МагъчIваялъе рес

Пачалихъияв хъулухъчиясул яхта букIин буссинабизе бегьула балъголъиялде


Россиялъул Федералияб хасаб хъулухъалъ чIахIиял минабазул, самолетазул ва яхтабазул бетIергьабазда хурхараб информация балъгояблъун рикIкIине бихьизабураб къануналъул проекталъул рахъ кколеб буго тIалъиялда. Къанун къабул гьабунани, гьединаб информация лъазе рес щвезе буго гIицIго «пачалихъалъул компетенция бугел идарабазе».

Федералияб хасаб хъулухъалъ Россиялъул тIалъиялда цебе босараб буголъиялъул, яхтабазул, аэропланазул бетIергьабазда хурхараб информациялъул балъголъи гьабизе къварагIел бихьизабулеб къануналъул проекталъул рахъ ккунин къануналъул проектазул рахъалъ бугеб тIалъиялъул комиссиялъ, хадубккун къануналъул проекталъул халгьаби тIобитизе бугила тIалъиялъул данделъиялда ва Пачалихъияб думаялдайилан лъазабулеб буго РБКялъ.

ГьабсагIаталда Цогояб пачалихъияб реестралда бетIергьанлъиялъул ихтиярал бокьарав чияс хал гьабизе рес бугила, гьедин, кинав чиясул кинаб буголъи бугеб, кинаб мал-мулк гьесул бетIергьанлъиялда бугебали хал гьабизе рес бугила такъсириял къасдал ругел чагIазги, гьеб гуребги, гьел баянал коммерциялъул къасдазда ракIаризе ва хIалтIизаризе рес бугила.

Гьеб къануналъул проекталда рекъон, гьеб информация хIалтIизабиялъул изну букIине кколеб буго «пачалихъалъул компетенция бугел идарабазул». ЖамгIиял хIаракатчагIазе рес букIине гьечIин гьелдаса пайда босизеян, хъвалеб буго сурсаталъ.

Федералияб хасаб хъулухъалъул гьеб инициативаялда хурхун жиндирго пикру загьир гьабулаго, жамгIияв хIаракатчи Къадуев Расулица кIвар буссинабуна гьеб цо рахъалъ гIадамал такъсириял хиялаздаса цIунизе ва цогидаб рахъалъ хIакимчагIазул буголъи бахчизе рес кьолеб къануналъул проект букIиналде. Къануналдаса пайда кин лъица босилебали баккулила суал.

Къадиев Расул: «Гьеб къанун дида релълъун бихьула нусалда. Богорокъоб нус хIалтIизабун гьабула квен, амма гьебго нусалъ чи чIварал лъугьа-бахъиналги рукIуна. Нилъ руго къараб жамгIияталда, рагьараб жамгIият ккола рукъалда сверун къадал ралареб жамгIият, амма жакъа киназго кинабго бахчулеб буго, гьединлъидал гьеб къанун хIажатаб бугилан абизе бегьула. Амма цогидаб рахъалъ щай гьеб къануналъул проект цебе босараб Федералияб хасаб хъулухъалъали бачIунеб буго суал».

ТIалъиялъ риччарал къанунал, хасго гьединал къанунал, гIадатал гIадамазул пайдаялъе рахъуларин рикIкIунеб буго журналист Светлана Анохиналъ. Гьеб къануналъул проект бахъараб бугин кверщел кодосезул интересал цIуниялъейин баян гьабуна гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Светлана Анохина: « Дун кидаго божуларо тIасан риччарал къанунал, хасго гьеб тайпаялъул, гIадатиял гIадамазе пайдаялъе риччарал ругилан абураб жоялда. Щиб бугеб бахчизе гIадатиял гIадамазул, ретIараб ретIелищ? Цогидаб суал буго информалатазда ахIи бахъарал хIакимчагIазул буголъи, гьеб къватIибчIвазабичIого букIиналъе ва гIадамазул хIакимчагIаздехун божилъи хун, рокьукълъи цIикIкIинчIого букIиналъе бахъулеб буго гьеб къанун. Биун ун тагIунеб бугеб пенсиялда божун ругел гIадамазул хIакимчагIаздехун рокьукълъи цIикIкIинчIого букIине бахъулеб бугеб жо буго гьеб».

Журналисталъ ракIалде щвезаруна церегIан Россиялъул президентасул пресс-секретарасда сверухъ бахъун букIараб ахIи.

ЖамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас баян гьабуна жакъа лъагIан хIакимчагIазул тIомалъул бицалъи гIолеб букIанин бугеб бечелъи бихьизабун гьелдаса чIухIизе, амма жакъа, тIолго дунялдада ва улкаялда бугеб ахIвал-хIал хIисабалде босун, гьеб бахчизе ракIалде ккун бугила гьезда.

ГIабдурашид СагIидов: «Гьеб суал унтараб, гIузруяб суал букIин некIогоялдаса лъала, амма хIакичагIазе жакъалъагIан тIомалъул бицалъи гIолеб букIана гьеб бади-бадибе ккезабун бихьизабизе ва цIикIкIинабизе. Амма жакъа дунялада бугеб ахIвал-хIал ва улкаялда бугеб экономикиябгун социалияб хIал хIисабалде босун, гьеб буголъи бахчизе хIукму ккун буго гьезул. Пачалихъалъ хIалалаб бечелъи бугони, гьеб бахчизабизе кколаро, амма пачалихъалъ тIадрекъон гьеб бахчизабунани, гьелъул магIна ккола пачалихъалъги цадахъ бикъулеб бугилан абулеб жо. ГьитIинаб къоялдаса нахъе чияс бикъараб жо, квешаб жо бахчула, гьеб буго рефлекс. Гьеб рефлекс хIалтIанин ккола гьанже гьезул. Пачалихъалъ гьеб къанун къабул гьабунани, гьеб ккола пачалихъги гьезда рекъон цIогьодулеб бугин абулеб жо».

ТIоцебесеб иргалда гьеб къанун къабул гьабунани, гьеб пайдаяб бугин Федералияб хасаб хъулухъалъейилан абулеб буго журналист МухIамад МухIамадовас. Сверухъ медицина, лъай кьей ва цогидал социалиял сферабазда гIарац гIоларогон бугеб заманаялъ, цо хIакимасул кинабалиго яхта, цогидав хIакимасул чанго гектаралда бугеб кIалгIа бугилан харбал раккидал, жамгIияталъул рижулила суалал.

МухIамад МухIамадов: «Медицинаялда, лъай кьеялда жаниб гIунгутIаби гIемераб, финансазул кризис бугеб улкаялда, цо росулъ, магIишат цебеIеялъе кредит щвезе кIоларогон чи вугеб жамгIияталда раккулел руго харбал, цо хIакимкасул яхта цогидав хIакимчияасулалдаса халатаб бугилан, яги цо кинавалиго хIакичиясул чанго гектаралда бугеб кIалгIа бугилан.

Гьеб тайпаялъул къануналъул проект бижиялъул ва гьеб хадубккун къабул гьабиялъул магIна буго жамгIият гьединаб информациялдаса цIунунлеб бугилан абулеб. Яги масла гьеб яхтаялда хIухьбахъулев вукIун ватизе бегьула гьебго Федералияб хасаб хъулухъалъул цо хIакимчи».

Гьанибго абизе ккола, Коррупциялда данде къеркьолеб фондалъул нухмалъулев Роман Рубановас лъазабухъе, Федералияб хасаб хъулухъалъ гьеб инициатива кьей хурхараб батизе рес бугила гьеб идараялъул цеве вукIарав нухмалъулев Николай Патрушевасул 1 млрд. гъурщидаса цIикIкIараб багьаялде бугеб мина тIатинабун букIин.

XS
SM
MD
LG