МагъчIваялъе рес

Майданалда биччачIониги гьелъул ракьанда тIобитIараб митинг 


Буйнахъскалда митинг
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:35 0:00

Буйнахъскаялъул полициялъул бетIер

5 февралалда Буйнахъскалда тIобитIана азаргоялдаса цIикIкIун чи гIахьаллъараб митинг

5 февралалда Буйнахъскалда тIобитIана азаргоялдаса цIикIкIун чи гIахьаллъараб гьеб шагьаралъул экс-мэр ва бакIалъул рищиязда бергьараб россиялъул ветераназул партиялъул кандидат ГIусман ГIусмановасул рахъккуразул митинг. АкциячагIаз тIалаб гьабулеб букIана шагьаралъул мэрасул ишал тIуралевлъун тун вугев ГIамиров Закарьяги нахъе вахъун ГIусманов тейин гьесул бакIалдайилан.

Митинг шагьаралъул аслияб майданалда тIобитIизе кколаан, гьениб гьеб гьабизе разилъи кьейилан тIалаб гьабун анцIго къоялъ цебего Буйнахъскалъул администрациялде кагъатги битIун букIун буго гьез. Сонгицин гьеб митинг гьабизе жидее гьукъун букIинчIин, жакъа гьеб къануналде дандекколареб акция бугин лъазабунила жидедайилан бицана митингчагIаз. Радалалдаса нахъе шагьаралъул аслияб майдан рагъулаб техникаялъги, полициялъул хIалтIухъабазги аскариязги сверун ккун букIана. Жидерго чи гурони гьениве цониги чи къазеги толел рукIинчIо гьез. Майданалде рачунел киналго нухалгицин чанго бакIалъан къан рукIана.

Гьедин букIаниги гIадамал майдан сверун ракIарана. Гьениб аскIоб бугеб ахикь тIобитIана митинг, полициялъулгун тунка-гIусиги букIинчIо гьениса халкъ нахъе къотIизейиланги лъугьинчIо гьел, амма гьеб къануналде данде кколареб акция бугила лъугIизабейилан абун зама-заманалдасан митингалда кIалъазе рахъаразде тIаделъизе вачIунев вукIана шагьаралъул полициялъул бутIаялъул нухмалъулев ИсмагIилов ИсмагIил. Кин букIаниги митингалда кIалъазе рукIарал аслиял чагIи кIалъан рахъинчIого гьеб тадбир лъугIизе течIо гьез.

МитинггIуцIаразул цояв жамгIияв хIаракатчи Зайнудинов ГIалибегица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда, гьеб митинг гьабиялъе ругел гIиллабиги, жидерго тIалабалги загьир гьаруна.

Зайнудинов ГIалибег:«Нижее хиянатлъиги гьабун ГIамировасул рахъалде арал депутатал гьеб депутатлъиялдаса рахъейин тIалаб гьабулеб буго нижеца. ГIусманов ГIусманидехун гIадамазул бугеб адабалъ, гьесие гIоло гьаркьалги кьун бергьун рукIана гьел депутатал, гьезин абуни кутакалда хIалихьатаб жо гьабуна тIалъиялъе данде кколарев ГIусмановасул рахъалдаса гьезие данде кколев ГIамировасул рахъалде ин. Гьединго нижеца лъазабулеб буго гьев ГIамиров Закарья къанунги хвезабун тIамун вугин мэрасул ишал тIуралевлъунилан. Нижее къваригIун буго гьеб бакIалда ГIусманов ГIусман вукIине. Киналго нижер гьел тIалабалги загьир гьарун, Буйнахъскалда бугеб захIматаб сиясатияб ахIвал-хIалалъулги бицун Россиялъул президентасухъеги республикаялъул бетIерасухъеги хитIабги гьабуна нижеца. Гьелда тIадеги нижее къваригIун буго гIагараб заманалда тIолгодагъистаналъул халкъалъул мажлис ахIизе. Республикаялда бугеб санагIалъи гьечIеб ахIвал-хIалги, гьеб хисизабиялъе ва демократиягун къанун букIине кколедухъ гьаниб хIалтIиялъе щиб гьабизе кколебали дандбазе къваригIун буго гьеб мажлисалда».

Митингалда гIахьаллъизе цохIо гIолохъаби гурониги, цIикIкIараб гIелалъул гIемерав чиги вукIана. Гьел киназго ГIусманов кутакалда веццулев вукIана, гьев мэрлъун вугеб мехалда гIадин шагьаралда гIадамазе шартIалги, рацIцIалъиги, берцинлъиги букIинчIилан. Гьеб акциялда хIахьаллъарай ГIалиева Хадижатица Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаниде ГIусмановасул рахъккун гьабураб хитIабалда гьадин абуна :

ГIалиева Хадижат
ГIалиева Хадижат

ГIалиева Хадижат: «Халкъалъ жидеего бокьарав чи вищун вуго, нилъер гьаниб конституцияги, къанунги, демократияги бугеб батани нужеца гьабулеб жо щиб? Щай гIадамазе мэрлъун вукIине бокьун бугев ГIусманов ГIусман гьенив толарев. ТIалъиялъ гьанире мэраллъун ритIарал чагIи нижее рихьизецин бокьун гьечIо. ГIела, ниж свакан руго, нижеда чIалгIун буго гьаб кинабго, нижеца вищарав мэрги, гьесул депутаталги те гьел рукIине кколелъур. ГьесгIадин хIалтIи гьаб шагьаралда лъицаниги гьабичIо. Киданиги лъим букIинчIелъубе лъимги бачIинабуна гьес, шагьаралда ругелщинал гIемертIалаял минабазул чваххулел рукIарал, рагьарал тIохалги тIаджоги ккун къачIана гьес. Нижеца бегьулареб жо щибниги тIалаб гьабулеб гьечIо. Гьел тIалабал тIуразегIан ниж нахъеги къазе гьечIо. Нижеца абурав чи течIого батIияв чи гьанив нухмалъуда тани ниж гьесде дандеги рахъине руго, цо гьес малъарабги гьабизе гьечIо. ТIалъиялъ инжит, хIакъир гьаризеги ниж рукIунаро, къанун хвезабизеги тезе гьечIо нижеца».

Митингалъул ахиралда гьеб гIуцIараз лъазабуна гIагараб заманалда жидер тIалабал тIуразаричIони гьединал акциял жидеца жеги чанги тIоритIизе ругин ва шагьаралъул депутатазул мажлисалъул киналго депутаталги нахъе къотIун цIидахъан рищиял тIоритIейилан лъазабизе бугилан.

XS
SM
MD
LG