МагъчIваялъе рес

«Гьурра» - гун багъулеб «Аллагьу акбар!!!»


1993 абилеб соналъ Россиялъул телевидениялдаса щибаб къоялъ гIадин Чачан республикаги, Джавгьар Дудаевги, гьенир чалмабиги къан чуяздаги рекIун гьарулел демонстрациял, бачунеб зикру, кьвагьулел тункIал рихьизариялъул магIна бичIчIулеб букIинчIо.

Цо рахъалдаса сепаратизм, Москваялъул централияб власть хIаларин абулел дол рихьизарун, цогидаб рахъалдаса гьениб гIадлу гьабизе кколин къуваталъулал ритIун, политикал ритIун, гара-чIвариял гьарун, ричIчIуларел хIаял гьарулел рукIана. Гьоркьоса къотIичIого кьолел рукIана цIиял харбал Чачан республикаялъ гьарурал такъсиразул, чIварал гIадамазул, гъоркьлъалие росарал чагIазул, хъамал гьарурал поездазул.

Иргадулал цIиял харбазухъ ралагьун рукIана. Рихьизаруна дора чIварал къватIир улкабаздаса журналистазул лъаларо, ихтиярал цIунулел чагIазул лъаларо къотIарал бутIрул. Гьезухъги балагьун инсуца абуна, гIурусаз рагъ гьабизе буго Чачаналъ абун, гьеб кинабго жо гьоркьоса къотIичIого бихьизабулеб буго гьез рагъ гьабичIого доба батIияб нух хутIун гьечIин абураб жо гIадамазухъе щвезабизе. ЖамгIият хIадур гьабулеб буго рагъуде. Гьелде унеб буго ишин абуна инсуца.

Гьедин ккезеги ккана. Чачан республика ккана дол соназда Россиялъул властазда тIад кверщел ва асар бугел кремлежуликазул бидулаб политикаялъул къурбанлъун. КIиябго рахъалдаса гIемерал биялги, лъилъуларел ругъналги, миллиардазул заралги гьабуна гьеб политикаялъ. Гьединал рукIуна гIаламатал кIудияб балагь, биял тIей, рагъ-кьал хIадурлъилелде цебе. Дунялалда цониги рагъ байбихьичIо гьеб байбихьилелде цебе халкъалъул бетIер сверизабичIого.

Кинха гьабилеб, халкълъидал гъуризе кколеб халкъалъе гIоло. Нилъеда бихьанагури Крым Россиягун цолъизабунин халкъалъул букIараб гIурхъи гьечIеб роххел. ТIаде Донбасс ва тIубанго Бакъбаккул Украина кидайин кверде босизе бугеб абун балагьун букIана гIалам. Гьелъул хIасил жакъа нилъеда бихьулеб буго. ТIубараб цебе тIураб дунялалъулгун хварал гьоркьорлъабиги, гIадада гIодор тIурал биялги, гьанжелъагIан хвараб ва гьанжеялдаса хвезе ругел миллиардалги.

Украина нилъер «кверщалида гъоркь» букIиналъул жазмуялдаса Россия бигьиналде Москваялъ ва нилъер миллияв цевехъан В.Путиница валагьана цойги Роосиялъул тушман – Сирия ва Асадил оппозициягун ИГИЛ. Ахирал къоязда щибаб данделъиялда рагIулеб жо буго цохIо: «Бихьанищ цо Россиялъ Сириялда лъураб кьаби?». Щиб гьелда нахъа бугеб, кинал рукIинел хIасилал гьел аваиакьабиязул, бергьизе бугищ гьеб рагъул хIасилалда Россия абураб суалалда тIад ургъулев чи дагь вуго. Аслияб жо рагIула кьаби щвезаби.

Жакъа финансовияб кризисги, хъегIулеб экономикаги, къо бахъанагIан бортулеб нартил багьаби, цохIо нартида бухьараб милияб валютаги бугеб Россиялъе хIажат букIанищ гьеб Сирияги, зодоса гIодоре ралел миллиардалги абураб суал лъолел чагIи дагь руго. «Нилъераз кьаби щвезабунин» ахIдолеб къапила гIемер буго. Гьебго роххел букIана туманкI кьвагьичIого Афгъаназда Аминил гьундул росарабго, «нилъераз гьабун тараб жо» абун.

ХIасил анцIго сонил рагъги, анцI-анцI миллиардаз гIарацги, 15 азарго гIолохъанчиясул жаназаги, жеги чамалиго анцI-анцI азараз инвалидалги, ахиралда гьел камиялгун аскар нахъе бачана. Гьебго ахIмакъаб гьурра букIана Чачаналде бомбаби ралеб мехалда, хIасил щиб ккарабали ракIалде щвезабизе ккеларо.

Бокьилаан Шамалде гьабулеб гьужум гьебго нухдаса ккунгутIизе. Улкаялъул гIадамалги, сурсатги цIунараблъун, заманаялъ кIиябго рахъалдаса бутIрул кантIараблъун лъугьине. Жакъа Россиялъул президент В.Путин гьавураб къо рагIула.

Вихьизе гьайбатав, чIагояв, физическияб ва гIакълияб рахъалъ сахав, роцIцIараб бетIералъул, гIакъилаб каламалъул чи вуго. Бокьилаан гьеб кинабго жаниб Россиялдаги къватIиб дунялалъеги рекъелгун парахалъиялъе ва талихIаб гIумруялде гIалам бачунеб нухда хIалтIизе.

Сириялде ралел бомбабазул рахъалъ пикраби батIи-батIиял руго – ахIмакъаб гьурраялдаса бахъараб битIизабизе рес гьечIеб гъалатI бугин чIезабиялде щун. Лъидехун ва кире рехханиги лъикIал жал ратуларо гьел бомбаби. Хабар лъикIаб рагIайги!

-------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG