МагъчIваялъе рес

Чачаналъ Россиялъул къануназул "тату" холеб буго...


Пачалихъалде данде чIарал къокъабазул гIахьалчагIазул хIаракатчилъиялъул жавабчилъи гьезул гIага-божараздеги тIибитIизабулеб букIиналъул хIакъалъулъ «Инстаграммалдасахун» Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас гьабураб лъазабиялъе ахир-къадги жиндирго къимат кьуна Россиялъул президент Владимир Путиница. Кколищ гьеб битIахъего улкаялъул конституция ва къанунал хвезарулел ругин абун, Къадировасе тамихI гьабизе бегьулин абураб?

Диваналъ чIезабизегIан, чи гIайиб гьечIевлъун рикIкIиналъул принцип ва чанго цоги къанун хвезабулеб бугин жиндирго лъазабиялдалъун Чачан республикаялъул бетIерасин, лъазабуна ГIазаб кьеялде данде комитеталъул бетIер Игорь Каляпиница. Гьесул рагIабазда, республикаялда гьединаб практика цебеги загьирлъулеб букIана. Амма гьанже гьелъул хIакъалъулъ нахъе-цеве балагьичIого тIубарав республикаялъул бетIерас лъазабулеб мехалда, гьеб кколин ахирисес пачалихъалъул къанунал рикIкIине гьечIин абурал рагIабазда гъоркь жиндирго гъулбас лъей гIадаб жойин, абуна нижер программаялъе ГIазаб кьеялде данде комитеталъул бетIер Игорь Каляпиница.

Игорь Каляпин
Игорь Каляпин

Игорь Каляпин: «Бихьухъе, Рамзан Къадиров хIадурав вуго Россиялъул къанунал жинде данде кколарин абизецин. Дида ккохъе, гьеб лъазаби гьес боевиказе гуреб гьабураб, гьес гьеб лъазаби гьабуна жамгIияталъе. Гьединаб къагIидаялда Къадировас абулеб буго, жидеда къанунал рихьуларин, жидеца Россиялъул къануназда рекъон тIокIаб хIалтIи гьабизе гьечIин, жидеца проблемаби гIадатазда рекъон рагIалде рахъинаризе ругин».

Чачан республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировасул лъазаби къануназде данде кколарин абун Каляпиница лъазабуна Россиялъул Генералияб прокуратураялъул ва ЦIех-рехалъул комитеталъул бутIрузухъе хъвараб хитIабалда.

Игорь Каляпин: «Гьединаб лъазабиялда жал рази рукIин бихьизабизе Бастрыкинги Чайкаги хIадурал ратани, щибха абилеб! ГIадамазда лъан гIаги букIинаха, гьезул идарабазде хитIаб гьабиялъул кинаб гIаги магIнаги пайдаги букIунареблъи».

Каляпинил хIаракатчилъиялъе гьесул фамилиял рехсечIого къимат кьолаго, Рамзан Къадировас гьесде гIайиб гIунтIизабуна, гьес террористазе кумек гьабулеб бугинги абун.

Рамзан Къадиров
Рамзан Къадиров

Рамзан Къадиров: «Цебе дица лъазабун букIана, гIагаразул жидерго лъималазул хьвада-чIвадиялда бан жаваб кьезе кколеб букIиналъул хIакъалъулъ, нагагьлъун гьез гьел чIезаричIони яги полициялде хитIаб гьабичIони.

Кинавали лъаларев Каляпин вахъун вуго бандитазе ва гьезул гIага-божаразе хIалае. Хасал идарабазул информация буго, Каляпин абураб фамилия бугев чияс Магърибалъул хасал хъулухъаз кьураб гIарац АхIмад ГIумаровасухъе кьунин абураб. МухIканлъизабизе ккола гьав Каляпинилищ бицен гьабулеб бугебали. Гьеб гьедин батани, гьев жавабчилъиялде гъоркье вачине ккола».

14 декабралда Грозныялда тIобитIана хъачагълъиялде данде республикаялъул нухмалъиялъ тIобитIулеб къеркьеялъул рахъ ккуразулин абураб гIемер чи гIахьаллъараб митинг. Гьелъул хIасилазул бицунаго, Къадировас лъазабуна, чачаназул халкъалъ хъачIаб къимат кьунин терроризмалъе ва акциялъул гIахьалчагIаз тIалаб гьабунин хъачагъазе кумек гьабулел чагIи хъачIаб тамихIалде гъоркье цIай. Бандитазе кумек гьабулел гIадамазул цIакъ ракI хвезе бугин жидецаго гьабураб жоялда банин, жубана Къадировас.

Митингалда хадуб ГIазаб кьеялде данде комитеталъул оффисалда цIа рекIана.

Жинцаго абухъе, Каляпинил ракI хун буго, Чачан республикаялъул нухмалъиялъ ахIараб митингалде цIакъ гIемер халкъ бачIун букIиналда хурхун, хасго гьеб акциялъул магIнаялда нахъ бахчараб хIакъаб мурад лъалеб букIиналда бан. Гьелдаго цадахъ гьесда бичIунеб рагIула авторитарияб нухмалъиялъул прессалде гъоркь ругел гIадамазул хьвада-чIвадиги. Аммайин абулеб буго гьес жидеца чачаналъ жидерго хIалтIи халат бахъинабизе бугин, кинал захIмалъаби жидер комитеталъе гIуцIулел рукIанигиян.

Игорь Калаяпин: «Нижер ракIалда буго хIалтIи халат бахъинабизе, гьеб гьанжеялдего халат бахъинабулебги буго. Гьелда бан лъилниги кинабгIаги щаклъиги букIине кколаро. Дие бокьун буго гIадамазда бичIчIун букIине, нижер юристазул хIалтIи хурхараб гьечIо гIицIго оффисалда гIодор чIун рукIиналда. Нижер юристазул хIалтIи букIуна диваназда, прокуратураялъул ва цIех-реххалъул комитеталъул идарабазда. Оффисин абуни, гьеб ккола гIицIго документал хIадурулеб яги цо-цо нухалда къварагIел ккараб мехалда гIадамал кьижулеб бакI. Дир пикруялда, чачаназе абизегIанаб ками ккезе гьечIо нижер юристаз документал Ставрополалда яги Дагъистаналда хIадурулел ругони. Ниж балагьила кинаб хIал букIине бугебали, нагагьлъун къварагIел бугони, оффис букIине бегьула цоги бакIалда.

Нижерго хIалтIи щиб кканиги чачан республикаялъул территориялда нижеца халат бахъинабизе буго. Байбихьараб цогIаги иш нижеца рагIалде бахъинабичIого толаро.

Дида бихьулеб буго, Грозныялда гьабураб тIадекIанциялда гIага-божарал камурал, гьел чIварал ратиялде хьулал ругел чачаназул рокIол унти чачаназул нухмалъиялда нижеде данде буссинабизе бажарун букIин».

Гьелго къояз чачаналъ маскаби хурал гIадамаз цIа гъуна Грозныялде тIадекIанцIи гьабиялъул щаклъи бугел гIадамазул гIагаразул чанго рукъалда. Цо-цо инсанасул ихтиярал цIунулезул ва журналистазул пикруялда, гьеб ва Игорь Каляпинил гIуцIиялъул оффис бухIи кколеб батизе бегьула Къадировасул лъазаби гIумруялде бахъинабиялъул гIаламат.

Каляпинил пикруялда, Рамзан Къадировасул лъазаби ва хьвада-чIвади Россиялъул къанун цIуниялъул идарабазул вакильзабаз ва улкаялъул нухмалъиялъ букIине кколеб жаваб кьечIони, гьеб букIине буго нилъер улкаялъ репрессивияб, авторитарияб пачалихъалде гьабураб иргадулаб кIудияб гали. Гьеб букIине буго Россиялъул Федерациялъул Конституциялда тIасан кIудияб гали.

Игорь Каляпин: «Гьеб хIужжаялда хурхун жалго чачаназул жамгIияталда жаниб кинаб букIаниги протест загьир гьабичIони, къватIисан рази гьечIолъиялъул пикруялъ ахIвал-хIал хвасар гьабуларо. КъватIисанин дица абулеб мехалда, гьеб ккола гIицIго Москваялда букIа, Петербургалда букIа, Гъоркьияб Новгородалда букIа гIадамаз гьединал къагIидаби какулел рукIиналъ, проблемаби рагIалде рахъунарин, абураб жо.

Дица гьабуна дирго лъазаби, метер пресс-конференция букIине буго инсанасул ихтиярал цIунулеб чанго гIуцIиялъул. Гьениб жидерго позиция загьир гьабизе буго гьезул хIаракатчаIгаз. Пуланаб багъа-башари гьелда бан букIине бегьула. Дирни хьул буго жиделъ бихьинчилъи бугел Пачалихъияб Думаялъул цо-цо депутатаз жидерго позиция загьир гьабизе букIиналде.

Амма гIагалигун абила, жибго чачаналъ цо-цояз загьир гьарулел руго гьединаб галиялда рази рукIиналъул пикраби. Жидее гьел яргъид гIуцIаразул гIага-божарал рихарал ругин, жидеца гьел унгоги нахъе къотIизе ругин. Къадировас битIун абулеб бугин, жидер умумузги гьедин гьабулеб букIанин.

Гьеле чачаназул парламенталъул спикер Дукваха ГIабдурахIмановасги абулеб буго гьедин. Гьесни дунги рикIкIунев вуго балъгояв террористлъун. Гьес абулеб буго Каляпиница чачаназул жамгIияталда малъизе кколарин, кинаб къагIидаялда ишал тIуразаризе кколелалиян. Гьесги абулеб буго жидеца жидерго гIадатазда рекъон, проблема рагIалде бахъинабизе бугин. Амма дида ракIалда гьечIо кинал гIадатазда рекъон, полициялъулазе изну бугеб гIайибги чIезабичIого, гIадамал нахъеги къотIун гьезул минаби кьагьизаризе».

«Юрист хIисабалда, Конституциялъул гарант хIисабалда дуца цIунизе ругищ жидеца терактал гьарун рукIин чIезаричIел ва тамихIалъул хIукмуцин гьабичIел гIадамазде гIагарлъи бугел гражданал?

Ксения Собчак
Ксения Собчак

Гьезул рукъзал рухIулел руго. Чачаналъ цого-цо бугеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул офисалда чIухь балеб буго, гьелда цIаги гъун букIана. Щиб гьелда бан гьабизе кколеб?» Терактал гьариялъул гIайибал жидеде гIунтIизабуразул гIагарлъиялъе тамихI гьабизе букIиналъул хIакъалъулъ лъазабун, Рамзана Къадировас Чачан республикаялда Россиялъул Федерациялъул къанунал хIакъикъаталдаги хIалтIулел гьечIин де-факто лъазабунинги абун, гьединаб суал кьуна Россиялъул президентасе пресс-конференциялда Ксения Собчакица. Чачаналъ ахирисеб заманалда лъугьарал хIужжабазда бан кинал гIаги пикраби загьир гьарун рукIинчIев Владимир Путиница суалалъе жаваб кьолаго абуна гьадин.

Владимир Путин: «Террористазул гIагарлъиялда, гьезул рукъазабазда ва гьезул гIагарал республикаялдаса нахъе къотIиялда бан Рамзан Къадировас гьабураб лъазабиялъул ва цогидалъул хIакъалъулъ... Узухъда гьаниб дир гьечIо ва букIине рес гьечIо цогидаб пикру. Россиялда киназго тIуразаризе ккола къанунал ва щивниги риккине бегьуларо гIайибиявлъун, гьединавлъун гьев диваналъ чIезавизегIан.

Амма гIумруялда дагьалъ батайихъаго букIуна, гьумру бигьаяб жо гуро. Антитерористиял къуватазул практикаялъ бихьизабухъе, терактал гьарулел гIадамазул гIага-божаразда аслияб къагIидаялда лъалеб букIуна гьезул хIакъалъулъ. Амма гьелъ лъиениги, Чачан республикаялъул бетIерасеги гьездаго гъорлъ, ихтияр кьолеб гьечIо диваналъул хIукму гьечIого тамихI гьабизе».

Гьедин батани, кколищ Россиялъул президентасул рагIаби, инсанасул ихтиярал цIунулез рикIкIунхъе, битIахъего улкаялъул къанунал ва конституция хвезабурав Къадиров данде кколеб тамихIалде гъоркье цIазе вугин абураб? Информалатазул авторазул цоязул пикруялда, тIоцебе рагIунхъе Путиница Къадировасул цIар рехсон абураб хъачIалин кколел рагIаби хадур руссана гьесул рахъ кквеялъул каламалде, гьеб букIанин эмоциялъул карачелалда гьарурал лъазабийин, унгоги терактал гьаруразул гIагаразда аслияб къагIидаялда лъалеб букIунин гьелъул хIакъалъулъин абун.

Машгьурав журналист ва политолог Алик ГIабдулхIамидовги божулев гьечIо Россиялъул президентас чачаназул нухмалъулесе тамихI гьабизе букIиналда.

Алик ГIабдулхIамидов
Алик ГIабдулхIамидов

Алик ГIабдулхIамидов: «Дир пикруялда гьесде асар гьабиялъул кинал гIаги тадбирал рукIунаро. Пачалихъалъул бетIерас лъазабуна гури, гьесул киналго галаби рукIанин къануналъул гIорхъабаздайин. Гьединаб къагIидаялда гьес иргадулаб нухалда бихьизабулеб бугин ккола дида, жинцаго пачалихъалда билъанхъизабизе ракIалда бугеб политикайин. Гьесго абичIишха цингиги, гьеб лъазаби гьес эмоцияз цIараб хIалалда гьабунин. Гьесул гьединаб лъазаби чачаназул халкъалъеги бокьун букIанин рагIизейин. Гьединлъидал дица рикIкIуна, Къадировас бан кинал гIаги санкцияби рукIунарин».

ГIабдулхIамидовасулалдаго релъарал пикраби загьир гьаруна нижер программаялъе машгьурай адвокат Сапият МахIамадовалъги.

Сапият МахIамадова
Сапият МахIамадова

Сапият МахIамадова: «Дида тIоцебесеб нухалъ гуреб рагIунеб бугеб Къадировасул къануназде кинниги данде кколарел лъазабиял. ТIалъиялъ гьезие кинабгIаги къимат кьечIо. Гьаб нухалдаги абулеб бихьуларищха, гьесие гьедин гуреб абизе бокьун букIарабин.

Дир ботролъе пикруцин бачIунаро, республикаялъул бетIер Къадиров кинаб букIаниги жавабчилъиялде гъоркье цIазе бегьиялъул. Гьесин абуни, битIахъего хвезабулеб буго пачалихъалъул конституцияги къануналги. Гьес рагьараб къагIидаялда ахIулел руго чияр буголъи хвезабиялде. Цогидаб жоялъул бицинчIого, гьебцин буго къануналда рекъон, хъулухъазде балагьичIого чи тамихIалде гъоркье цIай тIалаб гьабулеб статья. ЧIан-къотун абила, гьесие кинабгIаги тамихI гьабуларо».

Президентасуло пресс-конфренциялда хадуб LifeNews-салъе комментариял гьарулаго чачаназул нухмалъулесул пресс-секретарь ГIалви Каримовас лъазабуна, Собчакица абураб кколин бугътан ва жидеца гьелъул лъазаби жаваб кьечIого тезе гьечIин.

ГIальви Каримов: «Рамзан АхIматовичас Конституция хвезабулеб гьечIо, гьес цогидаз гьеб хвезабизеги биччаларо. Рамзан АхIматовичас жавабчилъиялъул хIакъалъул абулеб мехалда, гьес абулеб буго мухIканал гIадамазул жавабчилъиялъул хIакъалъулъ. Гьединаб лъазаби гьабулеб мехалда гьесда кIоларо абизе, гьале гьадинав, додинав чийин. Бицен гьабулеб буго, мухIканал гIадамаз гIагарал рукIиналда бан мухIканал террористазе квербакъи гьабулеб букIиналъул. Къануналда рекъон, гьезда тIадаб букIана низам цIунулезда гьезул хIакъалъулъ лъазабизе. Нижер руго юристал. Нижеца узухъда, республикаялъул бетIерасде гIунтIизарулел бугътаназда релъарал гIайибал жаваб кьечIого толелги рукIинчIо тезеги гьечIо».

Сапият МахIамадовалъул пикруялда, Къадировасул пресс-секретарасул лъазабиялъги тIокIаб нухалда бихьибизабулеб буго, Чачан республикаялъул бетIерасда гIайиб чIезабулареблъи.

МахIамадовалъул пикруялда, Чачаналъ терроризмалде гIахьаллъи бугезул гIагаразе тамихI гьабулеб къагIида цебего хIалтIизабулеб букIана. Гьанже гьелде кIвар буссинабиялъе багьана ккола Къадировас гьединаб лъазаби гьаби, ва гьелда сверун ажиотаж багъари. аммайин абулеб буго юристалъ, гьединал къагIидаби цо-цо нухалъ Дагъистаналдаги хIалтIизарулин.

Сапият МахIамадова: «2014 соналъул байбихьуда рукIана гьадинал хIужжаби. Мисалалъе чIвалев вуго пачалихъалде данде чIарал къокъабазул гIахьалчи. Хадуб гьезул жидерго яги эбел-инсул рукъзал кьвагьаризе байбихьана. Хасавюрталъул мухъалдаги, дида лахъе, кьвагьизаруна боевиказул гIагаразул рукъзал. Цо нухалъни тазият унеб мехалда къватIире рачана чIварасул эбел-эмен ва гьезул рукъ кьвагьизабуна. Гьединаб чанго лъугьа-бахъин букIана. Доб мехалъги киналго тамашалъун рукIана, боевикни чIван вугин, гьесул-эбел-инсул кинаб хурхен бугеб гьес гьабураб такъсиралде абун. Гьелде кинаб гIаги реакция. лъацаниги загьир гьабичIо."

XS
SM
MD
LG