МагъчIваялъе рес

Гьоориб ХIажи МухIамадовасул цIаралда фольклорияб фестиваль тIобитIана


АрбагI къоялъ Шамиль мухъалъул Гьоориб тIоцебе тIобитIана гьеб росулъа цIар арав кьурдухъан ва хореограф ХIажи МухIамадовасул цIаралда бугеб фольклорияб фестиваль.

Гьоориб росу буго гIемер цIар рагIарал кочIохъабиги, кьурдухъабиги, музыканталги рахъараб росу. Шамиль мухъалъул гIадамаз махсародай гIадин абулеб бугон гьезда кIиго чияс хъатчIваниги гIолила гьаадерие кьурдизе рахъинейилан.

Гьеб фестивалалдеги бищун гIисиназдаса бахъараб бищун цIикIкIаразде щвезегIан киналго гьаал рачIун рукIанин абизе бегьула. Фестивалалда гIахьаллъизеги мадугьалихъ ругел Хунзахъ, Гъуниб,Хьаргаби мухъалдаса искусствоялъул хIалтIухъаби гурониги ГIахьвахъа бахъараб Хасавюрт мухъалде щвезегIан артисталги рачIун рукIана.

Щивас бихьизабуна гьениб умумузул кьурди-хъатги, кечI-бакъанги. Дандеруссиналъе хасаб берцинлъи кьуна гьаадерил чIахIиял руччабазул церерахъиназги, гьединго лъималазул ахикьа гьитIичазул гьунар бихьизабиялъги.

Гьадин ахIулеб букIана гьаадерил руччабаз:

Гьеб фестивалалда цере рахъунелщиназ киназго ракIалде щвезавулев вукIана гьев гьоориса цIар арав кьурдухъан, жиндир цIаралда фестиваль гьабулев вугев ХIажи МухIамадов. Щивав кьурдухъанас босизе бегьулила гьесдаса мисалилан абулеб букIана гIадамаз.

Мунагьал чураяв ХIажил хIакъалъулъ батIи-батIиял баянал рицунел рукIана фестивалалда кIалъазе рахъараз, амма гьезул киназулго букIана гьев кутакалда гьунар бугев чи вукIанин абураб гIаммаб пикру.

Кинав чи унголъунги ХIажи МухIамадов вукIаравали ракIалде щвезабуна «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда гьитIинаб къоялдаса нахъего гьесул вукIарав гьудул ХIажиев ХIажица.

ХIажи ХIажиев: «ХIажица Шамиль мухъалъул щибаб росулъеги хьвадун, бертабалъе ун лъазаруна гьезул кьурдаби. Нижер мухъалъул щибаб росдал букIуна жидерго хасаб кьурдиги, хIетIебосиги буго. Гьелги ралагьун моцIида жаниб 14 кьурди лъуна гьес.

Гьезда гьоркьор рукIана гьанхъадерил, гIесдерил, къелдерил, къехIдерил, селдерил, гьаадерил, рохьосеб, дандираб, тIогьол майдан кьурдаби. Чачаназул, азербайджаназулги цойгидал кьурдабиги рикIкIинчIого цохIо нижерго мухъалъул гьебщинаб кьурди лъуна гьес цо моцIида жаниб.

Гьел кьурдабиги росун МахIачхъалаялде хIисабалъул концерт кьезе араб мехалда, гьелъухъ балагьизе бокьаразул гIемерлъиялъ, киназего тIоцебесеб къоялъ бакI гIечIолъиялъ кIиабилеб къоялъги кьезе ккана нижеца концерт. I980 абилеб соналъ искусствоялъул школа рагьана Шамиль мухъалда.

Гьенирги цадахъ хIалтIана ниж. Гьеб заманалдаги Россиялдаго бищун лъикIал искусствоялъул школазда гьоркьоб букIана нижер школа. Киса-кибего ун букIана гьелъул цIар, хас гьабун кIвар бугел, хIукуматалъулал тадбираздегицин концертал кьезе ахIулаан ниж».

Гьеб фестиваль гIуцIараб Шамиль мухъалъул администрациялъги, гьаадерил жамагIаталъги абулеб буго гьеб тадбир, дагьалги цIикIкIун гьалбалги гIахьалчагIиги ахIун щибаб санайил тIобитIизе ракIалда бугин жидедайилан.

XS
SM
MD
LG