МагъчIваялъе рес

Беслан: 10 сон ун хадуб


Теракталъул хIасилалда къурбаналлъун ккарал Бесланалъул лъимал Борис ва Вера.
Теракталъул хIасилалда къурбаналлъун ккарал Бесланалъул лъимал Борис ва Вера.

2004 Бесланалъул мактабалъул цIалдохъанал гъоркьлъалие росараб мехъалда Надежда Гуриевалъул кIиго лъимер хвана. Гьеб балагьалъ гIемерал гIадамазул гIумру хвезабуна. ГьанжелъагIанги, 10 сон ун хадуб, гIадамазда хIехьезе кIоларо доб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда ккараб пашманлъи.

Жиндирго лъималгун цадахъ Надежда Гуриева егун чIун йикIана мактабалъул спортивияб залалда. АскIоб букIана кьвагьулеб алат. Миллияб ретIел ретIарал гьелъул вас Борис ва яс Вера хIадурал рукIана цIияб цIалул сон кIодо гьабизе. Амма байрамалъе ирга щвечIо.

Борисги Вераги къурбаналлъун ккана. Балагьалъукьа йорчIана гIицIго Надеждал гьитIинай яс Ирина. ГIаммаб къадаралда доб вахIшияб теракталъул хIасилалда 334 чи гIумруялдаса ватIалъана. Гьезда гъорлъ - 186 лъимер.

Надежда Гуриева: «Гьадинаб балагьалъукьа ворчIарав, гьадинаб къо бихьарав чиясда тIадаб буго цIидахъан батизе гIумрудул магIна. ГIумру халат бахъинабизеищ кколеб, ялъуни хабзаздеги ун - живго жинцаго чIвазеищ лъикI? Гьадинал хIужаби рукIана дол къояздаса нахъе.

ГIемерал бихьинал жалго жидецаго чIвана. Гьебги буго бичIулеб жо - гьел гIадамазда кIвечIо гIумрудул цIияб магIна батизе. Дирго хIакъалъулъ абуни - букIинчIо дир рес тIаса бищизе. Щай-щай гурелъул дир цо яс хутIана. Гьей ялагьун йикIана - дун гIодулей йигищ-гьечIищали? ПалхIасил - дие рес щвечIо хIатта гIодизецин».

10 соналъ цебе яргъид гIуцIараз гъоркьлъалие росун рукIана 1100 чи – мугIалимзабиги, лъималги, гьезул улбулги. Гьеб къо бихьаразул гIумру тIубанго хисана гьелдаса нахъе.

Надежда Гуриевалъул рагIабазда рекъон гьадинаб гIазаб-гIакъуба къулчаразул цояз жидерго цIех-рех гьабизе байбихьана, цогидаз музей гIуцIана, лъабабилез гIумру балеб буго хабзазда, гIодулаго ва гIумруялдаса ратIалъарал жидерго лъималазулгун кIалъалаго.

Гуриева Надеждае бана 54 сон. Гьелъ доб пашманаб мактабалда хIалтIулей йиго 36 соналда жаниб. Гьелъул васги ясги чIвана доб заманалда.

Надежда Гуриева: «Гьеб кинабго дир рекIелъ хутIулеб буго. Амма дица къасд гьабулеб буго гьеб бихьизабичIого тезе. Амма гьаб ругъун абадиялъго буго дир рекIелъ бухIулеб».

2004 соналъул 1 сентябралда Бесланалъул мактаб ккураз тIалаб гьабулеб букIана Россиялъул хIукуматалдаса – Чачан республикаялдаса аскариял нахъе рачин. Гурони, кьовид гьарурал щинал жидеца чIвазе ругин абун.

Гъоркьлъалие росарал руцIун чIезари мурадалда яргъид гIуцIараз гъозул беразда цеве цо чи речIчIун чIвана. Хадуб бекана лъим бачунеб рогIоро. Лъабабилеб къоялъ бахъана кутакаб кьвагьи.

Спортзалалда рукIарал гIадамал рихха-хочараб хIалалда реккерун ана къватIирехун. Яргъид гIуцIараз гьезуз мугъзазда кьвагьулаан. КIиабилеб кьвагьи бахъун хадуб тIох гIодобе ккана.

Надежда Гуриева гьелъул хIасилалда лъавудаса ана. Гьелъ абулеб буго рекIеде ячIараб мехалда жиндир яс Верочка хванин. Гьелъул кодоб батун букIанин гьитIинаб хъанч. Доб мехалда гьелъие тIубана 11 сон. Хадуб баянлъана Надеждал вас Борисги гIумруялдаса ватIалъун вугевлъи.

Надежда Гуриева: «Дир тIоцебесеб дарс букIине кколаан дир вас цIалулеб классалда. Дун дарсалде унеб мехалда цо яс дандчIвана. Гьелъ гьикъана "ЯчIанищ, Надежда Ильинична? Боря кив вугев? ВачIинчIищ гьев жеги?" Доб параялъ дагьал гIадамазда гурони, тIокIал лъалеб букIинчIо щив чIваравали, щив чIаго хутIаравали. Гьалеха, доб тIоцебесеб нижер дарсида ниж гIодулел рукIана цадахъ».

Надеждал гьитIинай яс Ирина чIаго хутана. Эбелалъ гьелъие абуна – еккерун аила къватIиехун. Жинда цадахъ ине кIвечIо, Надеждал квер лъукъун букIана.

Цо къеркьохъаназ автоматалъул хъундагъ кьабун, Надеждал цаби рекана, гьелъ лъутизе къасд гьабулеб мехалда. Россиялъул хасаб тIадкъаялъул къукъаялъ гьужум байбихьараб мехалда ахир-къад Надежда хвасарлъана.

Гьале анцIго сон ун хадубги баянлъун гьечIо лъил гIайиб бугебали Бесланалъул балагьалъул гьадинаб бидулаб ахир букIиналъул. Цояз гIайиб гIунтIизабулеб буго яргъид гIуцIаразда, цогидаз абулеб буго гIайибияллъун Россиялъул аскариял ругин.

Надежда Гуриевалъ абулеб буго жиндир рос Станиславие цIакъ бокьилаан унго-унгоял гIайибиял ратун къисас босизе.

Амма гьесда гьеб кIвечIо. Гьес байбихьана гьекъолдизе ва алкоголизмалъул хIасилалда ахIир-къад гIумруялдаса ватIалъанин. Балагьалдаса нахъе кIиго моцI ун хадуб Надежда Гуриева тIад юссана хIалтIуде.

XS
SM
MD
LG