МагъчIваялъе рес

Дербенталда рагьана Петр I-сул музей


24 июлалда Дербенталда рагьана Петр I-сесул музей. Гьеб базе Дагъистаналдаса олигарх Зиявудин МухIамадовасул «Сумма» компаниялъ хвезабун буго 200 гIан миллион гъурущ. Жеги гьеб музей шагьаралъухъеги кьун гьечIо компаниялъ, гьаб сагIат цадахъ хIалтIизабизе ракIалда бугин жидеда гьеб музейилан лъазабулеб буго «Суммаялъул» вакилзабаз. Гьеб тадбиралде Россиялдаса ва къватIисел пачалихъаздаса рачIарал гIалимзабаз лъазабуна, Петр I Дербенталде вачIун вукIараблъи гьеб хIакъикъияб тарихияб хIужа бугила, гьев вачIун вукIиналда щаклъулелги мекъал ругилан.

Рузман къоялъ Дербенталда рагьараб Петр I-сесул музей «Сумма» компаниялъ моцIгун бащадалда жаниб бан бахъинабуна. ЦохIо музей бай гурониги «Сумма»ялъ гьенир археологал ва тарихчагIиги ахIун рухъа-хъваялги гьарун руго. Гьел хIалтIабазтIа ва музей баялда кинабниги 200 миллионгIан гъурущ харж гьабун буго гьеб компаниялъ.

Гьеб музеялъулаб комплекс чанго бутIаялдасан гIуцIун буго. Аслияблъун гьезда гьоркьоб буго Петр I-ясул рукъ. КIудияб музеялъул мина, экспозициял гьарулеб кIиго батIияб рукъ ва батIи-батIиял тадбирал тIоритIизе шартIал чIезабураб кIудияб азбар. Музеялъул аслияб минаялда цебе буго Санкт-петербургалда Петрие лъураб монументалъул копия. Дунялалда ункъго гурони гьечIо гьединаб монумент.

Музей рагьулаго «Сумма» компаниялъул вакил Полина Филиповалъ лъазабуна жидее гьеб цохIо музейгIадин гуребги лъайкьеялъул ц, батIи-батIиял интересал ругел гIолохъаби данделъулеб, шагьаралъул маданияб центрлъун лъугьизе къваригIун бугилан. Гьенир чIобого батIи-батIиял мастер-классалги, экспозициялги тIоритIизе ругилан. Гьебго къоялъго тIобитIана музеялда лъималазда суратал рахъизе малъулеб тIоцебесеб мастер-класс.

Петр I-сесул рукъалъул гьаб сагIат цохIо кьучIги, гьелда тIад бугеб гьитIинабго къедги гурони хутIун гьечIо. ЦIороца сверунги къан, гьеб цIунун хутIизе хIалтIаби гьарун руго гьенир. Гьединго цIидасан къачIан, церего рукIаралгIадин гьарун руго I9 абилеб гIасруялда, гьеб къираласул рукъ биххичIого букIине гьелда тIад гьабун букIараб рукъалъул колоннаби.

Дербенталъул бечедал чагIаз бан букIун буго гьеб Петрица чIей гьабун букIараб бакI нахъе цIунун хутIизе букIине. Заманалдасан гIадамаз гIумру гьабизе лъугьун буго гьеб минаялъуб. Дагьал церегIан саназ тарихчагIазда батун буго гьеб рукъалъул I869 соналъ бахъараб сурат, гьелдасан мухIканго чIезабун буго гьеб бугеб бакI.

Ахираб къого соналъ Дербенталъул тарихалда тIад хIалтIулев вугев археолог, тарихиял гIелмабазул доктор ХIажиев МуртазгIалица бицана гьеб Петрил рукъалда тIад гьабураб минаялда тIад гIезегIан хIалтIи гьабун батанила бетIергьабаз, амма колоннабазе лъугьараб жо батичIила. Гьединлъидал тIоцебе букIарабго хIалалъ гIадин гьабунила гьеб мина гьанжегийилан.

Гьединго тарихчияс абуна Петр I-сес гIумру гьабун букIанин Дербенталдайилан абурал баяназда божуларого рукIунаанила цо-цо гIалимзаби, бицен гурони гьелъие нугIлъи гьабулеб жо гьечIила нахъе хутIунилан рукIанаанила гьел.

Гьединлъидал жидерги тIубан ракIчIун букIинчIила гьениб гIурусасул ханасул рукъалъул щибго хутIун батиялда, кьучIгIаги батагиян рукIанила. Хадубги кьучIдасаги борхатаб къедгиб батанила, гьенирго ратанила Петрил заманалъул каранда ралел хъанчал, гIарац, суркIа-щурун. ХIажиевасул рагIабазда рекъон I772 соналъул августалда вачIун вуго Петр I Дербенталде.

Гьеб мехалда шагьаралъул кIудияс гIумру гьабизе жиндихъего Нарын-хъалаялде ахIун вуго гьев, амма Петрица инкар гьабун буго ва жиндирго рагъухъаби ругел бакIалдаго чIун вуго. Гьеб мехалъ гьесул аскарияз къокъаб заманалда бан букIун буго къираласе гьеб гьитIинабго рукъ. Ралъдал рагIалда бан букIун буго гьеб, цойгидал бакIаздаги Петр I-сев кидаго ралъад бихьулеб, лъеде гIагараб бакIалда чIолев вукIун вуго кидаго. Гьединго МуртазгIали ХIажиевас абуна чан къо Петр I-сес Дербенталда барабали мухIканго лъалеб гьечIила.

Цо-цо бакIазда лъабго къо банилан хъван бугила цойгидал бакIазда кIиго анкьица вукIанин гьев шагьаралаайилан бихьизабулеб бугилан. Живго тарихчиясул пикруялда рекъон ханас лъабгоялдаса цIикIкIун къоял ран ратизе ккола Дербенталда, щай гурелъул лъабго къоялда жаниб Петрица Дербент кверде бачIинабизе ва гьелъул нухмалъиялъулгун рекъел хъван бажарулароанин рикIкIунеб буго гьес.

Тарихиял документазда рекъон Петр I-сесе Дербенталъул бетIерас жалго кверде рачIин бихьизабизелъун шагьаралъул аслияб кавудал кIулалцин кьун рукIун руго.

Гьеб тадбиралъулъ гIахьалъи гьабизе Россиялъул федералиял ва къватIисел пачалихъаздасаги кинавниги I00 гIан батIияв журналист вачIун вукIана. Гьединго музей рагьиялъулъу гIахьаллъана Санкт-Петербургалдаса, Москваялдаса, Таллиналдаса, Парижалдаса, Америкаялдаса бахъарал рачIарал тарихчагIаз, этнографаз, археологаз.

Гьезул гIемерисел рукIана Петр I ясул гIумру лъазабулел, гьесул музеял гIуцIулел, гьесул гIумруялъул хIакъалъулъ хъвадарулел чагIи. Гьезги киназгогIадин лъазабуна Дербенталде Петр I вачIун вукIин гьеб чIезабураб тарихияб хIужа бугилан. Гьев Дагъистаналде щвечIин абулел чагIиги мекъи ругилан.

Санкт-Петербуркалъул «Кунтскамера» музеялъул хIалтIухъан ва Петр I-сесул институталъул бетIер Александр Козубицаги «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда лъазабуна Петр I сев Дербенталде щун вукIараблъи бихьизабулел чанги жал ругила жеги-жеги жидер музеялда цIунунилан.

Александр Козуб: «Санкт-Петербургалъул рагъул ва яргъил тарихалъул музеялда Петр I мемориалияб рокъоб жеги цIунун буго Дербенталъул ханас гьесие кьун рукIарал шагьаралъул кIулал. Гьединго гIемерал документал руго гьев Дербенталде щвеялъулги гьес гьениб чанго къоялъ гIумру гьабун букIиналъуги бицунел. Цо-цо чагIи рукIана гаргалел Дербенталде щун вукIун ватаниги Петрица гьениб заман бан букIинчIин ва гьев хъош гIадаб рокъов гIумру гьабун вукIин щакаб жо бугилан.

Амма тарихалъ бихьизабулеб буго гIурусазул гьев къирал кутакалда гIадатияв чи вукIараблъи. Цойгидаб бакIалдаги жиндие кьурал хъулбиги тун гьев жиндирго рагъухъабазда аскIов чIолев вукIараблъи. Гьаб рукъ гьесул букIараблъи бихьизабулеб буго гьеб цIунун кидаго чанго аскарияв чIун вукIиналъ кIалтIа. Гьединго лъалеб жо буго Россиялъул императорал Александр лъабабилев ва Николай кIиабилев Дербенталде щваралго бищун цере кирениги щвечIого гьев Петрил рокъоре щвезе унел рукIараллъи.

Гьелъу хIакъалъулъ хъван буго чанги кагътаздаги, документаздаги. Гьединлъидал Петр Дербенталде вачIиналъул ва гьес гьаб бакIалда гIумру гьабун букIиналъул баян буго гьеб буго бищун сунданиги божуларел чагIазгицин дагIба базе рес гьечIеб тарихияб хIужа».

«Сумма» компаниялъул вакилзабаз лъазабуна жидеда Дербенталдаги дагъистаналъул цойгидал бакIаздаги жеги чанги маданиялгун тарихиял бакIал разеги, къачIазеги ракIалда бугилан. Гьеб Петр I-сесул музеялъеги хадубги къваригIарабщиналъе кумек гьабизе бугилан. Гьаб сагIат жеги гьеб музей Дербенталъул администрациялъухъе кьун гьечIо. \

XS
SM
MD
LG