда гьужумал байбихьана цIидасанго Дагъистаналда.

Олег Орлов
Олег Орлов

Олег Орлов: «Дагъистаналда букIана цогида модель. Гьелда рекъон, бусурбабазул батIи-батIиял жамгIиятазда гьоркьоб диалог букIана, хасал операциял суалал хадуб раккуларедухъ гьарулел рукIана, амма гьеб кинабго тIагIана. ЦIидасаго тIадруссана къуваталъул нухда. Мисалалъе, Ингушетиялда ахIвал-хIал лъикIлъана, низам цIунулезул хIалтIуе Юнусбек Евкуровас къимат кьун хадуб. Республикаялда гIицIго къуваталъул механизм нахъе рехана. Амма Дагъистаналда щаялиго къуваталъул гурони цогидал нухал лъалел гьечIо. Гьединал механизмаз рачине бегьула Чачаналъ бугеб ахIвал-хIалалде. Гьенир рохьилазул гIагарлъиялдаса чагIазул минаби рухIулел руго, гIадамал гIумру гьабулеб бакIаздаса гочинарулел руго».

Орловас абухъе, рохьилазул ишазухъ жаваб гIагарлъиялдаса тIалаб гьабизе бегьуларо. «ГIагарлъиялъул разилъиялдасайищ гьел рохьилазде гъорлъе арал? Гьединал механизмаз ахIвал-хIал жеги хIалуцинабула», - ян абуна инсанасул ихтиярал цIунулес.

Ахиралда тIаде жубала, араб соналда салафиязул гIемер гIарзаби рукIана жал полициялъ кколел ругин мугжул ва хIижабал сабаблъун. Экспертаз полициялъул ишал ричIчIизарулел рукIана Олимпадалъе гIоло гьарулел тадбираллъун, амма Сочиялда хIаял лъугьун хадурги салафиязул гIарзаби гьоркьоса къотIичIо.

XS
SM
MD
LG