МагъчIваялъе рес

Изну кьун букIараб митинг гьукъана


Гьадин тIобитIулеб букIана коррупциялде данде митинг МахIачхъалаялда 2011 соналъул 4 октябралда.
Гьадин тIобитIулеб букIана коррупциялде данде митинг МахIачхъалаялда 2011 соналъул 4 октябралда.

28 марталда МахIачхъалаялда тIобитIизе кколеб букIараб коррупциялде данде ва цадахъго Росссиялъул президентасул рахъ кквеялъул тIолгодагъистаналъул митинг гьукъана Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялъ. Акция гIуцIараз лъазабулеб буго, митингалда рорхизе ракIалда рукIарал суалал гьезда хурхарал рукIиналъ, Дагъистаналъул тIалъиялъ ургъунго биччачIин гьеб митинг тIобитIизейилан.

Шамат къоялъ МахIачхъалаялъул КIудияб ВатIанияб рагъулъ бергьенлъи босиялдаса 50 сон иналъул цIаралда бугеб ахикь 2000 гIан чи вакIарараб митинг тIобитIизе ракIалда букIана республикаялъул жамагIатчагIазда. Гьеб акция жидеца Россиялъул президент Владимир Путинил ва пачалихъияб сиясаталъул рахъкколеб букIин загьир гьабизе, гьединго Дагъистаналда бугеб коррупциялдегун, тухумчилъиялде данде тIобитIизе ракIалда букIанин лъазабулеб букIана гьеб гIуцIулел рукIараз. Къануналде данде кколедухъ гьеб тIобитIизе букIине ригьтIаго Дагъистаналъул юстициялъул министерлъиялде хIажатал кагъталги кьун рукIун руго гьес, гьелдаса хадуб цин разилъи кьун буго минюсталъ акция тIобитIизе, хадубги гьеб гьабизе цо къо хутIараб мехалда разилъи нахъе босулеб бугин лъазабун буго.

Митинг тIобитIизе хIадурулев вукIаразул цояв «РитIухълъи ва цолъи» йилан абураб жамгIияб идараялъул нухмалъулев ГъазимухIамадов НурмухIамадица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана юстициялъул министерлъиялъ жидеда лъазабунила гьаб сагIат республикаялда санагIалъи гьечIеб, хIинкъи цIикIкIараб хIал бугин, гьединлъидал гьеб тадбир дагьаб нахъбахъейилан. Амма гьеб нахъбахъейиланги абуниги хадусеб нухалъ митинг тIобитIизе биччалин абураб жоялда божилъиго гьечIин жидерилан бицана НурмухIамадов ГъазимухIамадица.

НурмухIамадов ГъазимухIамад: «Гьеб буго ургъунго гьабураб жо, дида гьеб ракIчIун лъала. Ургъунго букIинарищха нижеца гьеб митинг гьабиялъе разилъи тIалаб гьабун кагътал моцIица церего ритIун рукIана, 3 къоялдаса гьез разилъиги кьун букIана. Гьабщинаб нухалда республикаялда захIматаб хIал букIин лъан гьечIо азда, митингалдаса цебесеб къоялъ бичIчIун рагIула гьаниб хIинкъи букIин. Гьадингояб чIанда буго гьеб. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдасан баянал щвана дихъе минюсталъ гьезухъе митинг букIине бугин гьенир гIадлу-низам букIинабизе полициялъулал ритIейин абураб кагъат 27 къоялъ гурони бачIунго гьечIеблъи.

Щибниги хIадурлъи гьабизе, гьенире ритIизе хIалтIухъаби чIезаризе гьезулги заман гIелищха. Гьелъги бихьизабулеб буго кинабго ургъунго нижеца митинг тIобитIичIого тезелъун гьабураб жо букIин. Дагьаб заманалъ нахъбахъейин гьебилан абунаха гьеб министерлъиялъ, дун 30 марталда цIидасан апрелалда гьеб тIобитIизе тейилан абун гIарзаги босун ине вуго юстициялъул министерлъиялде. Гьанжесалаги гьеб нахъчIвани ниж Москваялде ине руго акция тIобитIизе».

Цебехун рехсараб митинг тIобитIулезда гьоркьов вукIарав Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул гIахьалчи Хадулаев Шамилица рикIкIунеб буго жидеца гьеб митингалда рорхизехъин рукIарал суалал Дагъистаналъул тIалъиялъе дандекколел рукIинчIин, гьединлъидал гьезул буюриялда рекъон квалквалал гьарунин минюсталъ акция тIобитIизейилан. Гьединго Шамилица абулеб буго митинг тIобитIизе течIолъи республикаялъул нухмалъиялъ ахIмакъаб жо гьабунила, гьелъ гьадингоги гьезда ццин бахъун бугеб халкъ дагьабги цIакъ жидедаго данде базабулеб бугилан.

Хадулаев Шамиль: «ТIалъиялъул чагIи хIинкъуца холел руго, жал цIакъал чагIийин, жидеца кутакалда гIемераб жо гьабунин Дагъистаналъейилан гаргарлел рукIунел гьел щайха хIинкъулел, щай цойгидазеги рагIи абизе толареб. Щай гурелъул жидедаго бугебщинаб гIайиб гьезда лъалеб букIунха, гьезда гIадамал гIантал ругин, жал цIодорал ругин ккун бугоь. Гьел берцинал харбалги рицун, халкъги тIаса бихьизабун жидеего бокьараб гьабулел руго.

Нижеца щивниги хъулухъалдаса вахъейилан тIалаб гьабизехъинги букIинчIо, нижее къваригIун букIана гьел тухумчилъиялъул ва коррупциялъул суалал рорхизе, гьезде кIвар кьезе. Гьеб абизегицин тезехъин гьечIо гьанже тIалъиялъ. Амма гьезда бичIчIулеб гьечIоха гьедин гIадамазул кIалал къазейин гьел лъугьани, халкъалда гьел дагьалги цIакъ рихунеблъи».

Гьеб акция тIобитIизе хIадурулел рукIарал жамагIатчагIазда ракIалда буго иргадулаб нухалдаги юстициялъул министерлъиялъ митинг тIобитIизе рес кьечIони, гьел диваналде кьезе. Къануналда рекъон гьез жидее акция тIобитIизе инкар гьабизе бегьуларилан лъазабулеб буго жамагIатчагIаз.

XS
SM
MD
LG