МагъчIваялъе рес

Хасалилги буго гIураб берцинлъи…


Дагъистаналда тохлъукьего хасалил гIаламатал загьирлъана. МахIачхъалаялъе хасиятал гьурал, рагьлихараб квач, къватI-къватIазда хъудулел гIадамал дагьлъана.

Ахираб къого соналда жанир сверухъ рукIарал гьудулзабиги тIагIинарун бакI- бакIазда хутIарал гъаримал гъутIбуца реххулел руго жеги роол кьер тIаса инчIел ращдал гIурччинал тIанхал. Бокьула дие хасалихълъи. Бокьула хасалихълъиялъулъ цо хасаб хIайранлъиги, берцинлъиги, сихIкъотIиги инсан пикрабазде вачунеб, кинабго жоялъул авал - ахир букIиналда пикру гьабизе тIамулеб гIаламатги букIун.

Хасалихълъи тIаде щварабго уна МахIачхъалаялда букIунеб хIалуцараб, бакIаб, рагьлиххараб гьава, гIетI базабулеб багIари, тIутI ва кIкIара нахъе. Гьеб хисун бачIуна дагьабго квач, роцIцIараб гьава, шагьаралъул ахикь ва ралъдал рагIалда дагьлъула гIадамал. РачIуна гвангъарал, магIарухъ гIадинаб моцIрол канлъи бугел сардал, бецIхъахIилаб зоб ва ва кенчIолел цIваби.

Бищунго кIудияб лазат, хIалхьи ва рахIат букIуна гьел сардазда лъикIаб аудиотIехь, радио, некIсияб магIарул бакъан, гIасрабазул лъугьа-бахъинал ва гIадамал цере рачунеб гьаракь, шигIру, кечI-назмуялъухъ гIенеккизе, ялъуни лъикIав гьудулгун гара-чIварулаго тиризе. Цо-цо мехалда гьеб кинабго гьечIого цохIо мунго ралъдал рагIал чIван, ялъуни хаслихълъиялъул, яги хасалил ахикь тирулаго гIемерал пикраби, арал, хварал, жакъасел гIадамал рачIуна духъе гьоболлъухъ. Гьелгун накъиталда тирулев ватула.

ГIажаибаб асар рекIее гьабула ралъдал рагIалда бугеб ганчIидаги кIусун хасалил сардилъ лъеда тIасан бачIунеб моцIрол канлъиялъ гьабураб нухлухъ валагьизе. Жибго ралъад лъагIалида жаниб цониги къоялъ цебесеб къоялда релълъараб букIунарин абула. ЛъагIалил щибаб къоялъ гьелъул букIунеб рагIула хассаб гIаламат.

Цо къоялъ хъудулеб, кьабгIолеб, добегIансаго жинца рагIал тIезабизе бугеб гIадинги бачIун, ганчIалъги кьабгIон, рагIалде дагьабго гурони лъим бачIунаро. Цогидаб къоялъ рорхатал, кIудиял карачалаби рачIуна рагIалде гьаругьинан хъуй гьечIого ва гIамал кIодого, «гьале ниж» абурал гIадин рагIалда бугеб салуде гIемераб лъимги реххун сихI тун нахъе уна.

Лъабабилеб къо букIуна ралъад «тIегьалеб», сверухъ кинабго хъахIлъун, гьеб лъим жаниб сверулеб, хисулеб къо бугин абула. РукIуна къоял ралъад чIараб, тIаде балагьун хIалица гурони гьеб багъарулеблъи халлъулареб, лъел гьумер букIуна цIер гIадин кенчIолеб. Гьелъул валагьун ракIалде рачIуна А.Пушкинил «Мазгарул рекIарав» поэмаялдаса Петербургалде ва Нева гIоралде хъварал мухъал:

«…Дур хъахIал сардазул моцI гьечIеб цIваки

Гъорлъан ур бихьулеб бахьинаб канлъи…»

Нусго гьаракь, азарго кьер, рикIкIен тун гIемерал гIаламатал тIабигIаталъул. Ихдаде борчIун, риидал тIегьан, хаслихъе бечIан, хасало тIубанго гъенон ва тIагIун. Чан хIикмат бугеб ТIадегIанав Аллагьас инсан кантIизе нилъее кьун, пайда щиб, бихьулеб дагь буго, бичIчIулеб ва хадур гъолеб жо гьезего гьечIин абизе бегьула.

МахIачхъалаялда жакъа тохлъукьего квачана, хасалихълъиялъул гIаламатал загьирлъана, хадубго цун хасел букIинги бичIчIизабуна. Гьеб хасел цебехунги бачIун букIана, хадусел соназдаги бачIинчIого чIелеб батиларо, щайха дица жакъа алъул бицунеб бугеб? Щай гурелъул жакъа технологиязул, интернеталъул, гаджетазул ва социалиял гьиназул гъоркьлъалида бугеб гIаламалда бихьулеб гьечIо тIабигIат, гIадан, гIумру ва Аллагьасул хIалкIолъаби.

Руго гIадамал санаца мониторалъул экраназда бихьун гурони хасалихълъи бихьичIел, ахикь тиризе рахъичIел, ралъдал карачелахъ ралагьичIел, хIанчIазул бакънахъ гIенеккичIел, жидер мадугьал, эбел-эмен, яцал вацалгун чIагояб гьаркьидалъун кIалъачIел.

Телефоналъул смайликалдалъун гьимулел, сообщения битIун байрам баркулел, вотсапалдаса гьава-бакъалъул ва гIумруялъул цоцаде бицунел. Гьеб халкъалда абулеб буго Дагъистаналде хасалихълъи бачIун бугин, зоб кьерххун бугин, ракь цIорон бугин, цо-цо гьел щайтIан ящиказдаса ва телефоназдасаги тIун тIабигIаталъул ва дунялъул хал гьабеян.

Дие цIакъ бокьула хасалихълъи, гьелда хадубго цун хасел бачIунеб букIиналъ. Гьеб квачалулъулъ, халатал сардазулъ ва дие гIагарал, аскIосел гIадамазулгун накъиталъулъ бугеб хинлъи дие цониги рииялъ бачIинчIо гIумруялда. Кин доб букIараб поэтасул?

…Дидени гьеб гIазу некIого бана,

РакIалда хутIана хирияб гIадра.

Амма дун кидаго квачан цIорочIо,

Дур ракIалъул хинлъи хутIана дунгун.

Рахчуге, хирияй, гьел хъахIал расал,

Хасалилги буго гIураб берцинлъи…

Заман щвечIищ цо дунялалъул берцинлъиялъул хал гьабизе, зобгун ракьалъухъ ралагьизе, цоазухъеги раккун накъиталда гIодор чIезе?

--------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG