МагъчIваялъе рес

Дербент мухъалъул бетIерасде кIвар буссинабуна прокуратураялъ


Дагъистаналъул прокуратураялъ байбихьана Дербент мухъалъул нухмалъулев Къурбан Къурбановасда сверухъ цIех-рехалъул хIалтIи. Низам цIунулезул щаклъи буго гьес жиндирго хъулухъалдаса цIикIкIун пайда босун букIин.

Дербент мухъалъул нухмалъулев Къурбан Къурбановасда сверухъ цIех-рехалъул хIалтIи байбихьиялъе гIиллалъун ккун буго пачалихъияб мал-мулкалъул министрас гьесда тIасан прокуратураялде кьураб кагъат. Гьениб дагIба балеб буго Дербент мухъалъул нухмалъулес 2009-2013 соназда гIадамазе рикьарал «Хазарский» абураб бегавуллъиялъул ракьазда. ГIаммаб куцалда гьел кколел руго 56-са цIикIкIун гектаралда ругел ракьал. Гьел республикаялъул кIваралъул ракьал кколин, гIадамазе жидерго пастIаби гьаризе кьезе бегьулароанин гьелин рикIкIунеб буго низам цIунулез.

Республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас Къурбанов Дербент мухъалдаса нахъе витIулев вукIана исана риидалго. ТIоцебе гьес гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна телевидениялдасан чIагояб эфиралдасан кIалъалаго. Амма Къурбановас гьединго телевидениялдасанги интернеталдасанги тIибитIизабуна жиндирго пикру. Жив вугин халкъалъ вищун тарав чи, болжал лъугIун хадув гурони жив нахъеги унарин, гьединго халкъалъ жиндир рахъги кколин абураб пикру букIана гьеб. Хадурго байбихьана Дербент мухъалда цоялда хадур цоял митингалги цогидал данделъабиги гьаризе, гьенире ракIарараз абулеб букIана жидее Къурбанов хIажат вугилан. Амма ракI рагьараб гара-чIвариялда гIадатиял гIадамаз журналистазда бицунеб букIана жидеда Къурбановал чIалгIун ругин, бакIалъул хIакимзабазе гурони, халкъалъе бугеб мунпагIат гIемераб гьечIин гьесдаса.

Гьал къоязда букIараб Дагъистаналъул парламенталъул данделъиялда гьанжеялдаса хадур муниципалиял гIуцIабазул нумалъулел депутатаз рищизе рукIиналъул къануналъул порект гьоркьоб лъураб мехалдаги ракIалде щвезавун вукIана Дербент мухъалъул нухмалъулев Къурбан Къурбанов. ГIумруялъго тахбакIазда гIодорчIун, щвалде щун хIалтIи гьабуларел бакIалъул хIакимзабазул бицунаго, гьадин абун букIана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас Къурбановасул рахъалъ.

Рамазан ГIабдулатIипов: «10-15 соналъ вуго гьев чи цого бакIида, кинабго талавур гьабун, иш лъугIизабун буго гьес гьеб мухъалъул. Нахъе ине заман щванин дица гьесда лъазабидал, лъикI бугин, дуца абураб гьабилин тIадрекъана гьев. Амма дидехун мугъ сверарабго, жиндиего бокьухъе гьабизе лъугьун ватана. Гьанжеялдаса хадуб иш гьедин тезе гьечIо. Амма цересел соназда гIадин кодоса жоги бахъун чи толеб къагIидаялде руссинеги бокьун гьечIо. Нилъеца гьединги гIезегIан жо тIезабун буго Дагъистаналдаса».

Доб цебехун бицухъе, прокуратураялъ Къурбановасда хурхун цIех-рех байбихьиялда бан, «Дербентские известия» абураб газеталъул бетIерав редактор МухIамад ХанмухIамадовас ЭР-ялъе бицана тIубараб моцIниги букIанин Дербент мухъалдеги рачIун Къурбан Къурбановасда тIасан щибниги тохаб жо балагьулел ругелдаса. Гьединги щибниги батизеги батичIин гьезда. Щайин абуни гьеб республикаялъул кIваралъул ракьал рикьа-къотIиялда бараб хIужа тIатун букIанила жеги лъабго моцIалъ цебего, хъулухъ тейин Къурбановасда лъазабилалде цебего.

МухIамад ХанмухIамадов: «Гьел ракьазул Дербент мухъалдехун щибниги бухьен гьечIо. Карл Марксил цIаралда бугеб магIишаталъул ракьал ккола гьел. Гьеб магIишатин абуни буго пачалихъияб мал-мулкалъул министерлъиялъул къайимлъиялда. Гьединлъидал Дербент мухъалъул нухмалъулесда кIоларо гьел ракьал рикьизе, рикьизеги рикьуларо гьес гьел».

ХанмухIамадовас абулебгIан бигьаго батиларин ишилан кколеб буго лезгиязул миллияб багъа-бачариялъул цевехъан Альберт Эседовасда. Унголъунги Къурбан Къурбановас гьел ракьал ричун рукIинчIелани, тIубараб республикаялъул прокуратураялъ гьедин тохго цIех-рех байбихьилароанила жалго суризе.

Дагъистаналъул Къилбаялъул рахъалдаса Къурбановасда дандечIарал чагIи лезги миллаталъул чагIи ругин абизе бегьула, информалатаздасан гьез гьарулел лъазабиязухъ балагьун. Гьедин лезгиязул миллияб багъа-бачариялъул цевехъан Альберт Эседовас ЭР-лъе абуна жинда кколин гьаб болжал лъугIизегIан Къурбанов гьеб хъулухъалда хутIизе вугин. Щайин абуни цIакъго бокьун букIарабани, гIезегIан хIужа батизе бегьулаанила гьев нахъе витIизе, яги тамихI гьабизе. Гьедин батани, киназдаго рагIун республикаялъул бетIерас щайинха Къурбанов нахъе витIулев вугилан лъазабурабин гьикъидал, гьеб батилин республикаялда жив гуревги, жинда дандечIараб ва жиндие квалквал гьабулебги цойги къуват букIин бихьизабизе гьабураб лъазаби ГIабдулатIиповас добин рикIкIунеб буго Эседовас.

Республикаялда бугеб биценалда рекъон, Дербент мухъалъул нухмалъулев Къурбан Къурбановасул лъикIаб бухьен буго Азербайжаналъул нухмалъулев Илгьам ГIалиевасулгун. Гьединлъидал Къурбанов гьесде мугъчIван ватизеги рес бугин абураб пикру гIемер рагIула Дагъистаналда.

XS
SM
MD
LG