МагъчIваялъе рес

«Щай Дагъистаналда чи цеве ккейгун…»


Ахираб заманалда бищунго жамгIияталъ кIвар буссинабулел цIиял харбаллъун Дагъистаналда лъугьана хъулухъаздаса гIадамал рахъи, хиси, гъоркье яги тIаде рачин, ай ХъахIаб рукъалъул кадровияб политика.

Церехун, МухIамадгIалидаса рахъарал хутIарал бутIрузде щун, анцI-анцI сонаца цо росдал бегавулцин хисулароан тIадчагIаз. Пуланаб колохъ, яги районалда цо чияс власть босани гьеб букIана гьесул давла, тIад калам гьабизе бакI гьечIеб. Гьеб хъулухъ гьес жиндир васасухъе, вацасухъе, яги цойги гIагарав чиясухъе кьолаан. ХIатта жив тараб хъулухъ цойги чиясе бичаралги рукIана хIужаби. ХъахIаб рокъор ругез гуро, хъулухъазда вугес бичараб. Ракьул участок, автомашина, гурде-тIажу, тIанса-салмаг бичараб гIадин хъулухъ бичараб. Цо районалъул бетIерлъун унес абулеб букIун буго «людям тоже надо кушать…» абун, дандияс абулеб бугила «это же мой хлеб, ты куда лезишь?» абун.

ГIадамазда ва хIукуматалда гьикъулеб жого букIинчIо. Гьеб хIалалда букIана жамгIияталъул бичIчIи хъулухъазда хурхун.

ВачIун ГIабдулатIиповас гъоркьияб тIаде, тIасияб гъоркье тIамун тана. Чи хъулухъалдаса вахъи асие лъугьана цо чинхъи гIадаб жо. Цоязда хадур цойги указал, хисулел, рахъулел, туснахъ гьарулел, ятабалъ унел, бада-гъудур гьабун тана, анцI-анцI сонаца букIараб кадровияб политикаялъе ва гIадатазе ахир лъуна. Гьеб лъикIищ квешищ абун гьикъани тIубанго лъикI бугин абизе кIоларо.

Доб цебе букIараб ирсалъе хъулухъал кьеялдаса лъикI. Амма кадровияб политика гьабулаго лъикI букIинаан цониги хъулухъалда толев чи кигIан мустахIикъав вугевали бихьизабулеб роцен, норма, къагIида, правилаби, шартIал ругони. Гурони тIаде балагьун лъикIав гIадав чи вуго, къапарав вас вуго, лъалев чиясул лъалев чи вуго, цойги щивха тIамилев дова, пуланаб миллаталъул вукIиналъ, данде кколеб районалдаса вукIиналъ толев вугин абурал критериял рекъон рихьуларо жакъа хъулухъалда чи толаго.

Гьел хIисабаца тарал рукIиналъ хисизеги кколел руго гьел чанго моцIидаса. Бокьараб къоялъ вахъизе рес бугин абун ракIалде ккарав чияс байбихьулеб буго «гIор щун букIаго цIул бахъизе», дагьаб заманалда жаниб гIемераб жо бикъизе. Гьелъги хIажат руго хасал шартIал рукIине хъулухъалда гIадамал толаго. Масала, кинго бичIчIизе кIоларо щиб хIисабалде босун хъулухъалде ккарав Избербаш шагьаралъул бетIерлъун ГIабдулмажид Сулейманов абурав чи? ГIадамаца абила, гьевни МухIамад Сулеймановасул (Морякил) вац вугин, гьелъ тун ватилин.

Живго Моряк лъил вац вукIунха тарав? Гьаб суалалъе нилъее жаваб гьечIо, гьел хIикматал гIадамал цо хъулухъалдаса цойги хъулухъалде гочиналъе ругел шартIалги нилъеда лъаларо. Гьаб сагIаталда хабар баккана гьеб шагьаралъул бетIерлъун «Родина» партиялъул цевехъан, цеве Дагъавтодоралда нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадрасул ГIумаров абурав чи унев вугила. ЦIакъ санагIат гьечIеб тIокIцIар бугев чиги вугоан гьев, нухмалъулев цIакъав ватизеги рес буго. Амма кинго бичIуларо щиб хIисабалъ гьев толев вугевали.

Крутояз рагъ гьабулел 90 абилел соналги гьал гуро. Россияги гьаниб щулалъун буго, хIажаталъуб авиацияги бачIунеб буго. Амма кигIан гьеб щулалъаниги политикияб колодаялда цохIого чагIи руго цо хъулухъалдаса цогидалде гочунел. Гьаб сагIаталда гьоркьоса къотIичIого бахIсал унел руго МахIачхъалаялъул мэрасул тахбакIалда сверухъ. Цо-цо мухIкан гьаричIел баяназла рекъон гьениве къачIан рагIула премьер ГIабдусамад ХIамидов. ЛъикIав чи ватила, хIалбихьи бугев чиги ватила, кинабгIаги хIасил ахираб къого соналъ гьезул иш лъаялъул ва хIалбихьиялъул нилъеда бихьулеб гьечIониги, щиб гIиллаялъ гьев мэрлъун тезе кколев абураб суалалъе гьечIо жаваб.

ЛъикIав чи ватани премьерлъиялдаса щай унев, квешав ватани асухъе миллион халкъ бугеб шагьар щай кьолеб? Нилъер улкаялда ва республикаялда жеги лъугьун гьечIо щвалде щвараб нухмалъиги, нухмалъуда лъикIал менеджерал, аналитикал, финансистал ва экономистал рачунеб къагIидаги. Гьеб гьечIебгIан заманаялъ къойил къоцIул хъулухъалдаса гIадамал рахъаниги Дагъистан хутIизе буго империялъул бищунго язихъаб ва нахъе ккараб рагIаллъун. Хасал тухумаз гурони нухмалъи гьабизе бегьуларин абураб принцип буго гьоркьохъел гIасрабазул къагIида. Кинаб церетIеялъул бицунеб гьелдаса хадуб?

Избербашалда МухIамадрасул ГIумаровги, Южносухокумскиялда Эсенбулат МухIамадовги, МахIачхъалаялда ХIамидовасдаса яги Сулеймановасдаса лъикIалги, лъай бугел ва рацIцIадалги (гIарац бокьуларел) нухмалъулел ратизе кIоларин абураб жоялда щивха божилев жакъа? Гьел данде ккечIони гьезул вацал, яги васал рачIуна, гьеб унтудаса тIбуанго хвасарлъизе кIвечIо Дагъистан. Кин доб букIараб аб хIалалъ нилъеца кIодо гьавулев Расул ХIамзатовасул? «Щай Дагъистаналда чи цеве ккейгун, цадахъ гIагарлъиго гIакъил лъугьунеб?» - ин гурищ?

ХутIараб ункъго шагьар: Хасавюрт, Буйнакск, Дагъогни ва Дербент жеги бутIрул гьечIого хутIун руго, политикиял суалал роцIцIинчIолъиялда ва бутIрул рищулел къагIидаби щвалде щварал гьечIолъиялда бан. Щал гьенире рачIинел? Суал хутIулеб буго рагьараблъун. Хабар лъикIаб рагIайги.

-------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG