МагъчIваялъе рес

«ГIедегIун кIетIана дур рекIел сагIат…»


Адалло ГIалиев "Миллат" газетаялъул редакциялда
Адалло ГIалиев "Миллат" газетаялъул редакциялда

Ахираб кIиго сон аваразул адабияталъе кIудиял камиял ккарал соналлъун рикIкIине бегьула. Нилъедаса ватIалъана Дагъистаналъул халкъияв поэт, авар адабияталъул тарихалда бищунго лъикIав драматург ГIабасил МухIамад. Нилъедаса ватIалъана хIикматаб гьунаралъул, бегIераб пикруялъул, пасихIаб мацIалъул, лъиданиги релълъинчIев хъвадарухъан ва публицист ГъазимухIамад ГъалбацIов.

Нилъедаса ватIалъана лъикIав шагIир ва гIакъилав инсан МухIамад Хириясулаев. Нилъедаса ватIалъана чIаго вукIаго къимат кьечIев, гьалдолеб ракIалъул, пасихIаб мацIалъул, хIикматаб гьунаралъул шагIир ЖабрагIил ХIасанов. Гьел камияз бестIаллъараб аваразул адабияталъе ва шигIру – кечIалъе цIияб ва лъицаниги хисизе гьечIеб камилъун ккана Адалло ГIалиев нилъедаса ватIалъи.

Адалло ГIалиев вокьизеги бегьила, рихаралги камун рукIун ратиларо, амма лъилниги щаклъи гьечIеб ва киналго мукIураб хIужа буго гьев Аллагьас кIудияб гьунар кьурав шагIир вукIин. ГIурусазул классикас абураб «ШагIирасул карьера букIунаро, шагIирасул къисмат букIуна» абураб калам тIубанго данде ккола Адаллое.

Гьесул къисматги, шигIруги, гIамалги, хьвада-чIвадиги кинабго букIана шагIирасул. Адалло ГIалиевасулгун лъай-хъвай ккана гьес Расул ХIамзатовасе критика гьабун кьураб интервьюялъе дица «ГIиссинал пикраби гIиссиназе те» абураб жаваб газеталда бахъун хадуб.

Гьеб макъала хъвазегIан ниж цоцада лъалароан. Ругел бачIана Адаллоца жиндихъе ахIулев вугин. Дида гьев ватана ветераназул госпиталалда цохIо живго вугеб палатаялда столалда рагьун дир макъала бугеб газетаги цебе лъун.

- Дица тамашалъи гьабуна цохIо жоялъул… - ин байбихьана Адаллоца дидехун, цевего лъалев вукIарав чиясдехун гIадин. Гьаб дие критика гьабураб макъалаялъулъ дуца мисалалъе рачун буго дир батIи-батIияб заманалда хъвараб анлъго кочIодаса мухъал.

Мун вихьула лъикI дир творчество лъалев чи, гьеб къанагIатаб жо буго нилъер заманалда ракIалдаса поэзия лъалев чи вати. Бихьулеб буго дуца гьал тIахьазулъ хъирщадун рачарал мухъал гьечIеллъи.

ГIажаиблъи гьабизе бачIуна, гьеб хIалалъ гIадамалги, хъвай-хъвагIайги бичIчIулев чи, кин мун ккарав Расул ХIамзатовасул гудракье. Дуда бичIчIунгутIизе рес гьечIо гьев щив чи вукIаравали. Бер къачIого бокьарал жал хъвалев чиги вихьула, щай дуца гьеб Расулица адабияталде тIураб загьру бахчулеб? – ин байбихьана Адаллоца.

Дица абуна дида гьесул гIумруялъулъ рукIарал ишал лъаларин, гьес хъвараб жо гурони. Гьеб бугин дие аслияб хазина. Гьедин босани Лермонтовги хIалихьат вукIанин хъвалеб буго, Пушкин налъабалъги тIерхьун, гIадамазе кколеб гIарацги тун кагътал хIан къоял чIвалеб хIара букIанин абула, ХъахIабросулъа МахIмудги муъминчи вукIинчIин рагIана. Дие гьеб щай цIалдолев хIисабалда, дица къимат кьола асаразе. ХутIарал жал руго гьездагун Аллагьасда гьоркьор ругел суалал.

КIиго сагIаталъ халат бахъараб гара-чIвари ва бахIсалдаса хадув госпитаталъул медсестраялъ дун къватIиве тIовитIана. Гьелдаса хадув дунги Адаллоги лъугьана лъикIал гьудулзабилъун, анкьида жанив лъабго-ункъго нухалъниги кIалъалаан.

ГIемер щвана ралъдахъе балагьараб Синявиналда бугеб гьесул рокъовеги. ЦIакъ лъикIай, рекIелъ босулеб, сабураб гIамалалъул гIодой йиччарай чIужуги йиго гьесул Хадижат абун. Дие бокьана гьесул рокъо бугеб ахIвал-хIал, гьениб букIана унго-унгояб магIаруллъи – гIадатги, динги, тарбияги, рукъалъул хважаинасул властги жаниб бугеб.

Гьеб къанагIат букIуна шагьаралда, нилъер заманалъул «цере тIурал» хъизимазул рукъзабахъ. Бихьинал щал, цIуял щал лъалареб ахIвал-хIал букIуна цо-цоязул. РукIана нижер гIемерал бахIсалги дагIбаялги. Пикрабиги кидаго гуро данде кколел рукIарал, амма цоцазухъ урхъулаан ва рихьизе бокьулаан.

ЦIияб жо хъварабго цIализе ахIулаан дос дун. Дица гьесие «Миллат» газеталдаги «Дагъистан» журналалдаги эркенго бакIги кьолеб букIана. Гьеб сабаблъун цо-цо жидер къалаздаса рикIкIаде дунял бихьулареб жагьилаб къапилаялъ гIезегIан гъегъги бана диде ва газеталде, вагьабиязул басма бугин тIокIцIарал лъун.

Амма цо гара-чIвариялъулъ нахъойги Расулида тенкон ватун дица редакторасул колонкаялда цIалдолезда тIаса лъугьаян гьарана Адаллол макъалаялъухъ ва гьес хъвараб хIакъикъаталда данде кколарин баян кьуна.

Гьеб кьечIого ресги букIинчIо. ТIоцебесеб иргаялда Адаллоца гьеб темаялъулъ дагьабго зани бегун букIана, кIиабизе – дида рекъон букIинчIо Расул чIагояб мехалъ гьесул ва хъизамалъул гьудуллъунги вукIун, гьесде гъегъ балеб жо журналалдаса биччазе.

Гьеб букIана гIаданлъиялъул нухдаса тарараб гIадаб жо. Гьеб макъала сабаблъун барщана Адалло дунгун. ХIасил калам, ниж Расулица «дандеги рачана» ва Расулица «ратIаги гьаруна». Амма дица киданиги гьев какичIо ва гьесул шигIрияб гьунаралде щаклъиги загьир гьабичIо. Гьев вукIана жиндиего хасиятаб гIамалалъул, кIудияб гьунаралъул, гIураб бихьинчилъиялъул инсанги, шагIирги. Гьеб буго щаклъизе бакIго гьечIел рахъал.

Адалло батIи-батIияв вукIана гIумруялъулъ, амма гIаданиб нах бугев чиясда бичIчIизе ккола гьев ватIан бокьулев чи вукIаравлъи. Жибго гьеб ватIан жиндирго къагIидаялъ бихьи, бичIчIи ва гьелде бугеб асар хутIараздаса батIаго загьир гьабун гурони.

Гьесул асарал гIемерисел лъугьана халкъияллъун. Къоабилеб гIасруялда гьесдаса лъикIав лирик вукIинчIо аваразул поэзиялдаян абизе бегьула. Миллияб кьучI, ватIан бокьи, бахIарчилъиги гIураб букIана гьесул, гьеб анцI-анцI асаразулъ загьирги гьабуна, гьелде ахIана гьес аваразул цIалдолелги:

«ГIагараб, Дагъистан, дур жан, лебаллъи,

Инсанасулъ бечIан, чIван буго дир ракI.

Ва дур чIухIиялъул хIуби букъулеб

ХIапароялъ вуго дунги кваналев…»

- ян хъвана гьес кочIолъ. Адалло вукIана миллат бахIарчилъиялде ва милияб аслуялде ахIулев шагIирлъун. Гьединавлъун хутIизеги вуго гьев Дагъистаналъул ва адабияталъул тарихалда. Аллагьас алжаналде тIовитIун ватайги.

XS
SM
MD
LG